Каспийск шагьаралда гIумру гьабун вугев пенсионер Мусаев Илясица гьарулеб буго: «Щугониги сон унеб буго дир къаси кьижизе кIоларого вугелдаса. Кьижизе кIунгутIиялъе букIунеб гIиллаялъул ва гьабизе бегьулеб жоялъул бицун, макъала хъвани, гIемерал чагIаз нужее баркала кьелаан», - абун.

Илясил гьари тIубазелъун, невролог ГIали АхIмадовасухъа ва интер­не­тал­даса щварал баяназул кьучIалда хъвана гьаб макъала.

Сомнология -

макьуялъул гIелму

ТIоцебе дунялалда макьуялъул хIакъалъулъ хасаб гIелму (сомнология) ургъарай гIадан ккола тохтур-физиолог Мария Манасеина. 1892 соналда къватIибе бачIана гьелъул макьил масъалабазул бицунеб тIехь. Жиндирго хIалбихьиязул кьу­чIалда гьелъ уяблъун гьабуна, чIа­го хутIиялъе, квандасаги макьу гIе­мерго кIвар цIикIкIараб букIин. Жин­дирго хIалбихьиязда гьелъ кьижизе риччалел рукIинчIо тарщал, ва макьу тараб щуго-анлъго къоялдасан гьел холел рукIана. Гьебго заманалда, кьижизе риччан, амма квен кьечIого тарал тарщаз 25 къоялъ гIумру гьабуна.

Макьу ккола нилъер гIумруялдаса батIа гьабизе бегьулареб, сахлъиялъеги, чорхол кеп-хIалалъеги, хIалтIизе бажариялъеги асар гьабулеб бутIа. Кьижизе байбихьуда макьу гъваридаб букIуна. Гьеб мехалда хьадарлъула бидул кьаби, къанагӀалъула хӀухьел цӀай, гӀодоре риччала ччорбал. Гьединго хьадарлъула гIадал- нахул хIалтIи ва чорхол цIа-кан. 1-1,5 сагIаталдасан гъваридаб макьу хисула хехаб, тIадагьаб макьуялъ. Гьеб мехалда хехлъула рекIел ва гьуъразул хIалтIи, цо-цо мехалъ кьижарав жувала гаргадизе. Гьеле гьеб мехалдайин кьижарасда макьаби рихьулел. ГIураб къадаралда кьижизе кIвечIони, чиясда кIоларо битIун хIалтIи гьабизе. Макьуялъул хIакъалъулъ гIемераб жо лъалеб бугониги, амма гӀелмуялъе гьеб жеги хутӀулеб буго кIудияб балъголъилъун. 

Макьуялъул хIакъалъулъ цо-цо баянал

1. Макьу ккола черхалъе цIакъ хӀажатаб жо. Макьу гьечӀони, инсанасда кӀоларо гӀадатияб къагӀидаялъ хӀалтӀизе, халатбахъараб заманалъ макьу гьечӀолъиялъ сахлъи загIип гьабула.

2. Гьоркьохъев чиясул гӀумруялъул лъабил бутӀа уна кьижун: гIага-шагарго 30 соналъул 10 сон.

3. Инсанасул черхалъе кьижизе къваригӀуна 5-20 минут. ВачIина­хъе­го кьижун ккей ккола халатбахъун макьу теялъул гӀаламат.

4. Кьижараб мехалъги гIадалнах хӀалтӀулеб букIуна, ай хӀухь­ба­хъиялда букIунаро. Гьелъ къоялъ щва­рал баянал ратӀа гьарула, ра­кӀал­да чӀей щула гьабула ва гормоназул баланс низамалде бачуна.

5. ЛъикIаб макьуялъ квербакъула черхол чIаголъи рукIалиде ккезабиялъе. Макьил заманалда басриял клеткаби цIиял клеткабаз хисула, щулалъизабула иммунияб гIуцIи ва низамалде бачуна гормонал лъугьин.

7. БатӀи-батӀияб ригьалъул гӀада­ма­зе макьу батӀи-батӀияб къадаралда хIажалъула. ГьитIичал кьижула къойида жанир 14-17 сагӀаталъ, гӀо­лохъабазе къваригӀуна гӀага-шагарго 8-10 сагӀат, чӀахӀиязе – 7-9 сагӀат.

8. Макьу гIечӀолъиялъ квешаб асар гьабула лъай босизе бугеб бажариялъе, загӀиплъула ракӀалда жо чӀей ва хӀукму къотӀи.

9. ГIемераб заманалъ макьу теялъ рачине бегьула рекӀел ва бидурихьазул, чакрил ва кьаралъиялъул унтаби тIатиналде. Гьединго черхалъе захIмалъула чакрил унтиялда ва бидул тIадецуялда хадуб халкквезе.

10. ГIемер кьижиялъулги букIине бегьула зарал. Сордо-къоялда жаниб ичIго сагӀаталдаса цӀикӀкӀун кьижулев вугони, цӀикӀкӀуна кеп-хIал гьечIого лъугьин ва тIатуна рекIел масъалаби.

11. Макьаби рихьулеб мехалда, макьабазда рекъарал рагъа-рачариял черхалъ такрар гьаричIого рукIине черх лъугьуна собо-годон. Гьеб ккола гIадалнах цӀуниялъе гьабулеб тадбир.

12. Макьаби рихьула киназдаго, амма киназдаго гуро гьел ракӀалда чӀолел. ГӀемерисеб макьу кӀочона бусадаса рахъун цо-кӀиго минут иналде.

13. Цо-цо чагIазда лъала жал кьижун рукӀин, рукIуна гIадамал жидерго макьуялда тӀад кверщел гьабизе кIолел.

14. Макьу гьечӀолъи ккола черхалъул цIакъ тIибитIараб гIадлу хвей. Гьеб букIине бегьула нерваби хвеялъул, ургъалабазул яги къойил низам цIуничIого теялъул хIасилалда.

15. Макьу тIуризабула кьижилалде цебе гаджетал хӀалтӀизариялъ. Экраназдаса бачӀунеб хъахӀилаб канлъиялъ гьукъула макьу щвеялъе квербакъулеб мелатонин абулеб гормон лъугьин.

16. Къойил зарядка гьабиялъ квербакъула хехго кьижизе ва лъикӀ­лъи­забула хӀухьбахъиялъул даража. Амма макьу тIуризабизе бегьула, кьижилалде цебе хӀалуцараб зарядка гьабуни.

17. БецӀаб бакӀалда кьижиялъ квербакъула черх лъикIго цӀи­лъиялъе. Канлъиялъ квалквал гьабула тӀабигӀияб куцалда мелатонин лъугьиналъе.

18. 20-30 минуталъ къад кьижиялъ цIикIкIинабула хӀалтӀул бажари ва лъикIлъизабула сунде бугониги пикру буссинаби. Амма, къад гIемер кьижани, къаси макьу щвечIого букIине бегьула.

20. ХӀайваназулги букӀуна макьуялъул хасаб къагӀида. Масала, гъанкъичӀого рукӀине гIоло дельфинал кьижула цояб берги рагьун, хӀанчӀазда кIола роржунаго кьижизе.

21. ГӀемер заманалъ кьижичIел гӀадамазда цере жал чIола ва гьезул бичӀчӀи хола.

22. Кьижараб мехалда, гӀодобе кко­ла чорхол цIа-кан. Гьеб ккола тӀа­би­гӀияб иш, ва гьелъ квербакъула чер­халъе хӀухьбахъиялъе ва сахлъи щула гьабиялъе.

23. Къаси гIемер рорчIиялъе ва рахъиналъе гӀиллалъун букӀине бегьула нервабазул жагъаллъи гуребги, санагӀат гьечӀеб къандалъо, рокъоб цIа-кан цIикIкIин яги гIемер кванай.

24. Щокърол ччорбал загIиплъидал кьижарав лъугьуна хъванхъвадизе, гьеб букӀине бегьула макьил заманалда хӀухьел цӀай чӀун хутӀулеб букIиналдалъун.

25. Цо ккураб заманалда вега-ва­хъунев вугони, лъикIаб макьу щола.

Макьу гьечIони…

Дунялалда тIад кьижизе кIунгу­тIия­лъ кIвекIулезул къадар 15 проценталде бахуна.

Кьижизе кIунгутIиялъ рачуна би­дул тIадецуй цIикIкIиналде, кьара­лъиялде, гормоназул гIадлу хвеялде, кваниде, хасго кьарияб кваниде гъира баялде, тIомол кьер ва куц-мухъ хвеялде.

ЛъикI кьижизе бокьани, мар­кIа­чIуда чай, кофе гьекъезе бегьуларо, инкар гьабизе ккола спирт гъорлъ бу­гел жалаздаса, бегьуларо цIикIкIун кваназе ва къад кьижизе.

Кьижилалде цебе, масала, маркIа­чIуда ина тира-сверизе яги цIалила тIехь, цIунила сордо-къоялъул низам, кьижиги рахъинги букIина цоккураб заманалда. Гьел тадбираз­даса хадубги кьижизе кIолеб гьечIони, тохтурасда дандги бан, хIалтIизарила макьу щвезабулел дараби

Макьилъ вахъун хьвади (лунатизм) ккола гъваридаб макьидаса чия­сул гIадалнах тIубан борчIун гье­чIолъиялъул гIаламат. Кьижарав чи вахъуна тахидаса ва, жиндаго лъачIого, кинал ругониги ишал гьарула. Амма ворчIидал, ккараб жо ракӀалда букӀунаро.

Щай гьедин кколеб?

ХӀисаб гьабе, жеги кьижун ру­кӀаго, батӀи-батӀияб заманалда гIа­далнахул цо-цо бутӀаби макьидаса «рорчIула»: цояз биччала черхалъул багъа-бачари, цогидаз тӀаде босула бичӀчӀиялъул ва ракӀалдещвеялъул жавабчилъи. Гьелъул хӀасилалда макьилъ вугев чиясда кӀола хьвадизе, ретӀел ретӀине, гӀадатияб хӀалтӀи гьабизе, амма гьесда жинцаго гьабулеб жо бичӀчӀуларо ва лъугьараб жо ракӀалда чӀоларо.

Гьелъие рукIунел гIиллаби

Ирсалъул рахъ, нерваби хвей ва цIакъ свакай, гIадлу-низам хвей, цо-цо унтаби, данде кколарел дараби хIалтIизари, кьижилалде кофеин, ни­котин хIалтIизаби.

Щиб гьабизе бегьулеб?

Макьилъ вахъун хьвади такрарлъулеб бугони, хитIаб гьабила невроласухъе яги психотерапевтасухъе.

Макьуялъул

хIакъалъулъ кицаби

Макьидаса бергьараб жо гьечIе­би­ла.

Макьие гурони вегизе ккогеги.

Макьу гьуинал беразда сардил халалъи лъалареб.

Макьу тарав тушман хадув ккогеги.

Макьу толеб жо - ургъел, гIадан то­леб жо - хиял.

Кьижарав чи – хварав чи.

Нури Нуриев