Къварилъи ккаразе хIалай ратулел
2012 соналдаса нахъе Москваялда хIалтIулеб буго «Мега-Дом» абураб захIматаб хIалалде ккарал гIадамазе кумек гьабиялъул мурадалда гIуцIараб рахIмуялъулаб фонд. Гьелъул президент ккола ЧIарада районалдаса Тажудин Исрапилов.
Фондалъ кумек гьабула захIматаб хIалалде ккарал гIадамазе: лъимал гIемерал хъизамазе, херал, хадуб хъулухъ гьабизе чи гьечIого хутIарал гIадамазе, инвалидазе: гьезие кьола гIарцул грантал, рокъоре щвезарула кванил нигIматал, ретIел, дараби ва гь.ц.
«Мега-Домалъ» гIумруялде рахъинарула социалиял проекталги. Масала, гIуцIула херал кваназарулел, гьел къад хьихьулел централ, ресукъал гIадамазда компьютер малъиялъул курсал, гьарула чиякъал гIадамазул ракIгъезабулел тадбирал.
РахIмуялъул тадбиразул цояблъун ккола СВОялда хварал нилъер рагъухъабазул хъизамазда кверчIвайги. Рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе, «Эбелалъул гьими» абураб халкъазда гьоркьосеб фондалъулгун цадахъал тадбирал гIуцIула «Мега-Домалъул» нухмалъулез. Рехсараб фондалъул учредительлъунги вуго Тажудин Исрапилов. Кумек гьабула Москваялда гуребги, тIолабго улкаялда гIумру гьабулел гIадамазе. Бесдаллъималазе тIоритIула байрамал, мастер-классал, концертал. Россиялъул цIиял регионазда гIумру гьабулезе квербакъула рагъулал лъугьа-бахъиназул хIасилалда минабаздаса махIрумлъаразе рукъзал разеги цIигьаризеги.
Гьединал социалиял проектал гIумруялде рахъинарула Дагъистаналъул мустахIикъай художник Шагьри ТахIнаевалъул нухмалъиялда гъоркь. Дагьалъ цебе «ХIакъикъаталъ» бицун букIана Дербенталдаги Хунзахъги тIоритIарал гьелъул суратазул выставкабазул хIакъалъулъ. Дербенталда церелъун рукIана тIабигIаталъулги, Дагъистаналъул мугIрузулги, ралъдалги рахъарал суратал. Хунзахъ рихьизаруна мугIрузул тIабигIаталъулги, сиязулгун росабазулги ва Кавказалъул къанагIатал хурдузулги рахъарал суратал. Буго Ш. ТахIнаевалъул «ПатIиматил нух» абураб проектги. Гьелда цолъизарун руго искусствоялъул кумекалдалъун Дагъистаналъул чIужугIаданалъул дунял рагьулел суратал. Гьеб выставка тIобитIана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Москваялъул №16 библиотекаялда.
БахIарзазул цIарал
даимлъизари
2025 соналъул сентябралда Мурманск областалъул ХIажиево шагьаралда рагьана Совет Союзалъул БахIарчи МухIамад ХIажиевасе бараб памятник. Гьеб рагьиялъеги квербакъана «Мега-Домалъ». Ракьцоясул цIар даимлъизабизе кколин абураб Т. Исрапиловасул пикруялъул рахъги ккун, «Дагъистаналъул патриотал» ЖамгIияб советалъги (гьелъулги президент ккола Т. Исрапилов), ХIажиевасул цIаралда бугеб фондалъги, «Мега-Домалъги» кIудияб хIалтIи гьабуна.
Дагъистаналъул маданияб нахърател цIуниялъул, гьеб цебетIезабиялъул ва машгьурлъизабиялъул мурадалда хIалтIи гьабула «Мега-Домалъ». Рехселин цо-цо тадбирал. Фондалъул хIаракаталдалъун Пачалихъияб Думаялда тIобитIана 1999 соналда Дагъистаналъул ополченцазул хIаракаталъул хIакъалъулъ бицараб дандеруссин.
Умумузул кьалбаздалъун ватIаналде рокьи куцай
«Дир умумузул кьалбал» абураб фондалъ санайил тIобитIула ТIолгороссиялъул конкурс. Рехсараб фондалъул генералияв директорлъун вуго Иван Кульнев, председательлъун – шахматазул рахъалъ дунялалъул чемпион, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Анатолий Карпов. Конкурсалъул мурад буго гIолилазе тарбия кьей ва хъизамалъул бухьенал щулалъизари. Т. Исрапилов дандчIвана гьеб фондалъул генералияв директоргун ва цебелъуна проекталдаги конкурсалдаги Дагъистаналъул цIалдохъабиги гIахьал гьариялъул масъала.
«Дир умумузул кьалбал» конкурс тIобитIула «Щулалъизабила хъизан – щулалъизабила Россия» абураб ахIиялда гъоркь. Гьенибе битIулеб проекталда цIалдохъабазги студентазги бихьизабизе ккола жидерго тухум-кьибилалъул гьабураб цIех-рех. Анкьумумузул цIаралги рехсон, хъвазе ккола щивас гьабулеб букIараб хIаракаталъул ва щварал шапакъатазул хIакъалъулъ баянал. Проекталда цадахъ лъезе ккола сураталгун документалги. Хъизамалъул хIакъалъулъ баянал ракIарулаго, гIолилаз лъазабула тухумалъулги, гIагараб ракьалъулги ва кIудияб улкаялъулги тарих, гьезулъ куцала ватIаналде рокьи, умумузул ишаздаса чIухIи. Конкурсалъул буго ункъо бутIа: школалъул, муниципалияб, регионалияб ва федералияб. Гьеб байбихьула сентябралда ва хIасилал гьарула маялда. 2026 соналъул байбихьуда гьелда гIахьаллъана улкаялъулго регионаздаса (гьезда гьоркьор – цIиял субъектаздасаги) 17 азаргоялдаса цIикIкIун цIалдохъангун студент.
2022 соналда рехсараб конкурсалда гIахьаллъана ва дипломазе мустахIикълъана Рутул районалъул Кини росдал школалъул цIалдохъаби. Исана февралалда гьелда гIахьаллъана Гъизляр шагьаралдасагун районалдаса ва Хасавюрт районалдаса 32 финалист. Гьезие шапакъатал кьезе Дагъистаналде рачIун рукIана проекталъул генералияв директор Иван Кульнев ва Анатолий Карповасул яс Софья.
Конкурсалъул буго ункъо номинация: «ВатIаналъул тарихалда дир хъизан», «Нижер хъизаналъул бахIарчи», «Нижер халкъалъул бахIарчи» ва «Дир хъизан – дир бечелъи». Конкурсалъул гIахьалчагIазе кьола дипломал ва бергьаразе –сайгъатал.
КIудияв шагIирасул
кумекалдалъун
Дагъистаналъул маданияб бечелъи цIуниялъеги гьеб машгьурлъизабиялъеги гIемераб хIалтIи гьабула фондалъ. Гьелъул хIаракаталдалъун Москваялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб №16 библиотекаялда, «Расуловские чтения» абураб цIаралда гъоркь гIуцIула поэзиялъул сардал. Гьенир цIалула гIурусги Дагъистаналъул халкъазулги мацIазда кучIдул. 2024 соналъул сентябралда рехсараб библиотекаялда рагьана «Расул ХIамзатовасул рукъ». Гьеб рагьиялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабуна «Мега-Домалъул» президент Т. Исрапиловасги Москва шагьаралъул администрациялъги. Гьенир тIоритIула Дагъистаналъул халкъазул мацIазда диктант хъваялъул тадбиралги. «Мега-Домалда» ва библиотекаялда цадахъ гьел гIуцIула «Дагъистаналъул патриотазул» жамгIияб советалъги. Исана сентябралдаги гьениб букIана «ХIамзатовасул къоял. ХъахIал къункъраби» абураб поэзиялъул сордо. Гьелда гIахьаллъана Т. Исрапилов, Ш. ТахIнаева ва шагIирасул вацасул вас ХIажи ХIамзатов.
ГIаммаб къагIидаялда абуни, «Мега-Домалъул» хIаракат буссинабун буго маданияб ирс цIуниялде, патриотал куцаялде ва Дагъистаналъул политикиялгун жамгIиял хIаракатчагIазул цIар даимлъизабиялде. Гьелъул мурадалда Т. Исрапиловас щулияб бухьен ккола жамгIиялгун (ХIамзатовасул, ХIажиевасул фондал) пачалихъиял идарабазулгун (Пачалихъияб Дума, ДРялъул Халкъияб Собрание, Москва шагьаралъул администрация). Москва областалда буго «От сердца к сердцу» абураб гIуцIи. «Мега-Домалъ» гьелъулгун цадахъалги гIуцIула тадбирал. Аслияб къагIидаялда гьел рукIуна лъимал-инвалидал хьихьулел хъизаназе яги гIолохъанал инвалидазе кумек гьабиялда хурхарал ишал.
Т. Исрапиловасул хIаракаталда хасаб бакI ккола «Наркотиказдаса цIунарал лъимал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIиялъ. Гьеб гIуцIиялъул аслияб мурад буго нилъер гIолеб гIел заралиял пишабаздаса рикIкIалъизари ва пайдаял ишазде машгъуллъизари.
Гьанир рехсана «Мега-Домалъ» тIоритIулел тадбирал. Гьел гIуцIизеги рахIмуялъул кумек гьабизеги хIажалъула гIарцулал сурсатал. Аслияб къагIидаялда меценатлъи гьабула Тажудин Исрапиловас: социалиял гьиназда нижеда ратана гьелъие нугIлъи гьабулел гIемерал хъвай-хъвагIаял. Аллагьас хадубккунги квербакъаги «Мега-Домалъул» хIаракаталъе.
Кавсарат Сулейманова