«Кида магIарухъе нахъруссинел нилъ»
Исана 7 ноябралда 60 сон тIубана Дагъистаналъул халкъияв шагIир, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул, Николай Рубцовасул цIаралда бугеб ТIолгороссиялъул премиялъул лауреат, дипломат, Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул кандидат, жамгIияв хIаракатчи, дир лъикIав гьудул МухIамад ХIамзаев гьавуралдаса. ШагIирасе дагьищ гьеб яги гIемерищ? Дир пикруялда, нилъер щивасе гьеб ккола гIакълуги цIубараб, аралъул хIисабги гьабулеб кIиабилеб гIолохъанлъилъун. ШагIирасейин абуни - гьесул шигIрабаз кIиабилеб хIухьел цIалеб талихIаб заман.
Ригь цIикIкIараб гьечIониги, нахъа тараб лъалкIалъул, гьарурал ишазул, тIурарал масъалабазул хIисаб гьабуни, гьел соназулъ буго гIумруялъулгун хIалтIул бечедаб тарих. Кинаб ишалда вугониги, МухIамад ХIамзаевас бихьизабуна жив хIалтIи лъалев, кигIан захIматалги суалал тIуразаризе хIадурав, ккаралъуб хIеренлъиги хIажаталъуб кьвариги бугев, кьураб рагIи кколев бусурбанчи вукIин.
Гьесул шигIраби даим гIолохъанго рукIине руго. Гьелда щибго щаклъиги гьечIо. ТIоцебесеб иргаялда, гьесул кучIдузда куркьбал гъуна магIарул кочIохъабазги. МухIамадил гIемерал кучIдул ахIула машгьурал кочIохъабаз. Щибаб кечI - ВатIаналъул букIинеселъул ургъелги, гIагараб миллаталъул къисматалъухъ бухIун тIолеб магIуги, гьелъул къимат гвангъизабураздаса бугеб чIухIиги. Гьеб лъабабго - бухIиги, магIуги, чIухIиги шигIрабазулъ цолъулеб гьечIони, халкъалда шагIир вичIчIизе гьечIо. Гьев миллатгун гьечIони, миллаталъ гьесие хъатги чIвазе гьечIо. М. ХIамзаевасул шигIрабазе хъат чIвана магIарулаз. Гьелъулъ буго шагIирасул талихIги - халкъалъ чIвалеб хъатил гьаракьалъ гьесул шигIраби адабияталъул тIадегIанал тIогьазде рахинарула.
ГIицIго магIарул миллаталъе гуребги, пайда цIикIкIараб хIалтIи гьабуна гьес Дагъистаналъул адабият цебетIезабиялъеги. Данде гьаруна Кавказалъул рагъул бахIарзазул бицунел тIахьал, цоги нухалда гьес нилъ рачана МухIамад аварагасул (с.гI.в.) гвангъараб гIумруялъул къисабазулъе ва Дагъистаналъул бечедаб тарихалъул гъасде. Гьеб ккола шагIирасул даимал сапаразул хIасиллъун. Рехсезин гьесул цо-цо тIахьазул цIаралги: «ЙорчIами, магIарулай», «ЧIумалги чIвабиги», «ЦIуне, Аллагь, Дагъистан», «Гьабищ доб ахир заман…». Гьединго гIурус мацIалдаги къватIибе бачIана кIиго тIехь - «Городские горцы», «Уходящее лето». ХIамзаевасул кучIдул гIурус мацIалде руссинаруна Яков Козловскияс, Юрий Кузнецовас, Иван Голубничияс, Михаил Синельниковас ва цогидазги.
МухIамадица хъвана чанго тIехь исламалъул ва Дагъистаналъул тарихалъул хIакъалъулъ: «МухIаммад авараг», «Аварагсул халифаби», «Ункъабго мазгьабалъул имамзаби», «СагIид Афанди шайих», «СагIадухIажиясул МухIамад Афанди» ва цогидалги.
Ахирал соназда гьес кIудияб кIвар кьолеб буго Шамил имамасул кагътазул цIех-рехалде ва гьел лъазариялде. КъватIире риччана «Имам Шамил», «Имам Шамилил лъималазул кагътал», «Имам Шамилил 500 кагъат» ва цогидалги тIахьал. 2021 соналъ Анкараялда къватIибе биччана турк мацIалде буссинабураб «Имам Шамил» абураб гьесул тIехь. 2024 соналда гьес данде гьабуна ва къватIибе биччана «Россиялъул бусурбабазул хIежалъул тарих» абураб тIехь. СагIудиязул ХIежалъул министерствоялъул тIалабалда рекъон, гьеб тIехь гIараб мацIалде буссинабуна ва 2025 соналда басмаялда бахъана. Исана къватIибе бачIана МухIамадил «Дагъистаниязул хIежалъул азаргосонилаб тарих» абураб гъваридаб ва щвалде щвараб цIех-рехалъулаб хIалтIи. Халкъалъ кIудияб адабалда къабул гьаруна МухIамадил киналго тIахьал. Гьесул асаразулъ нилъеда батула авторасул рухIияб бечелъиги иманалъул гучги.
Абизе ккола Россиялъул тарихалда жаниб киданиги ва лъицаниги гьанжелъизегIан кIвар кьечIел суалал рорханин ва рагIа-ракьанде щун тIуразарунин МухIамадица. Гьесул тIахьал гIасрабаз хутIила нилъер диналъеги гIагараб халкъалъеги рарал памятникаллъун, ва МухIамад ХIамзаевасул цIарги абадиялъего хвел гьечIеблъун лъугьина.
МухIамадица лъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Гьединго Москваялда лъугIизабуна МИДалъул Дипломатикияб академияги.
Гьале дунги цIидасан тIадвуссунев вуго шагIир ХIамзаевасухъе. Дида чIвалеб буго гьесул шигIрабазул хIухьел, гIагараб миллаталде гьесул бугеб гIишкъул асаралъ дунгоги асир гьавулев вуго. Гьесул шигIраби магIарул халкъгун цадахъ дора борхалъуда руго, щайгурелъул гьев божулев вуго гIагараб миллаталда.
ШагIирасул щибаб асаралъулъ бихьулеб буго росулъе нух гьесда киданиги къосине гьечIеблъи, гьев даим росдал васлъун хутIизе вукIин. «ЦIуне, Аллагь, Дагъистан» абураб ахIи хутIана шагIирасул шигIрабазул аслияб темалъунги. Амма гьесул пикрабазе рахIатги толеб гьечIо гIагараб миллаталда ругел рикьалабазги цо-цоязул хIалихьалъиялъ миллаталда лъолел сахлъуларел ругъназги:
Кин ругел, магIарулал,
МагIуялъ тарих хъварал,
МагIна рагIул гъваридал,
МегIер гIишкъул борхарал.
Яги:
Кида магIарухъе нахъруссинел нилъ,
Росдал годекIабахъ гIодор кIусизе,
ГIумрудул ригь араз угьун бицунеб
Илагьияб харбихъ халгьабун чIезе…
ЦохIо гьаб куплеталъулъгицин бихьулеб буго гIагараб росулъе гIедегIулел ругел гьесул пикрабазул гуч. Росдал годекIан кидаго букIана магIарулазе гIакълудал къулгIалъун. Гьенир щолаан гIолохъабазе гIумруялъул дарсал. ШагIир урхъун вуго гьел дарсазухъ. ГIолел гьечIо жакъа нилъее дол гIакъилал дарсал.
Ва циндаго росдал годекIаналъухъ бугеб урхъи сверулеб буго пашманлъиялде. Гьесул хIалхьи билулеб буго цо лахIзаталъ:
Шагьаралда гIурав магIарул васас
МагIарул мацIалда цIар абуларо.
Гьесул рокьи гьечIо дол кьурабазде,
Кьеларо гьес гIумру дол гIадатазухъ…
Ва цIидасанги гьесул шигIрабазулъе роцIен рещтIунеб буго магIарул шагIирзаби-классиказул асаразухъе гьоболлъухъе щведал. Гьез шагIир ахIулев вуго поэзиялъул гьелегьараб цIа гIадаб гъасде:
ГIали-хIажи щвана, МахIмуд вачIана,
ЧIанкIаца берцинго салам гьабуна,
Цо кинабалиго кечI цIалулаго,
ЦIадаса ХIамзатги тIаде гIунтIана…
Бихьулеб буго шагIир урхъун вугеб куц магIарул унго-унгояб кочIохъ. Гьелъул магIнаги ккола МухIамад ХIамзаев унго-унгоги халкъияв шагIир вукIин абураб.
«ТIогьиллъараб сурат» абураб гьаб кечIалъги дунгоги цIидасан тIадвуссинавуна тIогьолаб гIолохъанлъиялде. Гьеб цIалидал, щивав цIалдолесдаги живго ватизе вуго гьанив:
ТIогьиллъараб сурат дир столалда тIад -
Сабурго валагьун вуго дун гьелъухъ.
Гьенив гIодов чIарав цо гIолохъанчи,
Дида кивалиго дандчIварав гIадав…
ТIогьиллъараб сурат, соназул гIомо,
ГIодовеги виччан, бичулев вуго.
Риччаларищ тIокIалъ тIадруссине нилъ
ТIогьол махI бахъараб гIолохъанлъуде…
Умумузул некIсияб гъанситохъ чIалгIенгун чан нухалда нилъер пикраби рещтIунел дора магIарухъ. Гьел лахIзатал даим хутIула нилъер къисматалда гвангъарал накъищаллъун. РакIалде щола эбелалъул кинидахъкечIги инсул гIакъилал дарсалги. Цинги гьез нилъ реэдун толеб куц. Гьенир ратула нилъеда лъимерлъиялъул лъалкIалги гIолохъанлъиялъул гIанчIлъиги:
Гьавураб рокъобе нуцIа рагьигун,
Ургъелаз каранда каваби къала.
Къулула цIидасан соназ цIалтарав
ЦIатари дагьлъараб некIсияб гъасде…
РачIаха цо нухалданиги гIенеккизин росдахъ урхъарав шагIирасухъ. Гьаниб нилъеда батула васасухъ урхъарай эбелалъул ва согIал кьурабаз лъадарараб инсул тарбиялъул салам. Бихьулищ гIадатиял мухъазулъ бугебщинаб рокьиги хинлъиги магIаруллъиялде! Эбелалъ, щарги чIван, бахъараб нисдахъцин урхъарав шагIир.
Эбелалъ магIарухъа
Нису битIун бачIана,
Росулъа вукIин дида
РакIалде щвезецинищ?
Инсулги кагъаталда
Калам кьварун батана, -
Нилъерго кьурабаца
Кьурал дарсалцин гурищ?
Даим сапаразда вугониги, шагIир урхъунги чIалгIунги вукIунев вуго доба рикIкIада хутIараб магIарул гъанситоялъухъ. Масала, ГIиракъалда хIалтIулеб мехалда, гьесул пикрабаз роржен гьабулеб буго Бакълъухъе, гьитIинаб ВатIанилан абуниги, нилъее абадиялъго кIудияблъун бугеб ВатIаналде:
Рада-радал гъаримаб
Магърибалъул бакъалда
Бакълъухъе щванищилан
Щурун дун свакаларо.
Къаси-къаси гьогьомаб
Машрикъалъул гьорода
ГIашикълъун гьикъарула
Рокъосезул хIакъалъулъ…
Щивав шагIирасулго гIадин, М. ХIамзаевасулги рахIат хвезабулеб буго жакъа магIарул мацIалда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъги чIваднабазде сверарал ва сверизехъин ругел магIарул росабазги:
РачIа чIаго гьаризе
ЧIахIилъ хутIарал хурзал,
БачIин гьениса кунеб
БачIине гурин жаваб…
РачIа магIаруллъидал
МагIна борчIизабизе,
ГIун бачIунеб гIелалъе
ЧIаголъилъун букIине!
Киналлъунха рихьизе рокьун ругел шагIирасе цIияб гIелги хадусел наслабиги:
Дие бокьилаан кьурабалъ гIурав
МагIарул васасда ахIизе дир цIар.
ЦIваги цIаги гьесул гвангъун букIине,
ЦIунаги Аллагьас гьаб ракьалда гьев…
ХIамзаевасул рахIат хвезабулеб буго жакъа Дагъистаналда лъугьараб ахIвал-хIалалъ, нилъерго гIадат-гIамалги гIодобе рехун, гьанжесел наслаби лъилали лъалареб культураялда хадур иналъ. Ункъмухъилал кучIдуздалъун шагIирас нилъеда цебечIезабулеб буго жавакъасеб ахIвал-хIал ва метерисеб къоялъ нилъер халкъалъул букIинеселъул пикру гьабизе тIамулел руго гьадинал мухъаз:
ЧIинчIо бахъарасде ханжар бахъулел,
Хванищ дол гIадатал магIарулазул?
Кколарелъуб хъвараб килищ къотIулел
Киса щвелел гьанже бахIарзал нилъей?
ШагIирзабазул рукIуна цIалдолезе кьолел гIумруялъул дарсалги. Руго гьел МухIамадилги. Нилъеда гьел ратула шагIирасул ункъмухъилал кучIдузулъ:
Нилъер вукIаниги, чиярин ккарав
Чан чиха вукIунев ракIбакъваялъе.
Чияр вугониги, нилъерин ккарас
Квер бегьула бищун хIажатаб къоялъ.
* * *
КIудиял гIунагIан, гьитIинаб мехалъ
Хириял бакIазде ракI тIамулеб куц.
ГIадамал лъанагIан, гIумру анагIан,
ГIагараб росулъе буссунеб хиял.
Ахирал соназда басмаялда рахъулел М. ХIамзаевасул тIахьаз бицуна гьесул гьунаралъул борхалъиялъулги гъварилъиялъулги хIакъалъулъ. Гьесул тIахьал руго магIарулазул гIумруялъул дандерижилъун, гIадамазул рохелги къварилъиги гIахьал гьабулеб матIулъун, нилъер халкъалъул рукIа-рахъинги хьвада-чIвадиги борцунеб ва гьелъул бицунеб хIакъикъатлъун.
МухIамадил кучIдул руссинарун руго Дагъистаналъул халкъазул, гIурус, башкир, гуржи, гIараб, турк, ингилис мацIаздеги. Гьединго ХIамзаевас жинцагоги магIарул мацIалде руссинаруна В. Набоковасул, А. Блокил, Д. Румил, ХIафизил, ГIумар Хаямил асарал.
Рикъзи цIикIкIанагIан, гIемер ахIдола
Дунялалъул гIабдал: дунго дунилан.
Амма бищун инсан тохлъараб мехалъ,
Хвел горда кIетIола: дунго дунилан.
* * *
Воре, магIна гьечIеб рагIи бицунге,
РагIанщинаб дуда уянги ккоге.
ГIундул кIиго руго, мацI цохIо буго,
ЦоцIул кIалъалалде, кIицIул гIенекке!
(ГIумар Хаям)
Дагъистаниязда МухIамад лъала тIаде босараб иш ракIбацIцIадго гьабулев, рагIи билълъарав ва кIвахI лъаларев жамгIияв хIаракатчи хIисабалдаги. Хасго гьесул гьеб хасият загьирлъана хIеж тIобитIиялъул нухмалъулевлъун хIалтIулеб мехалъ. Гьеб хIалтIи гьес бачана жиндиего хасиятаб бажаригун, ритIухълъиялда ва жавабчилъиялда.
ГIагараб росдаеги МухIамадица гьаруна гIемерал лъикIал хIалтIаби. Гьеб кинабго МухIамадица гьабула киридахъ, Аллагьасе гIоло.
ШагIир, хъвадарухъан, гIалимчи, публицист М. ХIамзаевасул пагьму-гьунаралъе ва намус бацIцIадаб хIалтIуе тIадегIанаб къимат кьуна пачалихъалъги. Гьев ккола Россиялъул Журналистазул союзалъул член (1989), Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член (1999), Дагъистан Республикаялъул Пачалихъияб премиялъул лауреат (2004), Николай Рубцовасул цIаралда бугеб ТIолгороссиялъул литературияб премиялъул лауреат (2006). МухIамад ХIамзаев мустахIикълъана имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб фондалъул меседил медалалъе (2008).
ХIамзаев мустахIикъав вуго жеги гIемерал тIадегIанал шапакъатазе. Амма бищунго тIадегIанаб шапакъат гьесие ккола магIарулаз гьесул гьабулеб адабги хIурматги.
РакIбацIцIадго, гъираялда, таваккалго хъулухъ гьабулеб буго МухIамадица гIагараб халкъалъе. Жиндиего хасиятаб къагIидаялъ, рагIул магIнаялъул гъварилъиги цIунун, ракIунтун хъвалеб буго гьес араб заманалъулги, бугелъулги, букIинеселъулги хIакъалъулъ. Гьесул асаразулъ нилъеда батуларо рихьдае хъвараб цониги рагIи. ЗахIматаб шигIрияб сухъмахънух нахъа толаго, гьев киданиги чучлъичIо, чарлъичIо, хIинкъичIо, нахъе къачIо, гьев кидаго вуго гIагараб миллатгун. Халкъалъул рохелги, унтиги, пашманлъиги гIахьал гьабулаго, церехун галаби росулел руго Халкъияв шагIирас. Аллагьас гIемерал талихIал сонал насиб гьарун ратаги дуе, Бакълъухъа МухIамад ХIамзаев!
МухIамадов МухIамад Ибрагьимович, филологиял гIелмабазул доктор, профессор