Инсанасул хъантӀи

14 августалда, къаси анцIго тIубазе 20 минут хутIараб гIадаб заманалда, «Астрахань-МахӀачхъала» шагьранухда, ЦӀияб Кули росдада гӀагарлъухъ бугеб техстанциялда цIа рекIана. Гьелъул тIираби щвана гьелда аскIобго букIараб складалде. Гьенибин абуни букIун буго чанго анцI-анцI тонна амиачнияб силитраялъул, ай удобрениялъул. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб бичулеб букIун буго теплицабазул хважаинзабазе. Селитра кьвагьана ва цIа рекIана шагьранух бахун цояб рахъалда букIараб АЗСалдаги.

Дагъистаналдаго ватиларо балагь рещтӀараб сордо парахатго борчӀарав чи. Сапаралда гӀемерав чи вукӀунеб заман, Украинаялъул цӀадул коронир гӀолохъаби рукӀиналъ, гьадингоги рекӀее гьечӀеб хӀалхьи жеги хӀалуцинабуна гьеб пашманаб хабаралъ. Къварилъи ккеялъул хӀакъалъулъ официалиял идарабазухъе баян щвелалдего, гьеб бакӀалда рукӀарал дагъистанияз хӀалбихьана жидехъа бажарараб кумек гьабизе. Гьелъие нугӀлъи гьабулел видеороликал дагьал гьечӀо социалиял гьиназдаги телеграмм-каналаздаги. КигӀан захӀматаб хӀалалде живго кканиги, Аллагьас къуват кьолеб буго нилъер гӀадамазе, ракӀ къвакӀизабулеб буго ва гӀумруялъе бугеб хӀинкъиялъухъ балагьичӀого, цогидав чиясе хӀалае вахъине. Аллагьас гьединал
бахӀарзал камун тогеги нилъ.
Пашманаб къварилъи ккараб бакӀалде щвана ДРялъул бетӀер Сергей Меликов, хӀукуматалъул председатель ГӀабдулмуслим ГӀаб дулмуслимов, РФялъул МЧСа лъул ДРялда бугеб Управлениялъул начальник Нариман КазиахӀмадов. Гьез халгьабуна гьениб бугеб ахӀвал-хӀалалъухъ.

Гьеб къварилъиялда бан, ДРялъул бетӀер Сергей Меликовас гьадинаб хитӀаб гьабуна халкъалде.

ХIурматиял дагъистаниял! 2023 соналъул 14 августалда «Астрахань-МахӀачхъала» шагьранухда аскIоб, ЦӀияб Кули росдада гӀагарлъухъ бугеб кьвагьи бахъана. Гьелъие гӀиллалъун ккана гьелда аскӀоб бугеб машинаби къачӀалеб станциялда цӀа рекӀин. Руго хваралги лъукъа-къотӀаралги. Гьеб бакIалде щварал МЧСалъул хӀалтӀухъабаз бахӀарчияб иш гьабуна. Гьезул хӀаракаталдалъун гӀемерав чи хвасарлъана ва цӀа тариялъул цIурал къалал кьвагьиялдаса цӀунана. Гьел кьвагьаралани, нилъеде бачӀараб балагьалъул пашманаб хӀасил гӀемерго цӀикӀкӀинаан. Тохтурзабазул къокъабазги, психологазги, цогидал махщелчагӀазги гьабулеб буго жидехъа бажарарабщинаб. ТӀуразаризе руго социалиял масъалабиги. ХӀажатаб кумек заманалда гьабеян тӀадкъана. ГьабсагӀаталда цӀех-рех гьабулеб буго къварилъи ккеялъе ругел гӀиллабазул. Низам цӀунулел идарабаз тӀобитӀулеб буго халгьаби. Гьелъул хӀасилалда дагъистаниязул гӀумруялъе хӀинкъи гьечӀолъиги цӀуниялъе тадбирал гьаризе руго. Хасаб баркала кьола дица вацлъиялъулаб Чачан Республикаялъе: гьенисан МахӀачхъалаялъул больницабазде ритӀун рачӀана къварилъи ккаразе кумек гьабизе бажари бугел тохтурзабазул къокъаби. КӀудияб пашманлъигун зигара балеб буго дица гьеб балагьалъул хӀасилалда гӀага-божарал хварал гӀадамазда. РакӀ-ракӀалъ абулеб буго: гьеб буго дирги пашманлъи. Дагъистаналъул тӀолабго халкъалъ нужер ургъел бащад бикьулеб буго. Аллагьас нужее сабруги, къвакӀиги, яхӀги кьеги, гьеб къварилъи баччизе.

Гьединабго зигара бана ДРялъул хӀукуматалъул председатель ГӀ. ГӀабдулмуслимовасги: «Нолъ ккараб къваридаб лъугьабахъиналъ рахӀатхвезабуна республикаялъул тӀолабго халкъалъул. Гьеб кьвагьиялъ иргадулаб нухалда нилъеда, тӀоцебесеб иргаялда, республикаялъе нухмалъи гьабулел идарабазда бихьизабуна гьединал бакӀал ралеб мехалда гӀумруялъе хӀинкъи гьечӀолъи цӀуниялде кӀвар кьолеб гьечӀолъи. Къварилъи ккеялъе кинаб гӀилла букӀун батаниги, гьеб чӀезабиялда тӀад гьабсагӀаталда хӀалтӀулел руго тӀадал идарабазул хъулухъал. ДРялъул бетӀер Сергей Алимовичасул тӀадкъаялда рекъон, хваразул хъизамазеги къварилъи ккарав щивав чиясеги гӀарцулаб кумек гьабизе
буго ДРялъул Нахъраталил фондалдаса. Гьеб буго къварилъи ккарал гӀадамазе нилъехъа гьабун бажарулеб бищун дагьаб жо. ТӀолабго сордо-къоялъ нижеца хӀисаб гьабулеб буго гьениса рачӀунел баяназул. Баркала буго власталъул идарабазеги, тохтурзабазеги, спасателазеги, жидеего бокьун кумекалъе рахъа рал дагъистаниязеги. Нолъ цоги нухалда нижеда бихьана Дагъистаналъул цолъи-гъунки. Гъаридаб пашманлъигун зигара бала дица хваразул гӀагарлъиялда. Гьеб балагьаб лъугьа-бахъин ккола нилъер киназулги ракӀунтизабураб иш».

Къварилъи ккараб бакӀалдеги щун, бугеб ахӀвал-хӀалалъул хӀисабги гьабун, республикаялъул нухмалъиялъ 15 август лъазабуна Пашманлъиялъул къолъун. Гьебго къоялъ С. Меликовас тӀобитӀана Оперативияб штабалъул данделъиги. Гьениб бицана ЦӀияб Кули росдада гӀагарлъухъ ккараб балагьаб лъугьа-бахъиналъул хӀасилал гьариялъул хӀакъалъулъ. Оперативиял баяназда рекъон, гьениб къварилъи ккана 102 чиясе. Гьезда гьоркьоса 35 чи хвана – гьезда гьоркьоб буго лъабго лъимерги. Регионалъул бетӀерас цоги нухалда зигара бана хваразул гӀагарлъиялда ва чӀаго хутӀаразе сахлъи гьарана. Гьес абуна, Дагъистаналда 15 август Пашманлъиялъул къолъун лъазабун бугиланги.
Регионалияб МЧСалъул нухмалъулев Нариман КазиахӀмадовас абуна, байбихьуда гьенив жидер хъулухъалъул 260 чиги 80 машинаги букӀанин ва жакъа 70 спасательги пожарникги жеги хӀалтӀулел ругин кьвагьи ккараб бакӀалда. Гьезда цадахъ руго гьабигун кинологалги. ГӀадамазе ккараб заралалъул хIисаб гьабулеб буго. ГьабсагӀаталда
зарал ккараблъун рикӀкӀун буго щунусгоялдаса цӀикӀкӀун мина. Жагъаллъун буго ичӀтӀалаяб минаялъулги «Меридиан» абураб отелалъулги тӀохал ва гъурун руго гьезул гордазул цӀурдул. ТӀубанго биххун буго техникияб центрги. Гьединаб зарал ккарал бакӀазухъ халгьабулеб буго жеги. Къварилъи ккарал муниципалитетазда гӀуцӀун руго оперативиял штабал. Тахшагьаралъул нухмалъиялда Сергей Меликовас лъазабуна, заправкаялда гӀагарлъухъ гӀумру гьабулел гӀадамазулги минабазухъги халгьабеян абун. «Халгьабизе ккола щибаб рукъалъухъ, щибаб минаялъухъ», — ан абуна гьес. ДРялъул Сахлъи цӀуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 15 августалъул сагӀат микьгоялде
больницабазда вукӀана 65 чи (гьезда гьоркьоб – 13 лъимер). Гьел руго шагьаралъул №1 ва №2 больницабазда, Республикаялъул клиникияб больницаялда, Республикаялъул ортопедиябгун травмотологияб централда, Республикаялъул лъималазул клиникияб больницаялда. Гьенирго рагьун руго психологияб кумекалъул централги. Гьелде тӀадеги, МахӀачхъалаялде бачӀана РФялъул МЧСалъул самолет. Гьелда тӀад руго медицинаялъул кумекалъе хӀажатал гьанжезаманалъул алатал. ЗахӀматал ругънал щварал гӀадамал ритӀизе руго Москваялъул хасал клиникиял центразде. Гьезда цадахъ самолеталда рукӀине руго «Центроспасалъул» тохтурзабиги, Россиялъул МЧСалъул психологалги, РФялъул Сахлъи цӀуниялъул махщелчагӀиги. Тарихазул министерствоялда регионалъул бетӀерас тӀадкъана «горячая линия» рагьеян абун. Гьеб номералдеги кӀалъан, лъазабизе бегьула къварилъи ккарав кив вугевалиги, гьесие кинаб кумек ва киб гьабулеб бугебалиги. Данделъи ахиралде щвелалдего, бицана «горячая линиялъул» телефонги – 98-90-81.

Балагьаб лъугьа-бахъиналда хваразул хъизамазе республикая лъул Нахъраталил фондалдаса кьезе бу го цо миллион гъурущ. ЗахӀматго лъукъа-къотӀарав чиясе – 400 азарго ва
сахлъиялъе дагьабго зарал ккарав чиясе – 200 азарго гъурущ. Гьелде тӀадеги, С. Меликовас муниципалитетазул бутӀрузда абуна,
хварал рукъиялъе кумек гьабеян абун. «Гьарула, гӀицӀго кумек гьабун чӀоге, хварал рукъиялъул тадбирги тӀаде босе. Нилъ руго цо халкъ, цо хъизам. РачӀа гьеб къварилъи щивас
жиндирго ургъеллъун къабул гьабизе. Кутакалда гьарула, гӀагарлъиялъе сундулъго кумек гьабе», — ян абуна гьес. Муниципалитетазул бутӀрузда гьес лъазабуна, муфтияталъулгун бу хьенги гьабун, мажгитазда тадбирал гьаризареян абун. Федералияб Собраниялъул сенаторалги Пачалихъияб Думаялда ругел депутатал-дагъистаниялги кумекалъе рахъиналде хьул бугинги бицана регионалъул бетӀерас.

Къварилъи ккараб бакӀалда гьабсагӀаталда хӀалтӀулеб буго ЦӀехрехалъул комитеталъул оперативияб къокъа. «Гьаб балагь ккеялъе гӀилла буго инсанасул хъантӀи. ГӀемераб
гӀарац щвеялъул мурадалда хӀалтӀи гӀуцӀулев чияс хӀисаб гьабуларо цогидал гӀадамазе ккезе бегьулеб къварилъиялъул. Гьедин нилъеца нилъерго квералъ гӀуцӀула гьадинал
балагьал рещтӀиналъе квербакъулел шартӀал», — ан абуна Сергей Меликовас. Регионалъул бетӀерасул пикру битӀараб буго. МахӀачхъалаялъул аслиял къватӀаздасан унаго, гьезул
кӀиябго рахъалда цоцада цвизарун ран руго заправкаби. Гьезул цонигияб кьвагьани, ккезе бугеб балагьалъул хӀисаб гьабизецин хIинкъулей йиго. Байбихьуда кинабалиго заправка кьвагьун бугин бицунеб букIиндал ва гьанжеги цо-цояз гьеб балагь ккеялъе гIайибияблъун АЗС рикIкIунеб бугелъул, нижеца бухьен ккуна Дагъистаналъул АЗСазул ассоциациялъул нухмалъулев, Гъуниб районалъул КӀуяда росулъа Юсуп ЧӀарабураевасулгун. «Дун щвана къварилъи ккараб бакӀалде. БитӀахъего ракӀ кьвагьулеб хӀал букӀана дирги гьенир хӀалтӀулел рукӀарал батӀи-батӀиял идарабазул вакилзабазулги. Дие гӀемер суалал кьуна СКялъулги, МЧСалъулги, полициялъулги хӀалтӀухъабаз. Баркала буго гьезие – сабурго, рагӀа-ракьанде щун, мухӀканго гьабулеб букӀана гьез жидерго хӀалтӀи. Аслияб мурад букӀана къварилъи ккеялъе гӀилла  чӀезаби. Цадахъаб хӀаракаталдалъун
гьебги чӀезабуна. «Nafta24» АЗСалда ругел нартилги газалъулги къалазул цонигиялъе зарал ккун гьечӀо, ай заправка кьвагьанин абураб жо гьереси буго. Дица
халгьабуна кьвагьиялъул хӀасилалда шагьранух бахун добехун лъугьараб гвендалъухъ. Гьениб бахъун буго кьвагьи. ЦӀех-рехалъул комитеталъул следователаз жакъа къоялде
гьабураб цебеккунисеб хӀасил гьадинаб буго: 14 августалда машинаби къачӀалеб техникияб станциялда цӀа рекӀана. Хадубккун гьеб рекIана аскӀоб букӀараб цогидаб минаялда.
Цереккунисел баяназда рекъон, гьениб цӀунун букӀун буго бигьаго цӀа рекӀунеб удобрение. Гьелда пирхараб цӀаялъ ккезабун буго гьеб балагьги. Бокьилаан дагъистаниязде хитӀаб гьабизеги. Гьарула, хӀурматиял ракьцоял, хӀужа-далил лъачӀого, хӀасилал гьаризе гӀедегӀуге. Щивасда лъазе ккола жиндаго тӀад бугеб жавабчилъи ва гьабулеб ишалъулъ кьочӀое босизе ккола гӀадамазул парахалъи. РачӀа сабру гьабизе ва кьучӀ гьечӀел гьерсал тӀиритӀизаричӀого тезе», — ян бицана гьес . РакӀалда буго, микьабилеб классалда цӀалулаго, тӀоцебесеб нухалда тахшагьаралде гьабураб сапар. МахӀачхъалаялде ниж щвана рогьалилъ. Доб заманалда Троллейбусазул «кольцо» рикӀкӀунаан шагьаралъул цояб рагӀаллъун. Гьелдасаги гӀезегӀанго эхедегӀан чӀезабуна шоферас машина. Гьениб батана бензин тӀезе рачӀарал машинабазул халатаб читӀир. Райкомалъул тӀоцевесев секретарьги, школалъул директорги, цогидал нухмалъулелги рекӀараб машина гьениб чӀана лъабгоялдаса цӀикӀкӀун сагӀаталъ, ирга щоларого. Бензинги кьолаан хасаб книжкаялда рекъон (лимитка). Дун хӀикмалъун йикӀана хӀакимзабазул сабурлъиялда гуребги, шагьаралда жанирго заправкаби гьечӀолъиялдаги. Унго-унголъунги, цебе, ай советияб улкаялъ инсанасул тӀалаб гьабулеб букӀун буго!

 

Кавсарат Сулейманова