«ХъахIал къункърабазе» - 40 сон
6-10 сентябралда Дагъистаналда тIобитIана «ХъахIал къункъраби» фестиваль. Исана 40-абилеб нухалда тIобитIана гьеб республикаялда.
Дагъистаналъул шагьараздагун районазда, аслияб къагIидаялъ МахIачхъалаялда, Дербенталда, Гъуниб ва Хунзахъ районазда тIоритIана Расул ХIамзатовасул «ХъахIал къункърабазул» фестивалалда хурхун батIи-батIиял тадбирал. Гьелда гIахьаллъизе республикаялде рачIун рукIана Россиялъул 40 регионалдаса ва къватIисел пачалихъаздаса адабияталъул хIаракатчагIи, Хъвадарухъабазул союзазул вакилзаби.
Дагъистаналъул халкъияв поэт гьавураб къоялъул хIурматалда, республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Фёдор Щукин, хIукуматалъул нухмалъулев МухIамад Рамазанов, хъвадарухъаби, Расулил яс СалихIат ХIамзатова щвана шагIирасул хабаде. Гьенир тIугьдулги лъун, лъикIал рагIабаздалъун, ракIалде щвезавуна дунялалдаго машгьурав шагIир.
Гьелдаса хадуб республикаялъул тIалъиялъул нухмалъулел щвана Расул ХIамзатовасул рокъореги. Гьениб букIахъе цIунун буго шагIирасул кабинет, кьижулеб рукъ, зал ва библиотека. Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралесулгун гьениб дандчIвай гьабуна шагIирасул яс СалихIат ХIамзатовалъ. Фёдор Щукиние гьелъ сайгъат гьабуна инсул хIакъалъулъ тIехьги.
«Гьаб буго гIадатияб мина гуреб, доб заманалъул хасият бихьизабулеб, унго-унгояб музей. Гьанире щвана улкаялдаса ва къватIисел пачалихъалдаса аза-азар чи», - ян абуна гьоболлъиялъухъ баркала кьолаго Федор Щукиница.
Машгьурав ракьцоясул ирс цIунизе хIажатаб квербакъи гьабизе бугинги абуна гьес СалихIатилгун букIараб гара-чIвариялда.
Митинг
Тахшагьаралда, «ХъахIал къункърабазул къоял» абураб фестивалалде, рагъухъанасул памятникалда цебе ВатIан цIунулезул хIурматалда митинг тIобитIана.
Расул ХIамзатовасул «Къункъраби» абураб кочIол бакъаналда гъоркь памятникалда цере лъуна тIугьдул.
Тадбир рагьана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулесул заместитель Муслим Телякавовас. Гьес бицана фестиваль тIобитIиялъул, ВатIан цIунулел ракIалдещвеялъул гIаламатлъун гьеб лъугьиналъул тарихалъул хIакъалъулъ.
Тадбиралда гIахьаллъана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул жавабияв секретарь Николай Ивановги.

Маданият
Россиялъул халкъазул мацIазул къоялде «Дир хъизам - Россия» абураб гала-концертги тIобитIана ГIурус театралда цебе, Расул ХIамзатовасул памятникалда гIагарлъухъ. Гьенир церерахъана республикаялъул ва улкаялъул батIи-батIиял регионазул творческиял коллективал.
Басмаялъул иш ва маданияталда хурхарал проектал
РФялъул культураялъул министрасул заместитель Жанна Алексеевалъулгун букараб дандчIваялда ДРялъул бетIер Федор Щукиница абуна Дагъистаналда цебетIезабизе бугин басмабазул хIалтIи ва маданияталда хурхарал проектал.
Культураялъул министрасул заместителалъ баркала кьуна улкаялъул халкъазул рахьдал мацIазул къоялде республикаялда кьолеб бугеб кIваралъухъ.
«ГIадада гуро президентас Расул ХIамзатов гьавураб къоялда бан гьеб байрам тIобитIизе хIукму гьабураб. Байрамалъулаб тадбиралде рачIун руго 40-ялдасаги цIикIкIун шагIиргун хъвадарухъан. Гьаб байрамалъ цоги нухалда ракIалде щвезабула нилъер улка батIи-батIияб маданиятазул рахъаздалъун цогидазда релълъинчIеблъун букIин», - ан абуна гьелъ.
Расулил хIакъалъулъ фильм
Расул ХIамзатов гьавураб къоялде МахIачхъалаялда, Синема Холл кинотеатралда RT Arabik телеканалалъ бихьизабуна «В поисках Расула» абураб документалияб фильм.
Фильм бахъун буго гIараб мацIалда, чанго батIияб улкаялда. Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ бицунеб буго гьесул ясаз, пишацояз. ГIицIго биография гуребги, фильмалъулъ рихьизарулел руго шагIирас сапарал гьарулел рукIарал бакIал. ХIаракат бахъун буго гьесул рекIел асар ва гIагараб ракьалъулгун бухьен бихьизабизе. Гьесул асарал цIалулел руго магIарул мацIалда. Фильмалда тIад хIалтIана халкъазда гьоркьосеб команда: режиссер - Карим Нагуиб, сценарист – Аниса Гордина-Мурад. Карим Нагуиб ккола Лондоналъул киноакадемиялъул выпускник.
Гьединго гьезул цадахъаб хIалтIилъун ккола СССРалъулги Египеталъулги дипломатикиял бухьеназул 80 сон тIубалда бан бахъараб «ТIадруссин», Россиялъулгун гIусманиязул империялъул гьудуллъиялъул хIакъалъулъ «Ханжар» ва «Земля Ладана» абурал фильмал.
Москваялда
Расул ХIамзатов гьавураб къоялде, Москваялда, гьесул памятникалъухъ ракIалдещвеялъулаб тадбир тIобитIана. Тадбиралда гIахьаллъана Россиялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул кидагосеб вакиллъиялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Руслан Нагиев, шагIирасул гIагарлъи, тахшагьаралда гIумру гьабун ругел дагъистаниял ва Расул ХIамзатовасул творчество бокьулел москваялъулал.
Руслан Нагиевас ракIалде щвезаруна шагIирасул гIумруялъул ва творчествоялъул лахIзатал. Тадбиралъул гIахьалчагIаз цIалана гьесул кучIдул ва ахиралда «Къункъраби» кечIги ахIана.
«Дагъистаналъул патриотал» жамгIияб гIуцIиялъги Москваялда Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялда данде гьаруна шагIирасул творчество бокьулелги ракьцоялги. Гьуинаб хабар-кIалалда рукIаго, гьез рикIкIана Расулил кучIдул, ракIалде щвезаруна шагIирасулгун рукIарал дандчIдаял.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА