
Бечедаб буго имамзабазулги, шагӀирзабазулги, къанагӀатаб махщел кодосел устарзабазулги ватӀанлъун кколеб, 1935 соналда гIуцIараб Унсоколо районалъул тарих. Цебе райцентр букӀана Унсоколо. 2016 соналда районалъул администрация гочана Шамилхъала поселокалде. Гьебин абуни ккола республикаялда цого-цо бугеб «магӀарухъ шагьар».
ЦIакъ бечедаб тарих бугел росабиги руго районалда. Масала, ГьаракӀуни ккола ГъазимухӀамад ва Шамил имамзабазул мугӀалимлъун вукӀарав СагӀидил ватӀан. Росдада гӀагарлъухъ буго машгьураб ГьерекӀдерил кӀкӀал — кьурабазда гьоркьосан тӀабигӀаталъ бахъараб гъваридаб къварилъи. Машгьурлъун буго росурагӀалда бугеб «Эленил кьуруги» — вокьулесе кьезе инкар гьабидал, кӀкӀалахъе кӀанцӀун хвел босарай берцинай Эленил цӀар щвараб бакӀ.
АваргӀурул квегӀаб рагӀалда буго Шамил имамасул наиб Мусал ватӀан — Балахьуни. Сверухъ ругел мугӀрузда рикь-рикьун руго ХарачӀи, МокӀсохъ, ЦӀатӀанихъ, Бекьилъ, ХъахӀабросу, ИштӀибури ва Колоб росаби. Гъойсубоялъул аскаргун Гуржиялде чабхъенал гьарурав XVIII гӀасруялъул бодул цевехъан рекъав Ражбадинил ватӀан ккола ХарачӀи.
Унсоколо росдада тӀаде балагьун буго бекьдерил габурлъи. Гьелъул расалъиялда буго кӀиго росу — Бекьилъ ва ХъахӀабросо. 1873 соналда ХъахӀабросулъ гьавуна МахӀмуд. МахӀмудилги Бекьилъа Муилги «бицадуй хутӀараб» къиса рагӀичӀев магӀарулавги ватиларо. ГӀурусазул шагӀир Н. Тихоновас гьесда абуна «Кавказалъул Блокилан».
ХъахӀабросдал ТагӀанлъуб авалалъул рагӀалдаса балагьани, хъатиниб лъураб гӀадин бихьула ГӀашилтӀа росуги, Щулалъул гохӀги, АхӀулгохӀги. Гьеб ккола Шамил имамасул эбел Баху-Меседол ватӀанги, Имаматалъул тахшагьаразул цоябги, гӀурус аскаралда данде къеркьолаго загьирлъараб бахӀарчилъиялъулгун къохӀехьеялъул ва къвакӀиялъул гӀаламатги. АхӀулгохӀда дандбитӀун буго церегӀанго соназ бараб сиги — музей-рукъ.
1979 соналъул 31 декабралда Унсоколо районалда байбихьана тоннель бахъизе. Гендерил габурлъиялъул кьуруги гӀанлъун бахъараб гьеб рагьана 1991 соналда. Гьелъул халалъи буго 4303 метр, гӀеблъи — анкьго метр ва борхалъи — щуго метр. СагӀаталда жаниб гьенисан уна 4000 машина. Дагъистаналъул ичӀго районалдаса тахшагьаралде рачӀине бигьалъана тоннель рагьун хадуб.
Ансадерил гени, гендерил цIибил…
Гьедин ахӀулаан кочӀолъ. Цебе районалъул аслияб росулъун букӀана Унсоколо. Гьеб буго гохӀда бараб бакӀ. Росулъе тӀаде рахунаго, нухлул кваранаб рахъалда советияб заманалда букӀана пихъил консерваби хӀадурулеб завод. Гьединабго жеги кӀиго завод букӀана районалда. Пихъ бакӀарулеб заманалда гьенире хӀалтӀизе ритӀулаан Дагъистаналъул вузазулги училищабазулги студентал. Гьанже заводалги гьечӀо, студенталги рачӀунаро. Пихъги щивас бажарухъе бакӀарула. БукӀуна, бакӀаризе кумек щунгутӀиялъ пихъ гъотӀодаго тараб заманцин.
Районалда курак гӀезабула 600-гӀанасеб гектаралда. Руго цо-цо росабалъ пихъил нигӀматал хӀадурулел цехал, масала, ГьаракӀуни. Амма кинабго пихъ гьенибе баччун бажаруларо. Курак босулеб бакӀ (завод, цех) гьечӀолъиялда бан тӀагӀунел руго сокалги компоталги хӀадуриялъе пайдаял гъутӀбузул тайпабиги. Гьанже аслияб къагӀидаялда курак бичула Хьаргаби районалда ругел заводазе.
Ленинил столалда — ансадерил щакъитIел
1921 соналъул 12 февралалда Дагъистаналъул вакилзабаз бухьана Владимир Ленинихъе сапар. Гьесие сайгъаталъе босун букӀана ансадерил устарзабаз — НурмухӀамад Ханбудаевасги МухӀамад Къебедовасги — гьабураб щакъитӀел. 1927 соналда Унсоколо рагьана махщелчагӀазул кооперациялъул артель. Гьелъул председательлъун вукӀана ХӀусенов СагӀабдула. 1960 соналда артелалъул кьучӀалда гӀуцӀана художествиял тӀагӀелазул фабрика.
Гьеб къанагӀатаб махщел тӀагӀиналъулги хӀинкъи буго жакъа. Дагьалъ цеве «Миллаталъул чӀухӀи — 2025» премиялъе мустахӀикълъарав устар МухӀамадгӀали МухӀамадгӀалиевас бицаралда рекъон, биххун унеб буго Художествиял тӀагӀелазул фабрикаялъул мина. Советияб заманалда гьенив хӀалтӀулаан 300 чи. Фабрика букӀана Унсоколо росулъе рахунеб нухлул квегӀаб рахъалда. АнцӀгоялдаса цӀикӀкӀун соналъ цееккун щун йикӀана дун гьение. Доб мехалда бицун букӀана устарлъи тӀагӀине тезе гьечӀин, гӀолохъанал махщелчагӀи куцазе ругин абун. Амма бихьулеб буго гьелъие гӀоло гьабураб хӀаракаталъул хӀасил ккун гьечӀеблъи. Жакъа фабрика чӀунтун унеб буго.
Устарлъи хвасар гьабизе ракӀалда бугин абуна, «Дагъистан» РИАялъул мухбирасул суалазе жавабал кьолаго Унсоколо районалъул бетӀер ГӀиса НурмухӀамадовас. «Ансадерил устарлъи буго къанагӀатаб искусство. Нижее бокьун буго гьеб цӀунизе. Нижер устарзабазул тӀагӀелал гъираялда росула художествиял салоназги сувениразул тукабазги. Гьел рокьула туристазеги. «Опора России» абураб партиялъги гьелъул регионалияб политсоветалъги байбихьун буго гьеб цӀуниялъул рахъалъ хӀалтӀи. Хьул буго гьезул хӀаракаталдалъун фабрика хӀалтӀизабизе рес щвеялде», — ян бицана гьес.

Масъалаби: нух, ток, газ
МугӀрузул цогидал районазде дандеккун, квешал нухал гьечӀо Унсоколо районалда.
Ахираб заманалда чанцӀулго къварилъи ккана районалъул нухазда. ЧвахунцӀадазул хӀасилалда иххал рачӀуна АхӀулгохӀалда хьолбохъан унеб шагьранухде. Гьелъул хӀасилалда къачӀазе ккола районазда гьоркьосеб шагьранух. Жеги кӀочон батиларо, исана риидал Временный поселокалда гӀагарлъухъ иххица гьабураб зарал.
АхӀулгохӀдаса бачӀунеб иххица гуребги, нухазеги гӀадамазеги зарал гьабула ансадерил ГӀинтӀи-лъаралъги, ГӀашилтӀа росутӀарадаса чвахулел лъаразги, цогидал бакӀазги. ТӀабигӀияб балагь нилъехъа гьукъун бажаруларо, амма гьелдаса кколеб зарал дагьлъизабизениги кӀолеб батила.
Районалъул бюджеталдаса гӀарацги харж гьабун, исана къачӀалеб буго Майданское росулъе унеб нух — гьениб хъил тӀолеб буго. Гьединго къачӀалеб буго ХарачӀи росулъе нухги. Гьениб буго туристазе бокьулеб бакӀ. Ралъдал гьумералдаса 1500 метралъул борхалъудасан хъатиниб лъураб гӀадин бихьула тӀолго сверухълъиги Рихьуниб ГЭСалъул хӀорги.
Районалъе кӀвар бугеб масъала буго токалдалъун халкъ хьезаби. 400 мегаватт токалъул кьолеб Рихьуниб ГЭСги букӀаго, гӀемерисеб мехалда, хасго хасало, гӀадамал хутӀула хӀедучирахъалъул гӀадаб канлъигун. ХӀалтӀуларо холодильник ва цогидаб техника. Цин дагьлъун, цинги кутакалда цӀикӀкӀун токалъул къуватгун, чанги бухӀана токалъул алат (телевизор, черолеб машина ва гь.ц.). ГӀадамал хӀажаталлъун кколел руго генераторал росизе, токалъул къуват цӀикӀкӀинабулел трансформаторал лъезе. Гьелде тӀадеги, росабалъ руго араб гӀасруялъул 60-70-абилел соназдаго рачарал токалъул кваралги хӀубалги. Гьезул гӀемерисел жагъаллъун, турун руго.
Рихьуни ва Унсоколо росабазул ракьалги пихъил ахалги, рихьундерил цӀикӀкӀарасеб росугицин тӀерхьана ГЭСалъул хӀоринир. Гьел ракьазухъ щвезе кколеб рецӀалил гӀарац жеги кьечӀо халкъалъе. ГӀ. НурмухӀамадовасул баяналда рекъон, пачалихъалъ халкъалъе бецӀизе ккола 10 миллиардалдаса цӀикӀкӀун гъурущ.
Районалъул ракьазул 11256 гектаралда буго рохь. Гьебги къотӀун, хӀадурула хасалоде цӀул. ТӀурччи босизе киназулго рес букӀунарелъул, гӀемер цӀул бухӀизе ккола квачай цӀикӀкӀараб заманалда. Ругел рохьалги тӀагӀина, районалде газ бачинчӀого гӀемераб заман бани. Мадугьалихъ районазда (Хьаргаби, Гумбет, Хунзахъ) газги букӀаго, бегьилаан районалде газ бачиналъе рес балагьани. Шамилхъалаялдаса Рихьуни росулъе унаго, нухлул рагӀалккун лъун руго газалъул рогӀрал. Газ бачун буго гӀицӀго Майданское росулъе. Цогидал росабалъе кида газ бачӀине бугеб — гьеб буго халкъалъ цебегоялдаса нахъе кьолеб суал.

ЦIиял проектал
Рихьуниб ГЭСалъул хӀориниб гIумруялде бахъинабулеб буго масакӀ гӀезабиялъул инвестициязулаб проект. Проект уна ДРялъул инвестпроектазул сияхӀалде. Гьеб гӀумруялде бахъинабиялъе Унсоколо росдал администрациялъ кьуна ракь — 16 гектаргун кӀиго сотых. Гьениб данде гьабуна ччугӀа жаниб хьихьулеб 37-гӀанасеб къали. 2024 соналда гьениб гӀезабуна радужная абулеб тайпаялъул 170 тонна масакӀ. Исана гьеб 360 тоннаялде бахине бегьула. Рехсараб проекталъ рес кьуна гӀадамазе хӀалтӀи букIинабизеги районалъул экономика цебетӀезабиялъеги.
Социалиял объектал раялъеги, нухал къачӀаялъеги ва лъим бачиналъеги Унсоколо районалъе республикаялъул бюджеталдаса исана кьун буго лъабго миллиардгӀанасеб гъурущ. Гьелда гьоркьоса нухал къачӀаялъе (тӀадехун рехсараб Майданскиялде унеб шагьраялда хъил тӀеялъе) харж гьабизе буго 160 миллион гъурущ. КъачӀазе буго Шамилхъалаялде бачараб лъел мухъги.
ГӀумруялде рахъинаризе руго цогидал проекталги. Масала, ракӀалда буго Шамилхъалаялда цӀияб лъималазул ахги (300 бакӀ бугеб) бан бахъинабизе ва школалъе минаги (800 цӀалдохъанасе бакӀ бугеб) базе.

Туризм цебетIезабизе ресал
Туристал хьвадулел бакӀал гӀемер руго Унсоколо районалда. Гьел щола Гендерил хъаладухъе, АхӀулгохӀде, Рихьуни росдал «Анкьго чвахело» абураб майданалде, Рихьуни ГЭСалъул хӀорихъе ва цогидал бакӀазде. Киса-кибго гьечӀониги, гӀуцӀун буго санагӀатаб инфраструктураги.
Бокьула туристазе Зуберха ва НакӀкӀимегӀералдеги рахун, тӀабигӀаталъул берцинлъиялдаса лазат босизеги. Машгьурлъулел руго лъелго хьвадулел бакӀалги. РачӀуна гьел жидерго машинабазде район сверизеги. ГӀемерал туристал гӀахьаллъула районалда тӀоритӀулел спортивиял, масала, рекериялъул ва цогидал къецаздаги.
ЦебетӀолеб буго агротуризм, экотуризм ва дайвинг (ГЭСалъул хӀоралда, Авар ва ГӀанди гӀоразда, гьел цолъулеб бакӀалда гумузул батӀи-батӀиял тайпабазда лъедей, къецал гӀуцӀи). Рес буго кьурабазде хариялъул спорт цебетӀезабиялъеги.
Туристазе хӀадурун буго «ЦӀудул мегӀер» абураб туристазулгун краеведазул лагерь. Лъималаз хӀухьбахъизе рес буго «НакӀкӀигъветӀ» абураб гӀешдерил рохьоб цебегоялдаса хӀалтӀулеб лагералда.
РачIа байрамалде, хириял гьалбал!
25 октябралда Шамилхъалаялда кӀодо гьабизе буго Унсоколо районалъул 90-сонилаб байрам. Гьелъул хӀурматалда биччазе буго «Ахихъан» абураб районалъул газеталъул хасаб номерги районалъул тарих жанибе бачараб тӀехьги.
ХӀадурун буго байрамалъул бечедаб программаги. Гьоболлъухъе рачӀине руго Авар театралъул артисталги, машгьурал кочӀохъабиги, къадруял гьалбалги.
ХӀурматиял магӀарулал! РачӀа Дагъистаналъул тарихалда бечедаб лъалкӀ тараб Унсоколо районалъул байрам гӀахьал гьабизе!
Кавсарат Сулейманова