Цо нухалда магӀарухъа тахшагьаралде ячӀарай курсцояй Заираца дида абуна, жидер росулъе вачӀун вукӀарав Зикрула абулев министрас жиндихъе ахӀун йигин, цадахъ йилълъаян. «Багъатар ХӀажиевасул хӀакъалъулъ баянал ругила жиндихъан абуна гьес. Дарсида цӀакъ хӀажат буго дие гьеб материал», – ин тӀаса йичӀичӀо гьей. Тахшагьаралъул администрациялъул минаялда бугила гьесул кабинетги. Унго-унгояв магӀарулав вугила, щвезе кколиланги бицун, ана аслияб майданалде. Жанирецин риччачӀеб мехалда бихьила дудаян пикрабиги гьарулаго, щвана майданалде. Зикрулахъе ине ругин абидал, хъаравулас риччана жанире. Рахана кабинет бугеб тӀалаялде. Данделъиялде дове ун вугилан, секретаралъ ХӀукуматалъул минаялде ишан гьабуна. Нижги кабинеталъул кӀалтӀа ратарал бакӀазда кӀусана. ЧӀана кӀигониги сагӀаталъ харбида – Зикрула вачӀинчӀо. ХӀали-малалъ нахъе ячана дица Заира, гьедин бигьаго щоларо нилъехъе пачалихъиял хӀакимзабиян хабарги бицун.
Гьелдаса нахъе ана къогоялдаса цӀикӀкӀун сон. Лъай-хъвай ккана Зикрулалгун – гьанже цадахъ хӀалтӀула. ХӀакъикъаталдаги, гьев вукӀун вуго унго-унгояв магӀаруласул хасият-гӀамал чорхолъ бессарав, халкъалъги ишцоязги жиндир къадру-къимат гьабулев инсан. Гьал къоязда гьес тӀубана 75 сон. Бокьун буго, Зикрулада гьавураб къоги баркулаго, нижер цӀалдолезеги гьесул хӀакъалъулъ бицине.
ГIумрудул болъодул хIокIал
Зикрула Ильясов гьавуна 1951 соналъул 24 январалда Казбек районалъул Гуни росулъ. 1974 соналда лъугӀизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет ва 1982 соналда – Хасавюрталъул росдал магӀишаталъул техникум. 1987 соналда тӀокӀлъиялда лъугӀизабуна КПССалъул ЦКялда цебе букӀараб ЖамгӀиял гӀелмабазул академияги.
ХӀалтӀизе байбихьана 1974 соналда гӀагараб росдал школалда – гӀурус мацӀалъул ва адабияталъул учительлъун. Гьелдаса хадуб, 1986 соналде щвезегӀан, хӀалтӀана Дагъистаналъул комсомолалъул ва партиялъул идарабазда. БатӀи-батӀиял хъулухъазда хӀалтӀана З. Ильясов: ДРялъул Пачалихъияб Советалъулги ХӀукуматалъулги администрациялъул нухмалъулесул заместительлъунги, ДРялъул социалияб рахъалъ халкъ цӀуниялъул министрлъунги, ДРялъул захӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министрасул тӀоцевесев заместительлъунги, ДРялъул миллияб политикаялъулгун информациялъул ва къватӀисел бухьеназул министрасул тӀоцевесев заместительлъунги. ГьабсагӀаталда гьев хӀалтӀулев вуго «ХӀакъикъат» газеталъул бетӀерав редакторасул заместительлъун. Цадахъго гьес нухмалъи гьабула «Россиялъул халкъазул ассамблея» абураб пачалихъиябгун жамгӀияб гӀуцӀиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб отделениялъеги.
Гьел хъулухъазда вукӀаго щвараб хӀалбихьиялъул кьучӀалда З. Ильясовас хъвана 30-ялдаса цӀикӀкӀун тӀехь. Гьезулъ бицунеб буго миллатазда гьоркьосел масъалабазулги, миллияб прессаялъулги ва машгьурал гӀадамазулги хӀакъалъулъ. Дагъистаналъул тарихги, маданиятги, пачалихъияб гӀуцӀиги, жамгӀиябгун экономикияб гӀумруги гъорлъе бачун хъвараб буго, масала, гьесул «Дагъистаналъул гӀумруялъул энциклопедия» абураб тӀехь.
МагӀарулазе къиматаб сайгъатлъун лъугьана «Дунялалда лъалкӀ тарав 300 магӀарулав» абураб тӀехьги. Гьелда гъорлъе рачун руго Дагъистаналъулги, Россиялъулги ва дунялалъулги тарихалда кӀудияб лъалкӀ тарал машгьурал магӀарулазул къисматал.
Республикаялдагун Россиялда унеб гӀумру берзукь кколев Зикрулаца ахирал соназда кӀудияб кӀвар кьола Украинаялда тӀобитӀулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда бахӀарчилъи бихьизабулел нилъер рагъухъабазул хӀакъалъулъ баянал даимлъизариялдеги. Ахирал соназда чанцӀулго басмаялде бахъана «СВОялда СКФОялъул Меседил ЦӀваби» абураб тӀехь. Гьелда кьун руго «Россиялъул БахӀарчи» абураб къадруяб цӀаралъе мустахӀикълъарал СВОялъул рагъухъабазул хӀакъалъулъ баянал. Северияб Кавказалдаса киналго БахӀарзал рехсонги руго гьелда.
Дагьалъ цебе басмаялде бахъана «Председателасул гӀумрудул сухъмахъал» абураб цоги тӀехь. Гьениб бицунеб буго ДРялъул хӀукуматалъул председатель ГӀабдулмуслим ГӀабдулмуслимовасул гӀумруялъулги хӀалтӀул хӀаракаталъулги хӀакъалъулъ. Кьун руго гьудулзабазул, гӀагарлъиялъул, ишцоязул ракӀалдещвеялги, батӀи-батӀиял тадбираздаса сураталги.
ВатӀаналъе пайдаяб хӀалтӀи гьабиялъухъ, Северияб Кавказалъулго миллатазда гьоркьосеб ракълие гӀоло гьабураб хӀаракаталъухъ З. Ильясов мустахӀикълъана пачалихъиял ва жамгӀиял шапакъатазе. Гьев ккола ДРялъул Пачалихъияб хъулухъалъул мустахӀикъав хӀалтӀухъан, ДРялъул Ӏ-себ классалъул Пачалихъияв ГӀакълучи. Гьесие кьуна «Россиялъул патриот» ва Шолоховасул медалал, «За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орденги, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Меседил медальги, «Честь Достоинство Профессионализм» абураб Россиялъул Журналистазул союзалъул гӀаламатги, «За общественное служение Союзному государству» абураб Халкъазда гьоркьосеб жамгӀияб палатаялъул медальги.
Зикрула ккола Дагъистаналъул халкъияв БахӀарчиги «Миллаталъул чӀухӀи» абураб ТӀолгороссиялъул премиялъул лауреатги. Гьесул жамгӀиял хъулухъазда гьоркьор рехсезе ккола: педагогиял гӀелмабазул халкъазда гьоркьосеб академиялъул член-корреспондент, ДРялъул Журналистазул союзалъул член, 2025-2030 соназул ахӀиялъул Халкъазда гьоркьосеб ЖамгӀияб палатаялъул Президиумалъул член, Шамил Имамасул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб форумалъул Генералияв Секретарь, Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель.

«Черкизов базар» гуро Кавказ!
Кинаб хъулухъалда вугониги, жамгӀияталда гьоркьоб ккараб лъугьа-бахъиналъеги пачалихъиял хӀакимзабаз загьир гьабураб пикруялъеги къимат кьола Зикрула Ильясовас. Гьел рехсон руго батӀи-батӀияб заманалда рахъарал республикаялъул газетазда.
Гьес рехсана гьадинаб мисал. «2009 соналъул июлалъул ахиралда «ЛДПР» абураб газеталда бачӀана «Весь Кавказ – это огромный Черкизовский рынок» абураб В. Жириновскиясул макъала. Гьес хъвалеб буго: «МугӀрузул халкъалъе хӀалтӀизе бокьун гьечӀо, щайгурелъул гьел киданиги хӀалтӀичӀо. Гьел кидаго рукӀана боевикаллъун. Гьедин букӀана нусго, кӀинусго, лъабнусго соналъ цебеги. Автомат гьезие буго ручка гӀадинаб, художникасе къалам гӀадинаб, актерасе театралъул сцена гӀадинаб (ай ругьунаб – автор.) жо. Лъимерлъудасаго ярагъгун руго гьел. Рохел ккани, гьел кьвагьдола, рокьукълъи, ццим – кьвагьдола. Гьел гъираялда машгъуллъула рагъулаб ишалде: бикъи-хъами, чи асир гьави, гъоркьлъалие воси – гьеб гьезул бидулъ буго. Гьеб ккола гӀемерал, батӀи-батӀиял миллатазул гӀадамаз гьитӀинаб бакӀалда цадахъго гӀумру гьабулеб регион. Юг, хинлъи, багӀари, бидулъ – гӀасрабазулаб, даимаб рагъ, бидухъ рецӀел боси. Гьел киналго бидулал руго…». Хадубги авторас хъвалеб буго: «Ваня, дур кӀудияб Россия биххун, тӀатӀала ккун буго, мун хӀеренав вукӀиналъ, дур хӀалимлъиялъ ва дур гьуинлъиялъ … Ваня, дир ракӀунтун буго, гьаб кӀудияб пачалихъ гӀуцӀарал умумузул вас, космосалде нух рагьараб халкъалъул ирсилавлъун кколев мун жакъа, чахъу гӀадин, Кавказалда хъолев вукӀиналъ», – ан.
Дида гьеб макъалаялъ кутакалда хӀунсана ва дицаги жавабалъе хъвана «Народы Кавказа и политикан из Госдумы» абураб макъала. Гьеб бахъана 2009 соналъул 20 августалда «Дагестанская правда» газеталда. Макъалаялда авторас ракӀалде щвезабун буго нилъер умумузул бахӀарчияб тарих. Гьес хъвалеб буго: «ВатӀаналъул тарихалда СССРалъулги Россиялъулги тӀолго халкъаз, гьезда гьоркьор гӀурус халкъалъги, цадахъ цӀунана улкаялъул эркенлъиги ракьги. Кавказалъул халкъазги, гьезда гьоркьоре уна Кавказалда гӀумру гьабулел гӀурусалги, рагъ лъазабун буго сверухъ бугебщинаб квешлъиялъе. ЧӀвадарухъабазул гулликье ккола милициялъул хӀалтӀухъаби, гъоркьчӀелги гьабун чӀвана машгьурав политикияв хӀаракатчи ХӀажи ГӀабашилов, генерал-лейтенант ГӀадилгерей МухӀамадтӀагьиров, чӀвазе хӀалбихьана Ингушетиялъул президент Юнусбек Евкуров.
Балъгоял бакӀаздаги рахчун, тохлъукье кьвагьдезе рахъунел боевиказ хӀакъикъаталдаги квалквал гьабула улкабазул, республикабазул, регионазул цебетӀеялъе. Амма гӀадамалин абизего бачӀунарел гьелги Кавказалъул тӀолалго халкъалги ращад гьари – гьеб дида бихьула улкаялдаго бугеб хӀакъикъияб ахӀвал-хӀалалъул цӀех-рех гьабизе бокьунгутӀилъун. 1999 соналда хъачагъазул къокъаби щущахъ риххизаруралдаса хадуб араб заманалъ нугӀлъи гьабула: Дагъистаналъул халкъ букӀана ва буго законалда рекъонги хьвадулеб, унго-унголъун ватӀанги хирияб Россиялъул Федерациялъул халкъалъул бутӀалъун», — ан абун.
Макъала къватӀибе бачӀун лъабго къо индал, Зикрула ахӀана Дагъистаналъул президент МухӀу ГӀалиевасухъе. Гьес бихьизабуна Жириновскияс гъулбасараб кагъат. Гьелда хъван бугоан, РФялъул Федерациялъул Советалъул председателасул заместителасул хӀакъалъулъ гьев хӀакъир гьавулел рагӀабазухъ Зикрула Ильясов хъулухъалдаса вахъизе кколаян. Зикрула хӀалтӀулев вукӀана ДРялъул миллияб политикаялъулгун информациялъул ва къватӀисел бухьеназул министрасул заместительлъун. «Дагъистаналъул президент, Россиялъул патриот МухӀу ГӀалиевасда кутакалда лъикӀ бичӀчӀана, щив витӀарав, щив тӀекъав вугевали», — ян абуна З. Ильясовас.
Вижухъе те Шамил
Ахирал соназда гьоркьоса къотӀуларо Шамил имамасул хӀакъалъулъ батӀи-батӀиял пикраби. Хасал бахӀсал рукӀуна, асирлъудейищ гьев арав, гӀурус пачаясулгун ракълил къотӀийищ гьабураб абураб темаялда тӀасан. Зикрулалги буго жиндирго пикру. «Шамилил хӀакъалъулъ ругел баянал халкъиял биценаздаса ругин абулелги камуларо. Дунялалдаго гьев рикӀкӀуна халифлъун. Машгьурав, халкъалъ кӀодо гьавулев чиясул хӀакъалъулъ биценалги тарихиял кучӀдулги гьарула халкъалъ. «Тарихияб ритӀухълъи цӀунулинги» абун, биценаздасаги харбаздасаги Шамилил сипат батӀа гьабизе лъугьин мекъаб буго. Кагътиде босараб кьучӀаб далил, ай документ, гьечӀилан абун, хӀалбихьеха МухӀаммад аварагасул яги цогидав машгьурав гӀалимасул, рухӀияв цевехъанасул биография хисизабизе. Гьедин гьабула тарихалда лъалкӀ тарав инсан гӀодовегӀан гьавизе, ай гӀадатияв чиясда гьев ващад гьавизе гъира бугеб мехалда. РухӀияв цевехъан хӀисабалда Шамилие къимат кьун бажарула гӀицӀго диниял хӀаракатчагӀазухъа ва бусурбаби-гӀалимзабазухъа. Гьесул гӀумруялъулги пачалихъиябгун жамгӀияб хӀаракаталъулги бицине те политологаз, дипломатаз, социологал, пачалихъиялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀаз.
КӀочене бегьуларо: пуланав чиясул хӀакъалъулъ биценалги, кучӀдулги, харбалги халкъалъул гьунаралда рижула ва наслабаз наслабазухъе кьун цӀунула, гьесул адаб-хӀурмат гьабулеб бугони. Цогидал асаралго гӀадин, рухӀиял церехъабазул хӀакъалъулъ асаралги ккола нилъер миллаталъул маданияталъул кӀвар бугеб бутӀалъун. Гьединлъидал гьеб цӀунизеги гьелъул адаб гьабизеги ккола нилъеца», – ян бицунеб буго З. Ильясовасулгун МухӀамад ГӀабдулхабировас гьабураб гара-чӀвариялда.
Улкаялъе кӀвар цӀикӀкӀараб заманалда, хасго халкъалъулъ ватӀаналде рокьи гьулчизабизе ккедал, Шамилил сипат ракӀалде щвезабула. Гьедин букӀана КӀудияб ВатӀанияб рагъул заманалда: ингилисазул жасусилан кӀоченавурав имам бахӀарчияв цевехъан вугилан пикру тӀибитӀизабуна. «Жакъа къоялдаги Шамилида сверухъ бахӀсал гӀемерлъун руго. Гьелдаса пайда босулеб буго нилъер улкаялде данде къеркьолеб бугеб Европаялъ. 25 соналъ имамас гӀурусазде данде рагъ гьабулеб букӀанинги бицун, гӀолеб гӀелалъул пикру буссинабулеб буго Россиялъул халкъазулъ жахӀда бижизабиялде. ТӀибитӀизабулеб буго цоги пикру: гьедигӀан къадруялъе мустахӀикъавго вукӀинчӀин Шамил, гьев хиянатчи вугин, жинда хадур арал халкъал рехун танин. Гьебги буго, Кавказалъул рагъул мухӀканаб тарих гӀолилазда лъангутӀиялдаса пайдаги босун, Кавказалъул халкъал рикь-рикьизариялъе гьабулеб хӀаракат», – ан бицунеб буго Зикрулаца добго гара-чӀвариялда.
Рахьдал мацI цIуниялъе нухал
МагӀарул мацӀалъул къисматалъ ракӀунтун бугин, гьеб цӀунизе кколин бицунел дандеруссинал гӀемер руго. Амма цонигиялда тасдикъ гьабун бихьичӀо гьелъие гьал нухал ругин рехсараб программа.
Редакциялда гьединаб бицен ккедал, З. Ильясовас дихъе кьуна гьел нухазул бицараб кагъат. «Гражданияб жамгӀият цебетӀезабиялъулги инсанасул ихтиярал цӀуниялъулги рахъаз ДРялъул бетӀерасда цебе бугеб советалъул рахъалдаса хӀадурун букӀана гьеб. БитӀун букӀана жавабияб идараялъухъеги, амма цо хабар ккечIо гьелъул хӀакъалъулъ. Жавабцин кьечӀо», — ян бицана гьес.
Гьале, Зикрулал пикруялда рекъон, рахьдал мацӀ цӀуниялъе квербакъулел тадбирал:
— Школазда рахьдал мацӀалъул экзаменал гӀуцӀи.
— «Дагъистаналъул халкъазул мацӀазул хӀакъалъулъ» абураб закон къабул гьаби.
— Школазда рахьдал мацӀалъул дарсазе кьолел сагӀталги телевидениялда гьелъие чӀезабураб заманги цӀикӀкӀинаби.
— Школалда цебесеб лъай кьеялъул идарабазда рахьдал мацӀалда цӀали гӀуцӀи.
— «Дагъистан Республикаялда пачалихъияб хъулухъалъул хӀакъалъулъ» абураб законалда хиса-баси гьаби (хъулухъалде восулев чиясда Дагъистаналъул халкъазул цогӀаги мацӀ лъазе тӀадаблъун гьаби).
— Рахьдал мацӀалъул учителасе, миллиял СМИязул журналистазе кьолеб харж цӀикӀкӀинабиялъе ресал рати.
«ХӀакъикъаталъул» хIалтIухъабаз ракӀ-ракӀалъ баркулеб буго Зикрула Ильясовасда 75-сонилаб юбилей. Аллагьас сахлъиялда таги, рекӀел анищал тӀураги, гьабулелъе тавпикъ кьеги!
Кавсарат Сулейманова
