Гьединаб цIаралда гъоркь Да­гъистаналъул пачалихъияб университеталда тIобитIана «Дарги адабият: сон, жакъа» абураб Муса БахIамадовасул тIехьалъул цебелъей. Тадбир гIуцIун букIана Россиялъул халкъазул мацIазул къоялъулги, Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIалилги, ДГУялъул 95-сонилаб юбилеялъулги хIурматалда.

Тадбиралда гIахьаллъана вузалъул студенталгун преподава­телал, гьалбал ва «ХъахIал къункъ­рабазул къоял» абураб XL халкъазда гьоркьосеб литературияб фестивалалъул делегатал (гьел рукIана Москваялдаса, Севастополалдаса, Гъиргъизиялдаса ва Палестинаялдаса).

Муса БахIамадов ккола ДГУялъул профессор, рахьдал мацIазул кафедраялъул заведующий ва Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь. Гьесул тIехьалда бицунеб буго даргиязул поэзиялъулгун прозаялъул ва драматургиялъул, гьединго лъималазе хъварал асаразулгун художествияб публицистикаялъул жакъа къоялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. ТIехьалда кьун руго дарги хъвадарухъабазул гIумруялъулъ хIакъалъул баяналги.

Кавсарат Сулейманова