«Дагъистаналъул артист, аваразул Насрудин»
Цо МахIмуд гIолаан магIарулазе,
Борхатаб магIарда гIишкъуялъул цIва.
Амма досул цIаргун мун вачIаравго,
ЦIва жеги гвангъана нилъер тIалъидал.
Дов гIадинав шагIир, мун гIадав артист
Цо гIасруялъ кьураб кьурабазул халкъ.
КьилимегIералъул гIадада гуро
КIиго бетIер бугеб, даим хутIулеб.
Р. ХIамзатов
Араб анкьалда МахIачхъалаялда, Авар театралда кIодо гьабуна Россиялъул халкъияв артист МахIмуд ГIабдулхаликъов гьавуралдаса 100 сон тIубай.
МагIарул театралияб маданияталда гьес тарал лъалкIал цIакъго гъваридал ва гвангъарал руго. Нилъер щивасул ихтияр буго гьесда «Дир МахIмуд», «Нилъер МахIмуд» илан абизе. Ва щивасда батула гьесул хIакъалъулъ абизе жоги.
Дандеруссиналде рачIун рукIана артистасул гIага-божарал, росуцоял, районцоял, гьесул пагьму-гьунаралъе бутIрул къулулелщинал магIарулал. Тадбир нухда бачана Тимур Варисовас ва театралъул артистка Анисат Насрулаевалъ. Гьез цоги нухалда ракIалде щвезабуна магIарул халкъалъе вокьулевлъун хутIарав МахIмудил театралияб гIумру. Театаралъул зал кьабун цIун букIиналъги нугIлъи гьабулеб букIана актерасде гIагараб миллаталъул букIараб ва бугеб рокьиялъе.
Дол лахIзатал, ай театралияб гIумруялде тIоцересел галаби лъезе хIалбихьарал сонал гьадин ракIалде щвезарулаан живго МахIмудица:
- ЦIакъго бокьун букIана дие театралда хIалтIизе. Макьилъгицин сценаялда ролал хIалев вукIунаан дун. ХIатта цо-цо мехалда къад-къадгицин дунго дидаго гаргадилев ватулаан. Зама-заманалдасан кьурдизегицин кьурдулаан. Ва цо пуланаб къоялъ, баччун тIохол таргьагун, дун вахъана хадубккун дие даимаблъун хутIизе бугеб сапаралъ - Авар театралда хIалтIизе щулияб нигатгун. Цинги инсуца, дида хадувги валагьун, абуна :
- Кьурдиладайха, дадал вас, мун гьеб тIохол таргьица, - йилан.
Жиндирго кIалъаялда Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас бицана МахIмудил ролаз жиндиего жакъаги гьабулеб асаралъул хIакъалъулъ:
- МахIмудил цевевахъиназ магIарулазе гьабулеб букIараб асар нилъеда киназдаго лъала. Амма гьес жакъа хIарабгIанги асар гьабураблъун хутIана дие Шекспирил «Отеллоялдаса» Яго. МахIмудилги Шекспирилги «ягояз» жакъаги цIун буго дуниял. Кирехун гьел гьечIел – бокьараб пагьму-гьунаралдаги гIумруялъул берцинлъиялдаго хьолбохъ эхетун руго гьел «ягоял». Гьелъулъ буго актерасул гьунаралъул къуватги. Гьединав вукIана нилъер МахIмуд - чанго соналъ цебе хIараб рольгун жакъасеб хIакъикъатги цолъизабизе бажарарав.
МагIарухъе театр бачIиндал, гьенив магIарулаз МахIмуд валагьулев вукIинги, лъикIал ролал хIараб мехалда, гьев рокъове вачине букIунеб букIараб иргаги, нагагь лъикIаб гуреб роль хIани, къотIновго хутIулев вукIинги, лъицаниги рокъовеги вачинчIого, Расулил роль хIалаго, сценаялда ккараб кепаб лъугьа-бахъинги - гьеб кинабго ракIалде щвезабулеб букIана кIалъазе рахъарал театралъул директор МухIамад БисавгIалиевас, Расулил яс СалихIат ХIамзатовалъ, политикиявгун жамгIияв хIаракатчи Сайгидпаша ГIумахановас, шагIир ва жамгIияв хIаракатчи Шамил МухIидиновас, МахIмудил дурц, «Шайих Шамил» абураб культурияб фондалъул нухмалъулев ХIажимурад ГIумаровас, Хунзахъ районалъул бетIер НурмухIамад Задиевас ва цогидазги.
Н. Задиевас абуна МахIмудил юбилеялъулаб тадбир кIодо гьабизе бугила районалдагийилан. Гьес лъикIаблъун рикIкIана республикаялъул даражаялда тIобитIизе М. ГIабдулхаликъовасул цIаралда бугеб кучIдул пасихIго рикIкIиналъул санайилаб конкурс.
Гьединго табдиралда жинца нухмалъи гьабулеб фондалъул рахьалдасан ХIажимурад ГIумаровас шапакъатал, Шамилил цIаралда бугеб медаль ва ХIурматалъул грамота, кьуна Сайгидпаша ГIумахановасе (гьесие чуги сайгъат гьабуна), Шамил МухIидиновасе ва Гъизилюрт шагьаралъул №9 школалъул директорасул заместитель, Дагъистаналъул мустахIикъай учитель Сарат МухIумаевалъе. Вокьулев актерасул юбилеялъулаб байрам миллатцоязда баркана Хьаргаби районалъул кьурдул ансамблялъ, Дагъистаналъул халкъиял артистал Хадижат Жамалудиновалъ, ГIабдула МухIамадмирзоевас, МухIамад ГIабасовас ва гьесул васал Белекица ва Салманица, Дагъистаналъул мустахIикъал артистал Машидат ГIумарасхIабовалъ ва ТIалхIат Кантуловас, гIолохъанай кочIохъан Марям ГъазимухIамадовалъ.
МахIмуд магIарулазда лъалаан лъикIав шагIир хIисабалдаги. Гьесул кучIдул рикIкIана Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъ ва Дагъистаналъул мустахIикъав артист МухIамад ГIабдулатIиповас. МахIмуд ГIабдулхаликъовасул театралияб гIумруялъул хIакъалъулъ бицунел видеороликаз цоги нухада ракIалде щвезаруна миллияб театралъул тарихалда ругел МахIмудил гьунаралъул лахIзатал.
ЛъугIана МахIмудил юбилеялъе сайгъат гьабураб байрам. Амма лъугIизе гьечIо кIудияв артистасде бугеб магIарул халкъалъул кIудияб рокьи. Гьаб гьитIинабго макъала лъугIизе толеб буго ХъахIабросулъа МахIмудил роль Гъоркьолоса МахIмудица хIараб мехалда, магIарул шагIир МухIамад ГIисаевас хъварал кочIол мухъаздалъун:
Къасиги театр кьабун цIун буго,
Кьабулеб хъатица пардавги бихъун.
Зодилгун ракьалъул гьоркьохъабилъун
ГIумруги артистги аскIор чIун руго.
Къисматалъул буго гьадинаб лахIзат,
МахIмуд МахIмудихъе сверизе кьураб.
ТалихIалъулъ гьелъул гьитIинаб къатIра,
Хвел гьечIолъиялде болъодухъ лъолеб.
Чан гьадинаб сордо магIарулазе,
РекIедасаги тIун, сайгъат гьабураб.
Свакалъул бакIлъиги релъиялъ хъамун,
Рохел Дагъистангун бащад гьабураб.
Шамай Хъазанбиева