Ахирал соназда магӀарул районазда ккарал лъикӀал хиса-басиязулги районалъул бутӀрузда церечӀарал масъалабазулги хӀакъалъулъ гара-чӀвариял гьаруна «ХӀакъикъаталъ». Иргадулаб дандчӀвай букӀана ЦӀунтӀа районалъул бетӀер АхӀмад ХӀамзатовасулгун.
— АхӀмад, чан соналъ дуца нухмалъи гьабулеб бугеб районалъе? Мун бетӀерлъуде вачӀараб заманалда кинаб ахӀвал-хӀал букӀараб районалда ва жакъа къоялде щиб хисараб?
— ТӀоцебесеб иргаялда, бокьун буго «ХӀакъикъаталъул» редакциялъе баркала кьезе, ЦӀунтӀа районалдеги дир хӀаракаталдеги кӀваркьеялъухъ.
2021 соналъул июлалда дун тӀамуна ЦӀунтӀа районалъул бетӀерасул ишал тӀуралевлъун ва 2023 соналъул ноябралда муниципалияб районалъул Депутатазул собраниялъ, гьаркьалги кьун, гьеб хъулухъалдеги вищана дун.
Районалъе нухмалъи гьабизе байбихьараб мехалда гьаниб букӀана хӀалуцараб жамгӀиябгун политикияб хӀал. Росабазул жамагӀатал свакан рукӀана цоцазулгун гӀаммаб мацӀ батизе захӀматал батӀи-батӀиял къокъабазда гьоркьосеб дагӀба-къецалдаса. Республикаялда гӀумруялде рахъинарулел программабазулъгун проектазулъ районалъул кинабгӀаги гӀахьаллъиги букӀинчӀо. ГӀадлу-низам биххун батана районалъул администрациялдаги, гьанир ругел идарабаздагун гӀуцӀабаздаги. ЦӀунулеб букӀинчӀо хӀалтӀуде хьвадиялъул низамцин.
ГьабсагӀаталда буго чӀара-хьараб хӀал. Республикаялъул нухмалъиялъ кьураб къиматалда рекъон, гӀадлу-низам чӀезабиялъул ва тӀадкъараб иш тӀубазабиялъул рахъаз район жакъа буго церехъабазул кьеразулъ.
— Росабазе аслияб масъала ккола нухал — цо-цо бакӀазде нухго гьечӀо, цогидал бакӀазда гӀатӀид гьабизе ккола, гӀатӀидал ругезда хъил тӀун гьечӀо. Гьеб рахъалъ кинаб хӀалтӀи гӀуцӀун бугеб?
— ХӀакъикъаталдаги, нормативазда рекъонкколедухъ шагьранухазе хъулухъ гьаби кӀудияб масъалалъун ккола нижее. Гьелъие гӀиллалъунги буго тӀабигӀияб хаслъи. ГӀемерисеб мехалда чвахунцӀадазул хӀасилалда ччукӀун уна нухал, иххал рачӀуна ва нухда чӀахӀиял ганчӀал гирун ратула, хасго ихдалги хасалихъеги. Гьелъул хӀасилалда хӀинкъи букӀуна шагьраялдаса машинаби рачиналъул, ккола гӀемер авариялги. Гьединлъидал кидаго рукӀинеги ккола нухалъул тӀалабазда.
Нухлул магӀишаталъе хӀажатаб къадаралда районалъул бюджеталдаса санайил гӀарац кьезе рес букӀунаро. Ниж хӀажаталлъун ккола ДРялъул Транспорталъул министерствоялде ва «Дагъавтодор» ГКУялде, кумек гьарун, хитӀабал гьаризе. Гьезда бичӀчӀула нижер бугеб ахӀвал-хӀал ва кидаго кумекги гьабула. Гъоркьиса гьабуна районалда жанисел тӀолго нухазул инвентаризация. Гьелъ рес кьуна бакӀалъулги магӀишатазда жаниселги нухал къачӀаялъе кьолеб гӀарац цӀикӀкӀинабизе.
Районалъул нухмалъиялъул хӀаракаталъул хӀасиллъунги халкъалъе кӀудияб рохеллъунги ккола «Кьадал — БежтӀа — Кидеро» шагьранух гӀатӀид гьабиялъулги къачӀаялъулги проект республикаялъул нухлул магӀишаталъул управлениялъул планалде босизабизе бажари. 2026 соналъул ахиралде Кидероса БежтӀа участокалъул гӀорхъоде щвезегӀан нух къачӀан бахъинабизе ккола.
Гьелде тӀадеги, байбихьун буго «Агъвали — Шаури — Кидеро» шагьранухда хӀалтӀи гӀуцӀиялъул проекталъулгун сметаялъул документал хӀадуризе. Гьеб тӀаде босана «Дагъавтодор» ГКУялъ. ХӀалтӀи байбихьизе буго 2026 соналда. ГьабсагӀаталда аслияб масъалалъун хутӀулеб буго районалъул централдаса росабалъе унел нухазда хъил тӀеялъул ишги.
— Дагьалъ цебе ахӀи бахъун букӀана районалда ток свинабулеб бугин абун. Жакъа кинаб хӀал бугеб?
— Мадугьалихъ ругел районаздаго гӀадин, токалъул хӀубалги, кваралги, трансформаторалги хисулел рукӀиналда бан, ток гӀемер свинабулеб буго ЦӀунтӀаги. ГьабсагӀаталда «Шамильская — Анцухъ» токалъул мухъалдаги 110 кВ бугеб «Анцухъ» подстанциялдаги хӀалтӀулел руго подрядчикал. Гьал къоязда Анцухъ подстанциялда букӀараб 10 мегаватталъул (МВт) трансформаторалъул бакӀалда лъуна 40 МВт къуваталъул трансформатор. Хисана трансформатор Шаури подстанциялдаги: гьелъул къуват щуго МВталде бахинабун бажарана.
Токал свинабулеб мехалда кидаго гуро районалъул администрациялда цебеккунго лъазабулеб. Гьединлъидал загьирлъулеб буго халкъалъул рази гьечӀолъиги. Ток свинабидал, гӀемерисел идарабазул хӀалтӀуе зарал ккола. Кин бугониги, нижеца чӀезарун руго ток кьолел автономиял алатал. Гьеб иш тӀалъулел идарабаз лъикӀаб хӀалтӀи гьабулеб буго ва кватӀичӀого цӀиял алатал лъун рахъинаризеги ва районалда токалъул масъалаби тӀагӀинаризеги ругин абуна махщелчагӀаз.
— Чан социалияб объект бараб районалда ахирал соназда? «Росдал учитель» ва «Росдал тохтур» абурал программабазда рекъон цӀиял махщелчагӀи рачӀанищ росабалъе?
— Ахирал соназда муниципалияб район гӀахьаллъулеб буго батӀи-батӀиял пачалихъиял программабазда. Гьелдалъун рес щвана ХӀибиялъ ва Мекали росабалъ цӀиял школал разе. ТӀасияб соналда, «ГӀолилал ва лъимал», «Хъизам» абурал миллиял проектазда рекъон, ракӀалда буго Хъупри ва Шапихъ росабазул школал кьучӀдасанго къачӀазе. 2027 соналда гьединабго хӀалтӀи гьабизе буго Асахъ росдал школалдаги. КӀилъартӀа ва Мокъокъ росабалъ рана лъималазул ахал, КӀилъартӀа ва ЦӀунтӀа росабалъ — цӀияб шагьранух, Кидиринка лъаралда бана цӀияб кьо, Гьинухъ, Махъалалъ ва Зехида росабалъ — футболалъул майданалги ЦӀияб Хъупри росулъ — спортивияб залги.
Ахирал соназда лъай кьеялъул идарабазул ахӀи бахъана педагогал (хасго, гӀурус ва ингилис мацӀазулги математикаялъулги) гӀолел гьечӀин абун. Гьеб масъала тӀубазабиялъул мурадалда батӀи-батӀиял сайтазда лъазаби кьун буго. Пайда босулеб буго «Росдал учитель» программаялдасаги: гьелда рекъон районалда хӀалтӀулев вуго 12 педагог.
Жеги кӀудияб кӀвар буго тахшагьаралдаса рикӀкӀадаб районалъул сахлъи цӀуниялъул идараби тохтурзабаздалъун хьезариялъул. Районалъул больница 90 проценталъ хьезабун буго: «Росдал тохтур» программаялда рекъон хӀалтӀулев вуго анлъго тохтур ва «Росдал фельдшер» программаялда рекъон — 5 фельдшер. Аслиял махщелчагӀи больницабазда руго. Гьелдаго цадахъ гьечӀо фтизиатр, трансфузиолог, уролог. Гьезул хӀалтӀи тӀубала цогидал мехщелчагӀаз.
Районалда буго Шаури ва КӀилъартӀа росабазул участокалъулал больницабиги Рекьоб росулъ амбулаторияги. Гьел къазе кколин яги штатал дагьлъизаризе хӀажат бугин абураб суал жакъа къоялда гьечӀо.
— Исана 90 сон бана ЦӀунтӀа район гӀуцӀаралдаса, амма байрам кӀодо гьабичӀо…
— ЦӀунтӀа районалъул буго бечедаб тарих. Гьеб гӀуцӀана 1930-абилел соназда. Чанги захӀматал соналги рукӀана гьелъул тарихалда, нижер халкъалъ чӀамизе ккана зулму гьабун гочинабиялъул гӀакъуба-гӀазаб. Гьединлъидалги нижеда тӀадаб буго районалъул тарих кӀодо гьабизе. Дагьал рукӀинчӀо 90-сонилаб байрам, цересел соназдаго гӀадин, кӀудияб байрамги гӀуцӀун, кӀодо гьабизе кколин абулел гӀадамалги. Амма жакъа буго масъалаби гӀемераб, гӀемерал хъизамаз къварилъи хӀехьезе ккараб, аслиял сурсатал СВОялъул тӀалабазда рекъезаризе кколеб заман. Улкаялдаго иш гьедин буго. Гьебги хӀисабалде босун, администрациялъ хӀукму гьабуна байрам тӀобитӀунгутӀизе.
— ЦӀунтӀаса чан чи гӀахьаллъулев вугев СВОялда?
— Нижер районалдаса 115 бихьинчи вуго СВОялда гӀахьаллъулев. Гьел ккола районалъул рагъулаб комиссариаталъ ритӀарал гӀолохъаби. Цогидал регионаздаса арал ракьцоялги хӀисабалде росун, 300-ялдаса цӀикӀкӀун чи вуго СВОялда.
СВОялъул гӀахьалчагӀазе кумек хӀисабалда гьезул хъизамазе кьола мина базе ракьул бутӀа. Гьезул лъимал тӀоцебесеб иргаялда росула лъималазул ахалде. Гьабула материалияб кумекги ва рекъараб хӀалтӀудеги росула.
Украинаялда кьалда ругел нилъер гӀолохъабазе гуманитарияб кумек гьабиялъулъ гӀахьаллъула районалда ругел федералиялгун республикаялъул ва муниципалиял киналго идарабазул хӀалтӀухъабиги, школазул цӀалдохъабиги, волонтеразул гӀуцӀабиги. Лъималаз хъвала кагътал, ритӀула посылкаби ва кӀвараб кумек гьабула щивав чияс.
— Росабалъ хӀалтӀи гьечӀолъиялда бан, нилъер гӀолохъаби уна Россиялъул шагьаразда хӀалтӀи балагьизе…
— Районалда гьечӀо цониги промышленнияб предприятие. РикӀкӀадаб бакӀлъун кколелъул, щолел гьечӀо районалъул социалиябгун экономикияб цебетӀеялъе квербакъулел инвесторалги. Мисалалъе, щолев гьечӀо гьанжезаманалъул автозаправка базе тӀаде босулев инвесторцин. ХӀалтӀизе бакӀ щунгутӀиялъ гӀадамал унел руго чидар бакӀазда хӀалтӀизе. Хасго гӀемерлъана гьел ахирал соназда. ХӀалтӀуда ругелцин унел руго рикӀкӀадал бакӀазда хӀалтӀизе, ракӀ разияб харж районалдаго щоларин абун. Гьениб щвараб гӀарацги данде гьабун, гӀатӀиракьалда росула мина базе ракьал, рала минаби ва гьенирго чӀола. Гьелъул хӀасилалда районалъул идарабазе камулел руго хӀалтӀухъаби. ХӀажат буго ДРялъул хӀукуматгун цадахъ миграциялъе ахир лъолеб яги гьеб дагьлъизабулеб программа хӀадуризе.
— ТӀаде щолеб буго ЦӀияб сон. Щиб дуца гьарилеб районалъул жамагӀаталъеги магӀарулазеги?
— РакӀ-ракӀалъ баркула районалъул жамагӀаталдаги республикаялъул тӀолго халкъалдаги тӀаде щолеб ЦӀияб сон. Гьарула киназего щулияб сахлъи, ракълилаб гӀумру. Биччанте гьеб бачӀине нилъее киназего рохелги босун! Биччанте талихӀги, аваданлъиги, парахалъиги щивасул рокъоб даимлъизе!
Гара-чӀвари гьабуна К. Сулеймановалъ.
