Вацги тушманги

Дица суал кьуна, ссун иналдего,
Сардилъ зобалазда гьалъал цIвабзазе:
Заман гIемер барал, нугIзал ругин нуж,
Бице, гьаб ракьалда рокьуй квалквал щиб?

 

Щай къасд бергьаразул, къисмат бигъулеб,
Балай кканщиназда, квешлъи дандчIвалеб?
ЧIегIерал сардазе берцинлъи кьолел,
Кье, гьарула, жаваб жакъа нужеца.

Нижей дунялалда, дагIба-рагъалъе,
Гъаримал лагъзазе, багьана кинаб?
Квешлъиги балагьги, бокьила лъазе,
Вижаравщинасе, унго, сундаса.

Ссун, баккун паркъана, бихьана цо цIва,
Дир гIинда рагIана хIикматаб калам.
Квалквал рокьиялъе, ракьалда нужей
Нужго гурел гьечIо, гьеб бичIчIуларищ?

БачIанщинаб къоялъ, къор цоцай гъолел,
Нужер гIамалазул, огь, гIажаиблъи!
ГIужда чIор щварасе, жахIда – хIусудалъ,
ХIалихьатал гвендал даим рухъулел.

Дунялалда тушман, нужее гьечIо,
Нужго гуронани, рижун батIиял.
Багьанагун гIилла нужер рагъазе –
Ракьалъул магIишат ва гьелде рокьи.

КьогIал къисматалги къасд бергьаразул,
Къадарлъи, ракI хъублъи гьудуллъиялъул!
Гьезул рокьиялъул кьер берцинаб тIегь,
Кьолболъа бахъула гIага-божараз.

Рижараб ракьалда бекьулеб квешлъи,
Квал квалалъе гIола азарго соналъ,
Амма лъикIлъиялъул лъунани цо мугь,
Гьеб гIасрабазего гIола нужее.

Жив-жив чи тIегь вуго тIабигIаталда,
ТIадегIанас кьурав, ракь гвангъиялъе.
Ракьалда кинабго квешаб – лъикIалъул
Бищизе эркенлъи кодоб щивасул.

Щай нуж кантIуларел, киналго цадахъ,
Даималъ рукIине рижун гьечIелъул,
Гьоболлъухъ рещтIараб дуниялалда
ДагIба-рагIиялъе заманги батун.

Зоб-ракьалда гьоркьор гьечIо батIиял,
ТIагьаясе нужгIан рижи хириял,
Халикъасго тIаса рищарал нужей,
Жаниб питнаялъе лъаларо гIилла.

ГIибадат гьабуни БетIергьанасе,
Гьесий гIоло цоцай нуж хиралъани,
Лъаларо нужеда, божа, гIумрудулъ,
Рохараб гурони, пашманаб заман.

Зодихъ цIвабзаздаса, цIоб гIатIидасе,
ГIибадат гьабулев лагъго хирияв,
Хасаб гурхIел-рахIму рокьулел нужей,
Нужго кантIанани, кибго батулеб.

Тамаша, гIаламат, гIунана дир черх,
ГIундузда рагIараб сасалъ вухIана.
ХIисаб гьабунани, гьаб гIумруялда,
ГIадан гIадамасе – вацги тушманги!