КIиго херав

Дун кIиго херасухъе кIалъа-басазе щвана,
Хадуб – цебе гIадинан ккана гьезухъе инги.

КIиялго гьел хабалъе «бох бортарал» чи ккола,
Бартиял гIадин жалго жеги тун рукIаниги…
Чорхол жанги жигарги жиделъ нахъе кканиги,
Нахъойги гIолохъанлъи бачIинеб гIадин руго,
РекIелъ бахIарлъиги ккун, махIаби чучлъаниги,
Чанагъдизе къасд лъураб къагIида эзул буго…
Цояв херав ватана, тамахаб диваналда,
Цояб хъатикь пандургун, цоялъуб планшетгун,
Бокьани хъван ахIизе хIадураб къагIидалда,
КъваригIани интернет тиризе санагIатгун.
СагIатгIанаб мех бана херасда аскIоб дица,
Бицана гIадамазул, гIумрудул, сахлъиялъул,
Соназул, лъималазул, гьезулги лъималазул,
ХIажалъана рокьиги «кьалги» ракIалде щвезе.
Гьеб заманалъ лъачIого тIаде рачIана чагIи,
ТIаде ралагьунго гьел рукIана муъминзаби…
Ма дуе, дов херасул хисун ккана суратги,
Хабар-каламалъулги лъугьана тIубан гьетIи.
Гьес аскIобго лъун батун, такъия къазабуна,
Гъоркьехун кверги бегьун, назмабазул тIехь щвана,
Щибали хабар чIамун, чIумал кодор росана,
Суждаялда гIадинаб гIодовчIейги гьабуна…
ГIажаиблъизе ккараб жоги гьениб букIинчIо,
Гьабизе лъала дунял дов приятеласда,
Расги ургъел гьечIого хисула, сверун уна…
Соназдай эб малъараб, эдинавдай вукIарав?
КIиабилев херасул хасиятго батIияб,
Харбида политика кутакалда хирияв,
Улкаялъул пикрабалъ квенги цIорозе толев,
Дунялалъул ургъелаз аваданлъиги чIвалев.
Лъадул, лъималазул иш эзго тIубазе толев,
ТIадегIанасе какал ракIалда ккедал ралев.
РакIалда жоги чIолев, кIалалъ бицине лъалев,
КIалъазе виччанани бетIер унтизабулев…
Унтаби – ургъелазул агъазго гьабуларев,
Гьоркьоб сурахIи камун квенги цебе лъоларев
Цо бицараб рагIуе кивго хилиплъуларев
Хиянатав чиясе саламгун квер кьоларев…

***
Гьаб дир данде кквеялъе кинаб мораль рекъелеб,
Редакциялъ къимат кье яги къватIибе биччай,
Къойил гIемер батIиял данде чIвалел гIадамал –
ГIаламат кинаб кколеб, лъалес абизе биччай…