Дагьабго гьими

Херал-беццал рос-лъадуда цIе-хон буго, щиб гьабулелин нуж рукIунел къаси рокъорилан.

Мокъидаса рортарал гIанкIаби гIадин рукIунилан жаваб кьун буго хераз.
***
Васас инсуда абула:
Дада, эбелалъ абуна мун рокъов хIатIида гIицIго хьвадейилан. Щай эб элъие?!
— Эбелалъухъа рукIкIби рилун руго, гъолъие къваригIун буго дуда эл ратизе.
***
«Дир гьаракь нужеда жеги рагIизе буго», — ян абунила хIамица, гьелъул тIом къолода балеб мехалъ.
***
Цо чи хвараб бакIалда цояв нахъаса къотIичIого синкъдилев, гIодилев вукIун вуго. Хварасул гIагараз абун буго гьав чияс жакъа тIубан настроение хвезабунилан.