БагIараб ххамалъ чIухIизабураб столалда тIад данделъана кIиго квер. Цоцазе саламги кьун, байбихьана гьикъаризе:


- Мун лъил? – ан гьикъана тIадагьаб тамахаб квералъ къуватаб пинкьахараб квералда.
- Дун ккола трактористасул квер! – ан чIухIадго жаваб кьуна пинкьахараб квералъ. – Дица хур бекьула, тIорщел бакIарула. Чед гIезабула, гIадамал кваназарула. Халкъалъ дир хIурмат гьабула. Дуца щиб гьабулеб? Мун лъилха кколеб?
- Дун буго музыкантасул квер! – ан жаваб кьуна тIадагьаб квералъ. – Дица музыка бачуна, бакънал рахъула. Музыкаги къваригIунелъулха гIадамазе.
- БитIараб буго, дицаги дур цIакъ хIурмат гьабула, - ян абуна пинкьахараб квералъ. – Музыка гьечIеб гIумру букIинаан чIамучIаб, хаслихъе цIад гIадаб цIорораб.