Тарихалда хутIулел хириял къоял

ХIакъикъаталдаги тарихияллъун лъугьана Шамил районалъул жамагIаталъе свалат-салам лъеяв хирияв МухIаммад аварагасул, гье- сул хъизаналъул, асхIабзабазул асарал жидерго ракьалда рещтIарал къоял. Цогидал районазеги щвараб рохел гьеб бугониги, 13-17 апрелалъ- ул къояз нижерго ракьалда букIараб ахIвал-хIал цIалдолезеги бикьулеб буго.

 

Рохалил магIу букIана щущалеб

Хириял асарал Дилималдаса байбихьун тIоритIулеб ва ХIебда нилъер халкъалъ къабул гьарулеб къагIида бихьидал, рохалил магIу щущалеб букIана гIемеразул. Чвахун балеб цIадакь цIалтIун риччаниги, нухлул кIиябго рахъалда эхетун рукIана гIисиналгун чIахIиял. Гьеб цIад къаденахъе ХIебда кутакалда балеб гIаздаде сверизе бугин кьолеб букIана синоптиказ. Гьеб заманаялъ тIаде щвезе кколаан аварагасул асаралгун бачIунеб къокъаги. Шамил районалъул гIорхъоде гьел щолаго, къокъаб лахIзаталъ гьуриги багъарун, хинал бакъул чIоралги рещтIун, цебе лъуна зодил хъахIиллъи. Аллагьасул цIобалъул гIатIилъи, хIикматазул гьарзалъи!

Гьел къояз тIубан батIияб, цо хIикматаб рохалица гвангъарал къоял рукIана тIолабго районалда. КвекIен ккечIого гьеб нухда бачиналъе хасаб хIукмуги гьабун оргкомитет гIуцIун букIана районалъул нухмалъулез.

Дилималдаса хириял асаралгун ХIебде щведал, районцоязде вуссун, Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановас абуна:

— Нилъер ракьалде жакъа рещтIараб гьаб рохел МухIаммад ава- рагасул (с.гI.в.), асхIабзабазул асарал, гьез квер хъварал тIагIелал рихьизе щвей — гьеб буго иман камилал нилъер цересел умумуздасаго бачIараб баракат. Гьаб баракат насиблъарал къоял даимго хутIила нилъер районалъул тарихалда, халкъалъул ракIазулъ. Дагъистаниязе, бусурбабазе кIудияб кIваралъул гьаб иш гIуцIанщиназе баркала буго нижер районалъул рахъалда- сан. Гьава-бакъалъухъ балагьичIого, гъунисезул гIорхъодаса байбихьун райцентралде щвезегIан нухлул рагIаллъаби цIун эхетараб районалъул тIолабго жамагIаталъе, къаси-къад макьу, хIалхьи тун хIадурлъи гьабурал руччабазегун бихьиназеги азаазар баркала.

 

ЧIаго алжан гIадинаб заман насиблъун буго

ЛъугIелго гьечIеб букIана гIадамаз цоцазе загьир гьабулеб рохел.

ГIайшат МухIамадова, ГьентIа школалъул мугIалим:

— Дида ракIалде щвана лъимерлъи, хIежалъухъ урхъун хварал чIахIиял чагIи. Нижер ункъгIалалъул гор- да тIад цIунун букIана чамасдакIул лъабго пурчIун, аварагасул ракьал- даса бачIараб нигIмат бугин абун, квер хъвазе толароан лъималазда.

Пикру гьабурав чиясе цIакъ эркенаб заман насиблъун буго нилъее. Гьалъул къимат цIунизе гIакълуги сабруги кьеги киназего. Нилъер заманаялъ гьеб баракат щвей буго кIудияб Аллагьасул цIоб.

Муъминат Дибирова, Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур:

— Дир гIумруялда жанир бищун къиматал, хIикматаб рохалил асар гьабулел къоял руго гьал. Аллагьас нилъер къисматалда гьаб рохел хъван батиялъе щукру гьабулей йиго дун. Балагьун бер гIорцIуларого буго районцояз бахъараб хIаракаталъухъ, гьез гIуцIараб берцинлъиялъухъ. Гьаб баракат, рохел дун чIаго йигебгIан заманалъ цадахъ букIина.

 

ГьадигIан рухIалъе рахIат кьолеб байрам жеги бихьичIо

Ункъо сордо-къоялъ гьоркьоса къотIичIого хьвадана гIалам хирияв аварагасул, асхIабзабазул асарал рихьизе. Гьелъие чIезарун рукIарал квегIенлъабазул бицун хIалкIвеларо. Сордо-къоялъ гIадамазе санагIалъи­ ялъе эхетарал гIолохъанал васалгун ясал рихьун гIажаиблъизе бачIунаан, кингIаги хIалкIвараб гьаб кинабго щвалде щун гIуцIизе абун. Бащдаб гIасруялдаса араб дир гIумруялда гьадин рухIалъе рахIат кьолеб байрам, тадбир бихьичIо. МаркIачIул гIужалдаса байбихьун рогьалил какде щвезегIан ХIебда рещтIарав аза-азар чиясе рес букIана бокьани ашбазазда, хас гьабун хIадурарал цогидал бакIазда чIорого кваназе.

Сордо-къоялъ гьоркьоб къотIичIо­ го гIолохъабаз цин цоял хисун, хириял асарал ругеб бакIалда жаниб цIалулеб Къуръан, къватIиб хIадурараб сценаялдаса гьабулеб вагIза, лъугIел гьечIеб халкъалъул чвахи. Кинабго лъугьабахъунеб гьоркьоса къотIичIого ютубалда, телеграмалда прямой эфиралда бихьизе рес рекъезабун букIана «Шамил районалъул гIолилал» гIуцIиялъ, Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабаз.

— Дида гIемераз абулеб буго гьаб кIудияб иш гIуцIизе бигьаго букIун батиларин. БитIахъе бицани, букIинчIо щибго захIмат, — ин абуна районалъул имамзабазул гIуцIиялъе нухмалъулев ГIизудиница. — Бихьараб къо батаниги, гьанире арал сурсатал ратаниги — гьеб захIмалъизе ккараб жого гурин рикIкIуна дица. Мажгиталда жаниб как базе гIатIилъиги тун, аварагасул асарал лъезе санагIат рекъараб бакI, райцентралъул хIухьбахъиялъул паркалда цIидасан гIуцIизе хIукму гьабуна оргкомитеталъ, гьеб цIакъ лъикIги ккана. Киналдасаго рази вуго, АлхIамдулиллагь.

 

Цого пикруялда нахърилълъунел гIадамазул бугеб къуват

— Гьаб макьу бугин яги телевизоралдаса бихьулеб жо бугин кколеб буго. Кьижизецин бокьун гьечIо, кидаго гъора паркалдаго рукIине бокьун буго, — ян абулеб букIана, хIалица улбуз ракIарун рокъоре рачIунел гIисинлъималазцин.

ПатIимат МухIамадова, «ЦОЛЪИ» газеталъул редактор:

— Районалъул ясаз, гIолохъабаз бахъараб яхIалдаса бугеб разилъиялъул бицун хIалкIвеларо. Нилъеда лъала, цебе росдал кьучI букIинчIел бакIазда гIуцIарал райцентрал руго шагьаралго гIадал, «гьаб нижер росу, гьаниб кьибил буго» абун рикIкIунарел, цокIалаб жамагIат гьечIел бакIал. Халкъго къватIибе бахъун хирияв аварагасул асараз- да дандчIвазе цадахъ хIадурлъиялъ батIиябго цолъи, гъунки лъугьана хIебдасезул. Гьаб тадбиралъ бихьизабуна цо пикруялда нахърилълъунел гIадамазул бугеб къуватги. Дида ккола гьаб хIалбихьиялдаса хадуб райцентралъул гIумру батIаго лъикIлъилин. «Гьаб нижер росу буго, нижер лъималги гьанир гьару на ва гIолел руго» абураб пикру щулалъизе буго гьоркьохъеб гIелалъул.

 

«Нуралда тIад нурги лъун»

Гьалбал разилъизари — гьеб буго дагъистаниязул бидулъго бессараб хасият. Шамил районалъул жамагIаталъ цIикIкIараб кIвар кьун букIана гьеб рахъалдеги. ХIебде щварал гьалбадерил гIемерисел зияраталъ унел рукIана тIарикъаталъул устарзаби рукъарал росабалъеги.

ГIайшат НурмухIамадова, Дагъистаналъул динияб идараялъул вакил:

— Шамил районалъул гIорхъоде щолаго, ракIалде рачIана «Нуралда тIад нурги лъун Нур-МухIаммад лъугьана» абурал, хирияв аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб цо назмуялдаса мухъал. Нуралдаги нур барал къоял руго нужер баракатаб ракьалда. Нужеца гьабун бугебщинаб берцинлъиялдаса йохана, аварагасда хурхараб ишалъе нилъеца кигIан кIудияб хIалтIи гьабуниги, гьебги дагь бугин ккола дида. Дагъистаналда гIадин, МухIаммад аварагасул умматалдаса ратиялдаса разилъиялъ рохел гьурмада гвангъарал, ишазулъ гьеб загьирал гIадамал цоги бакIалда дида рихьичIо. Умумузги къиматалда цIунун нилъехъе щвараб, хирияв аварагасде бугеб рокьи, аманат васият гьабун тела нилъецаги хадусел гIелазе. ГIисиназул тIалаб, чIахIиязул адаб гьаби, устарзаби рокьулеллъун рукIин — гьебги буго аварагасул адаб-хIурмат цIуни.

Гьел къояз ХIебда бихьизабуна, Казбек районалъул халкъияб театралъ гIуцIараб, МухIаммад авараг (с.гI.в.) Мадинаялъул агьлуялъ къабул гьави ракIалде щвезавулеб сценкаги. Гьеб постановка хIадурана МухIамад Дудуевас. — Кутакалда берцинаб хIадурлъи гьабун батана Шамил районалъ. Ниж гьенире щвана, кIиго анкьалъ макьу-хIалхьи лъачIел, Казбек районалъул ракьалдаса аварагасул асарал иналдаса пашманлъарал ракIалгун, — ин бицана МухIамадица. — ХIебда рещтIиндал, свак чучараб гIадин лъугьана, рохелги цIилъана, цIидасан гьеб ахIвал-хIалалда гьор- кьор рукIине щун. Гьанже ниж унел руго Хучниялде, добго сценка Табасараналъул халкъалда бихьизабизе.

17 апрелалда, Шамил районалъул жамагIат къватIибе бахъун, хириял асарал тIоритIана Табасараналъул ракьалде.

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА