ТIоцере машинаби Бузнасан рачIун руго

 

 

   Жакъа дагъистаниязе, хасго Авар, ГIанди, Сулахъ гIоразул мухъазда ругел ва лъарагIлъиялдагун хъутабазда гIурал цIиял магIарул росабазул жамагIатазе кIвар бугеб ишлъун буго Бузнаса нух цIигьаби. Умумузул заманалда гьеб нух букIана цIакъго санагIатаблъун. Болъихъа жамгIияв хIаракатчи Дибиров МухIамадкамилил бажариялдалъун цIигьабун бахъулеб бугеб гьеб хIакъикъаталдаги сверун буго халкъияб нухалде. Бузнаса нухлул гIемер бицуна, амма гьелъул хIакъикъияб тарих гIемерисезда лъалебго батуларо. Кида ва кин Бузнаса нух бахъараб? Щиб кIвар гьелъул букIараб?

 

КIиго районалъул гIорхъода

  Бузна абулеб бакI ккола гендерил гIалах. Гьеб буго Буйнакск ва Унсоколо районазул гIорхъоде кколеб бакIалда. Цебе гендерил жамагIаталъ гьеб гIалахалдаса пайда босулаан, гьебги букIана гендерил жанисеб нухлъун. Хьвадулаан гьенисан цоги магIарулалги, хасго сверухъ ругел росабазул гIадамал. Доб заманалда лъарагIлъиялда рукIинчIо гьанже гIадал шагьарал. ТIорщалида хадур ва даранбазаралъе хьвадулаан, аслияб куцалда, Индиралде яги Гъизляралде. ЧIикIаб ГЭС бан хадуб, Бузнаса нухлул цо бутIа ккана лъеда жанибе. Бузнабе хутIана мугIруздасан захIматаб сухъмахъ яги Буйнакск районалъул росабалъан сверун ине нух.

  Генуб росдада нахъа ругел кьурабалъан Хъаранире унеб нухги доб заманалда, жеги гIатIид гьабичIеб, хIама бачунареб сухъмахъ букIана. Таргъуялде, шамхаллъиялде хьвадулаан гьанже тоннель бугеб бакIалдасан тIадеги рахун, гендерил мегIерги бегун. Аслияб магIишатияб нухлъун гендериеги цогидазеги XIX гIасру ахиралде щвезегIан ва ХХ гIасруялъул авалалда букIана Бузнаса нух. Гендерил парсазде ва магIарухъе машинабазе цIиял нухал рахъиялъул хIасилалда, хасго советияб заманалда гьелъул кIвар дагьлъана ва ЧIикIаб ГЭСалъул хIоринибе нух ккедал, ХХ гIасруялъул 80-абилеб соналдаса нахъе лъугIунго ана.

   Бузнаса нухалдаса XVIII гIасруялда ва цебе заманалда гIатIидго пайда босулароан ГIандигIурул мухъалде кколел, тIадегIан ругел росабазул жамагIатаз. ГIицIго гIагарда ругел жамагIатазул гIадамал ва Генуре, хас гьабун, рачIунел рикIкIадаса къанагIатал чагIи хьвадулаан гьеб рахъалдасан. Гьелъие гIиллаги кколаан, АваргIоргун жубалеб бакIалде гIагарлъулеб ГIандигIурул рагIалдасан цIакъго захIматаб, хIинкъи бугеб нух букIин. ГIор чаранкьурда цурал, кьурулъ кьабурал чIедерал чIелаздасан ва лъеда жанисан ине кколел бакIалги рукIана гьенир. Кин бугониги, нухги букIана гьениб, магIарул къагIидаялъул цIулал кьоги букIана АваргIурул ахалъуда. «ГIоржубада кьойин» абулаан гьелда. АхIулгохIдехун унеб нухде кколеб, АваргIурул кIиябго рагIаллъи цолъизабулеб гьеб гендерил кьоялда гIурусаз рекIинабуна «ГIешдерил кьо» абураб цIар. Гьеб цIаралда дандчIвала ГIоржубада кьо доб заманалъул рагъулал ва тарихиял хъвай-хъвагIаязда.

 

 

Нух къокъ гьабуна

   Гьелде щвезегIан гендерил жамагIаталъул къуваталдалъун бахъунги къачIанги букIараб Бузнаса нухалде тIоцебе кIвар буссинабуна Кавказалъул рагъул заманалда гIурусазул рагъулал нухмалъулез. Цересел кIиявго имамасул ва Шамилил имамлъиялъул байбихьул заманалда гьеб нухдасан гIурус аскарияз пайда босизе лъугьана лъарагIлъиялдаса Генуб росулъе рачIиналъе. Гьел соназда гIурус генералзабазул анищазулъ ва пикрабазулъ барщана Бузнаса нух гIатIид гьабиялъул суал. ГIицIго 1839 соналда, АхIулгохIда хIалуцарал рагъал унеб заманалда щвана генерал Граббее гьелъие ресги хIажатаб гIарцул кумекги. АхIулгохIде гIурус аскарал рачIана, аслияб куцалда, Буртунаялдасан, ХIаригабурлъиялдасан, Аргъванисан гIодоре. Аскаразе рагъул сурсатал ва кванил нигIматал раччулел рукIана цIакъго халатал нухаздасан. Свериги бахъун, рачIунаан Хьаргабисан Хунзахъе, гьенисан Игьалире, СагърикьотIе, чIиркъдерил кьотIе ва ГIашилтIе. Гьединго свери бахъулеб букIана гендерил магIардасан рихьундерил къварилъухъе, Балахьунире, Мокъсохъе, ЦIатIанихъе ва гьениса Игьалиреги рачIун. Рихьуниса Унсоколореги рачIун, гьениса къокъидго ГIашилтIе ине рес букIинчIо гендеридаги ансадеридаги гьоркьоб букIараб «ШайтIабазул кьо» Шамилица цебеккунго нахъе бахъун букIиналъ. ЦIакъ захIматго букIана гIурусазе гьел нухаздасан хехго рагъухъаби хIажатал сурсатаздалъун хьезаризе. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, гьез кIвар кьуна «ШайтIабазул кьо» къачIаялде ва цIуниялде. Гьеб тадбиралъ гьезие кIудияб кумекги гьабуна.

Гьелдаго цадахъ генерал Граббеца тIадкъаял кьуна хехаб куцалда Бузнаса нух гIатIид гьабиялъул хIалтIаби байбихьизе. Мурад букIана гьенисан рагъул сурсатал, гIарадаби ва кванил нигIматал жеги хехго хадур гъезари. ХIалтIаби гьарулел рукIана АхIулгохIда унеб рагъги гьоркьоса къотIизе течIого. Нух бахъулезе квекIен гьабизе магIарулазул ресал рукIинчIо. Нух бахъулезде кьвагьдон, гьезие дагьабниги квекIен гьабулеб букIана гIицIго гьенир кьурабалъ рахчун рукIарал гендерил гIабурикIаз, ай шаргIалда тамихI гьабун, росулъа къватIире гъун рукIарал чанго чияс. ХIакъаб букIана, АхIулгохIда рагъал унел рукIаго, гьеб нух бахъи ахиралде щолареблъи, жеги чанго соналъе хIалтIи гьениб букIин.

 

ГIоржубада — маххул кьо

    АхIулгохIдаса Шамил ворчIана Чачаналъе. МагIаруллъиялда кверщел щвана дандиязухъе. Гьеб заманалда гIурусазул аскарияз, хIажатаб кумекги магIарул жамагIатазда тIадаблъун гьабун, бажарараб куцалда гIатIид гьабуна Бузнаса нух. ГIоржубада рана щулалъаби ва гьениб тана хъаравуллъи. Гьенибго гьабун букIана Гъойсубулиялда приставасул чIолеб бакIги. Приставлъунги тIамун вукIана, хадув цIар рагIарав пачаясул генерал хIисабалда тарихалда машгьурлъарав Евдокимов. ЦIакъго чIахIиял бергьенлъаби Шамил имамас росизе лъугьараб 1843 соналда гьел щулалъаби гендерица щущазаруна, гьенир рукIарал гIарадабиги гIурулъе рехун, Темир-Хан-Шураре лъутун аскариялги ана. Гьелдаса хадуб кинабгIаги хIалтIи гьабичIо Бузнаса нухда 1859 соналда рагъ лъугIизегIан. Кавказалъул рагъ лъугIидал, пачаясул администрациялъ цIакъго цIикIкIараб кIвар кьуна магIарухъе нухал рахъиялде ва къачIаялде. КIвар бугеб нухаздаса букIана Бузнаса нухги. Росабалъа гIадамалги рахъинарун, хасго цIикIкIараб хIалтIи гьениб гьабуна XIX гIасруялъул ахиралда, ай Дагъистаналъул тахшагьар Темир-Хан-Шурабе маххул нух бахъаралдаса хадуб. Гьеб мехалда цIакъго лъикI къачIана ГIоржубадаса ЧIиркъатIе щвезегIан АхIулгохIда гъоркьан ГIандигIурул рагIалдасан букIараб нух. Шамил имамасул заманалда ЧIиркъатIа букIана Унсоколо ва Ведено тункIихарил заводал чIабтIидалъун хьезарулеб Къебуда бакI. Гьениса чIабатI гьаказда Шурабе, цинги паровозалда Россиялъул заводазде баччулаан. Хьиндалазул пихъги тахшагьаралъул консервазул заводазде гьедин баччана.

Унго-унголъунги халкъияблъун Бузнаса нух лъугьана ХХ гIасруялъул авалалда, инкъилабалдаса хадуб. Машинаби хьвадуледухъ гIатIидги гьабун, халкъалъул хIаракаталда Бузнаса нух бахъана Советияб хIукуматалъул нухмалъиялда гъоркь. Гьеб заманалда, ай 1920 соналда ГIоржубада лъуна маххул кьоги. Гьеб ишалъе нухмалъи гьабуна Генуса инженер МухIамадов Камилица (ХIажимал). Биценалда рекъон, тахшагьаралда, данде бакIарун, хIадурараб маххул кьо босун бачIун буго ГIоржубаде гIадамаз баччун. Генубе, ЧIиркъатIе, Унсоколо ва Гумбет районазул цоги росабалъе тIоцере машинабиги Бузнаса рачIун руго. Гьеб нухдасан тIоцебе бачIараб машинаялъул шофер ЧIиркъатIаса Пахрудин вукIанилан бицуна.

 МухIамаднаби Ибрагьимов, Генуб росу