«Пирогалъул» бищунго татуяб бутIа

 

  2022 соналъул бащдаб лъагIалида жаниб Россиялъул Банкалъ тIатинабуна кIиазаргоялдаса цIикIкIун балъго хIалтIулеб финансазулаб компания. Гьезул бащдал ккола финансазулал пирамидаби. Гъоркьиса гьединал компаниял рукIана лъабцIул дагь.

  Щал рикIкIунел нелегалаллъун ва кин гьел тIатинарулел, кин гьезде данде къеркьолел ва кин чIезабилеб финансазулаб пирамида? Гьел суалазе жавабал кьуна Россиялъул Банкалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул управляющий Мурад Идрисовас.

 

— Мурад Саниевич, кин бичIчIизе кколеб «финансазул рынокалда балъгояб хIаракат» абураб жо?

— Финансазул рынокалда балъго хIалтIулезда гьоркьор Россиялъул Банкалъ рехсола балъгоял кредиторалги, гьересифорекс-дилералги, финансазул пирамидабиги. Гьел компаниял хIалтIула Россиялъул Банкалъул лицензияги гьечIого. Гьединлъидал гьезухъа бажаруларо букIине кколеб даражаялда финансазулаб хъулухъ клиентазе гьабун ва, жидер хъулухъалдаса пайда босарав чиясул ихтиярал гьез хвезаруни, гьел низамалде цIазеги захIмалъула.

Балъго хIалтIулел финансазул гIуцIабазда гьоркьоса гIемерисел ккола «чIегIерал» кредиторал, ай финансазулаб хъулухъ гьабулел профессионалиял гIуцIабазул сияхIалда рехсечIел, амма гъоркь проценталги ккун, гIадамазе гIарац кьолел. Балъгоял кредиторал хIалтIула батIи-батIияб къагIидаялда. Цояз гIадамазе кьола потребителасул займал (гьединазда гьоркьоса цо-цояз хIалтIизарула хIакъикъиял финансазул гIуцIабазул цIарал, масала, «микрофинансовая организация», «микрокредитная компания»). Цогидал хIалтIула, микрофинансированиялъул рынокалда хIалтIизе ихтияр бугел гIуцIабазул сияхIалдаса жидер цIар хъвагIан бугониги.

«ЧIегIерал» кредитораллъун рикIкIуна гьереси-лизингалъулал компаниялги, гьереси-ломбардалги. Гьезги, комиссионнияб тукен абураб цIаралда гъоркь хIалтIулаго, кьола гIадамазе займал, законалъул тIалабалги цIуничIого, гъоркьлъалие машинабиги лъезарун.

Гьединго балъгояб гIуцIилъун рикIкIуна финансазулаб пирамидаялъул хасият бугел компаниялги: цIикIкIараб хайир щвезе бугин абун, гIадамалги махсараде ккун, гьезухъа гIарац бакIарула гьединал компанияз, хайир кьолеб цониги бакIалде гIарацги харж гьабичIого.

 

Онлайналдаса пайдаги босун

— Араб соналъул тIоцебесеб бащалъиялде дандеккун, лъабцIул цIикIкIана нелегалазул къадарин абуна дуца. Щиб гьелъие гIилла?

— Санкциязул хIасилалда хисана загьириял финансазул компаниязул хIалтIул шартIал. Гьелдаса пайдаги босун, хIаракат цIикIкIинабуна балъгоял компанияз. Гьез жигаралда тIибитIизабуна «пуланав чияс рецIалие гIарац кьолин» яги гIадатиял гурел, ай гьересиял, инвестициязулал проектазде гIарац харж гьабулеб бугин абурал рекламаби. АхIвал-хIал хIалуцинабуна чIахIиял пирамидаби цо чанго гьитIиналде рикь-рикьун хIалтIиялъги. Пирамидабазулги нелегалазул 80гIанасеб процент хIалтIула онлайналда.

Гьебго заманалда Россиялъул Банкалъ камил гьабуна онлайналдасан хIалтIулел нелегалал тIатинариялъул къагIида. Гъоркьиса декабралда хIалтIизе байбихьараб законалда рекъон, ихтияр кьуна гIарац бахъиялъул мурадалда гIадамал махсараде кколел интернет-сурсатазе, суд гьабизегIанго, нухал къазе.

Законалъ лъалаго хехлъизабуна гьединал сурсатаз хIалтIизе гьукъиялъул болжал: цо чанго анкьидаса кIиго-лъабго къоялде щвезегIан. Гьедин, Россиялъул Банкалъул бихьизабиялда рекъон, исана къана 3500 финансазулаб рынокалъул сайт.

 

АнкьцIул ургъе

— Дагъистаналдаги тIатанищ финансазул пирамидаби?

— Гьаб соналъул тIоцебесеб бащалъиялда тIатинабуна тIолабго улкаялда хIалтIулеб ичIнусгоялдаса цIикIкIун финансазулаб пирамида. Гьел рукIана хайппроектал хIисабалда гIицIго Telegramалда хIалтIулел. Гьезул гьечIоан жалго бетIергьанал сайтал ва гьез гIадамазухъа гIарац бакIарулаан Telegram-ботазул кумекалдалъун. Telegram-каналалда кьураб ссылкаялда бугеб малъа-хъваялда рекъон, гIарцуде хьул лъурав чияс хъвазе кколаан гьитIинабго текст. Гьединал, ай мухIканлъи лъаларел, щакал интернет-проектазде гIарац бакIарулеб бугин абурал Telegram-каналазде раккуге.

Финансазул пирамидабазул 56-ялдаса цIикIкIун проценталъ абулеб букIана криптовалюта кьезе бугилан яги криптовалютабазул активал росизе ругин абун. Машгьураллъун хутIун руго экономикияб хIай хIисабалда гIуцIарал финансазулал пирамидабиги.

Дагъистаналда хIалтIулеб букIана «TRUST INVEST CAPITAL» абураб цIакъ кIудияб финансазулаб пирамида. Гьелъул гIуцIарухъабаз гIадамал ахIулел рукIана венчурияб бизнесалде гIарац харж гьабизе. ЖуликIаз гIадамазда абулеб букIана, гьиналъулаб маркетингалъул къагIидабиги хIалтIизарун, машинаби, багьа хирияб техника, мина-мулк учузго босизе рес щвезе бугин абун. Амма хIакъикъаталда гIадамазухъа бакIарараб гIарац кибениги, ай инвестициязулаб цониги проекталде харж гьабулеб букIинчIо.

Россиялъул Банкалъулги, МВДялъулги ва прокуратураялъулги цадахъаб хIаракаталдалъун рес щвана пирамидаялъул хIаракат тIатинабизе ва гIадамазухъе тIадбуссинабуна 300 миллион гъурущ.

 

— Кинал къагIидаби хIалтIизарулел финансазулаб рынокалъул нелегалаз?

— ГьабсагIаталда аслияблъун буго, «нужерго гIарац хвасар гьабеянги» абун, къватIисел улкабазул проектазулъ ва багьа хириял кагътал росиялъулъ гIахьаллъизе гIадамал ахIи. Гьедин гьабулаан цебеккунги, амма гьанже гьелъие кьучIлъун рехсола Россиялде данде лъазарун ругел санкциял. Жигаралда хIалтIулел руго кибержуликIал: телефоналъул пуланаб номералде гIарац рехизабизе инсан мукIур гьавиялъе гьез абула халкъазда гьоркьосеб расчет гьабулаго, квекIенал кколин абун. 2022 соналъул тIоцебесеб кварталалда тIатинарурал нелегалазул 58-ялдаса цIикIкIун процент ккола криптовалютаялда хурхарал ишал гьарулел компаниял. «TRUST INVEST CAPITAL» пирамидаялъул нухмалъулез клиентал божизарулел рукIана жидер компаниялъ криптовалютаги акциялги ричулел рукIиналде.

 

VPN — гIадамал гуккулеб канал

Пуланаб пирамидаялде Россиялъул интернеталдасан нух къан бугониги, жуликIазухъа бажарула гIадамазухъа гIарац бакIариялъе нух балагьизе. Гьелъие хIалтIизабула VPN – клиентазда лъазабула гIицIго гьелъул кумекалдалъун ракке жидер интернет-сайталдеян абун. Гьединлъидал, VPNсервисаз нужго гуккунгутIизе, Россиялъул Банкалъул сайталда халгьабе нужеца гIарац рехизехъин бугеб финансазулаб гIуцIиялъе лицензия кьун бугищали.

Ахирал соназда цIакъго тIибитIун буго онлайналда гьересиял проектал рагьи – гьеб гIемерго учузго чIола жуликIазе. Гьединал проекталлъун ккола онлайн-пирамидаби, криптовалютаялде гIарац харж гьабизе квербакъизе бугин бицин, гьересиял форекс-дилерал, батIибатIиял экономикиял хIаял.

ГIадамал гуккизе нелегалаз тIамула блогерал – федералиял яги регионалиял. Гьез тIалаб гьабула социалиял гьиназда ругел блогерасул гьурмазда пуланаб баян лъеян, яги жиндиего гIемер хайир щванилан абун, бицеян. Инсан божизавизе гьез хIалтIизарула интернеталда хIалтIизарулел рекламиял баннералги, машгьурал видеохостингалдаса роликалги, дунялалдаго цIар арал брендалги ва финансазулал компаниязул цIаралги.

СихIручагIаз пайда босула финансазул ва тарихазул рахъалъ гIадамазул лъай гьечIолъиялдасаги. Гьединлъидал, дица абилаан, лъаларел компаниязулгун гIарцул ишал байбихьилалде гьеб хIакъикъияб «Пирогалъул» бищунго татуяб бутIа 2022 соналъул бащдаб лъагIалида жаниб Россиялъул Банкалъ тIатинабуна кIиазаргоялдаса цIикIкIун балъго хIалтIулеб финансазулаб компания. Гьезул бащдал ккола финансазулал пирамидаби. Гъоркьиса гьединал компаниял рукIана лъабцIул дагь. Щал рикIкIунел нелегалаллъун ва кин гьел тIатинарулел, кин гьезде данде къеркьолел ва кин чIезабилеб финансазулаб пирамида? Гьел суалазе жавабал кьуна Россиялъул Банкалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул управляющий Мурад Идрисовас. 5 №36, рузман 2022 с. 9 сентябрь бугищали халгьабеян абун. Халгьабизе бегьула Россиялъул Банкалъул сайталъул «Проверить финансовую организацию» абураб бутIаялда. Гьениб кьун буго щаклъи бугел финансазулал компаниязул сияхI.

— Финансазулаб пирамида бугеблъи кин чIезабулеб?

— Аслияб хIужалъун ккола лицензия гьечIолъи. Халгьабизе ккола Россиялъул Банкалъул, Налогазул федералияб хъулухъалъул ва ЕГРЮЛалъул пачалихъиял сияхIазда компаниялъул цIар рехсон бугищали. Законалда рекъон хIалтIулеб компаниялъ жиндир хIакъалъулъ баянал балъго гьаруларо.

Цоги хIужа – интернет-рекламаялъул кумекалдалъун, социалиял гьиназдаса ва мессенджераздаса гIадамазде ахIи бай. Щаклъизе ккола, гьеб сонцерекъад рагьараб компания батани ва гьелъул мукъсанаб капиталги учредительлъун цого чагIи ругони.

Нагагь компаниялъ лъазабулеб бугони, дур гIарац цIикIкIараб хайир щолеб предприятиялде, масала, месед бахъулеб, бакIал ралеб ва гь.ц., харж гьабизе бугин абун, тIалаб гьаре гьединаб хIаракат тасдикъ гьабулел документал. Документал гьечIони – 100 проценталъ ракIчIараб буго дуда цеве жуликI вукIиналде.

Буго цIодорлъизе гьабизе кколеблъи бичIчIизабулеб цоги жо – цебеккунго гIарац кьезаби, ай компаниялда гъорлъе ккезе ва хадубккун гIемераб хайир щвезе бокьани, цин дагьабниги гIарац кьезе кколин аби. ЦIодорлъизе ккола цIиял клиентал ралагьеян гьарулеб бугониги – гьеб буго цогидазухъа гIарацги бакIарун жидеего хайир балагьулеб финансазулаб пирамидаялъул классикияб къагIида.

— Ахиралдаги, кинаб гIакълу кьелеб дуца нижер цIалдолезе?

— Аслияб жо буго цIодорлъи гьаби. КинабгIаги къотIи-къаялда гъоркь гъулбасиналде кIваркьун цIализе ккола гьеб ва цIадирабазда лъезе ккола киналго рахъал. Киданиги разилъуге щаклъи ккараб гIуцIиялъул хъулухъаздаса пайда босизе. ГIадамазда ракIалде ккола, «пирогалъул» бищунго татуяб бутIаги щун, финансазулаб пирамидаялъукьа рорчIилин абун. Амма гьеб буго гьереси, пирамидаялда бечелъула гIицIго гьеб гIуцIарав чи.

ГIадамал гуккулеб финансазул гIуцIиялъул яги пирамидаялъул хIакъалъулъ лъазабизе бегьула Централияб Банкалъул официалияб сайталда бугеб интернет-приемнаялдасан. Гьединго бегьула «ЦБ Онлайн» абураб мобильнияб приложениялъул чаталдасан суалал кьезе.