Макьидаса рорчIизе заман щвечIодай?

2010 соналда Татарстана­лъул президент Минтимер Шаймиевас иргадулал рищиязда гьеб хъулухъалде гъира бугезда гьоркьоб жиндирго цIар загьир гьабичIо ва захIматаб, жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIудаса жиндиего бокьун гIодов чIана. Нилъер гIумруялда гьединал хIужаби къанагIат гурони дандчIваларелъул, гьединал гIадамазул хIурмат гьабизе бачIуна. Гьев мустахIикъаб хIухьбахъиялде аралдаса дагьаб заманги инчIо.

Минтимер рикIкIунаан ритIу­хъав, гIакълу камилав, кьураб рагIи кколев, бадибе жо абулев нухмалъулевлъун. Жиндихъа ба­жарулеб, лъугьунеб жоялъе гьес кумек гьабизе хIаракат бахъулаан, амма цо кинаб бугониги гIиллаялдалъун гьабизе рес гьечIеб жо, нахъе къачIого, битIахъего гьебги абулаан.
РакIалда буго, Дагъистаналде хъачагъал кIанцIидал, нилъер республикаялъе кумек гьабиялъул мурадалда, Россиялъул хIукуматалъ хIукму гьабуна киналниги субъектазда тIадкъазе Дагъистаналъе кIвараб кумек гьабиялъул иш. Гьеб мурадалда республикаялъул хIукуматалъул членал, министрал щибаб республикаялда хадур щула гьаруна гьез кумек гьабун кьолеб къайи-матахIалъул ургъел гьабизе ва гьеб Дагъистаналде бачIиналъе квербакъизе. Мисалалъе, Краснодар краялъ кьуна 1000 тонна ханждал. Гьединго маххалда­лъун, бакIал ралел тIагIелаздалъун, цементалдалъун кумек гьабуна цогидал республикабазги. Татарстаналде ун, гьеб иш гIуцIизе тIадкъана дидаги. Амма гьеб республикаялъул президентасул администрациялъул нухма­лъулезулгун гьабураб накъита­лъул хIасилалда дида бичIчIана нилъее кумек гьабизе гьезул рес гьечIолъи. Республикая­лъул бетIерасул цIаралдасан гьеб ракIбацIцIадго, добе-гьанибе цIачIого, гьез загьирги гьабуна. Гьелъухъги баркала буго, рукъ бакъунги тун, садакъа гьабилищха. Гьеб бугин ккола республикаялда жаниб социалияб рахъ, гIадамазул рукIа-рахъин къадарго бугони, сундухъго балагьичIого, гьеб борхизабизе нухмалъулесул бугеб гъираялъул, жиндир миллаталдехун бугеб рокьиялъул, гьезда цебе бугеб жавабчилъиялъул хIасил.
Гьанже рачIинин дун гьаб макъала хъвазе тIамураб аслияб пикруялде. Жакъа гIум­руя­лъул бечедаб хIалбихьи бу­гев, миллаталъул кIвар би­чIчIу­лев республикаялъу­л пре­зи­дентасул гIакълучи М. Шай­миев хIалтIулев вуго жамгIияталда жаниб жидерго ми­ллияб мацIалъул кIвар борхи­забиялда тIад. Татарстанал­да гIуцIулел руго гIемерал мацIал лъазариялъул школал. Гьениб кIвар кьолеб буго пачалихъиял­лъун кколел татар ва гIурус ма­цIал мухIканго лъазариялде. Казана­лъул федералияб уни­вер­ситеталдаги мацIазул мах­щелчагIи гIезариялде кьолеб кIвар цIикIкIинабулеб буго. ГIе­ларищха, жакъа къоялде гьеб унив­ерситеталда филологияб ва художествияб рахъалъ студентал цIализарулеб анлъго факультет букIин.
Нилъецайин абуни, кин бицаниги, рахьдал мацIазул суалазде кьолеб кIвар буго цIакъго тIаса-масагояб.
Чанго сон буго Дагъистаналъул университеталда гIурус ва Дагъистаналъул халкъазул мацIазул факультет къаралдаса, соналдаса соналде дагьлъулел руго гьенир филологияб факультеталда цIалулел гIолилазул къадарги. Беццилеб хIал гьечIо лъималаз рахьдал мацI лъазабиялъулги, тIоцебесеб иргаялда, жалго эбел-инсул, хадуб школазул тIалабалъулги. ГIолеб гIелалда гIадлъун бихьулеб рахьдал мацIалда кIалъай, гьелда хъвараб цIализе лъай. ЛъикIаб букIинароандай лъималазул ахаздасан байбихьун, рахьдал мацIал лъазарулел къокъаби гIуцIани, школа лъугIун хадуб кьолеб ЕГЭялде гъорлъе гIагарал мацIазул суалалги журани, пачалихъияб хъулухъалде хIакимлъун восулев чиясдаса жиндирго рахьдал мацI лъайги тIалаб гьабуни!
Квеш ккеладай, цогидал мадугьалихъ ругел республикабаз гIадин, нилъецаги нилъерго росабазул, къватIазул цIаралгIаги гIурус мацIалдаго цадахъ жиб-жиб миллаталъ нилъерго мацIалда хъвани? ТIоцебесеб иргаялда, гьеб бараб буго районазул бутIрузда, лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезда ва школазул директорзабазда. Россиялъул законазда гьеб гьукъа­раб бакIги гьечIелъул. Заман щун буго, макьидасаги рорчIун, гьеб суалалда тIад ургъизе.