ХицIиб магъилъе

Халкъал цолъиялъул къоялде

 

Рузман къоялъ Дагъистаналъул миллиял газетазул журналистазул кIудияб къокъаялъ сапар бухьине буго Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъе. 

Гьел щвезе руго росдал школалде, тарихиял бакIазде, ХицIиб магъилъе, Надир-шагь щущахъ виххизавураб бакIалде. Гьениб бицине буго росдал ва росулъа рахъарал машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ, Надир-шагь щущахъ виххизавиялъулъ дагъистанияз бихьизабураб бахIарчилъиялъул, къо­ккедал букъараб зар гIадин цадахъ рахъине хIадураб нилъер халкъа­лъул ва гIемераб цогидалъулги. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ нижеца гIатIидго бицина газеталъул хадусеб номералда.