ГIарза нахъчIвалеб бугони…

 

   Май моцIалдаса нахъе ресукъ- ал хъизамазе кумекалъе цIиял пособиял кьезе байбихьана. Микьго сон баралдаса 17 сон тIубазегIан лъималазе пособие кьола Пенсиязул фондалъ. Пособиялъе гIарзал къабул гьаризе байбихьарал тIоцересел къояздаго Дагъистаналъул Пенсиязул фондалде бачIун букIана 72000 гIарза. Гьезда гьоркьоса цо-цоязе инкарги гьабуна. Цо-цояз абулеб буго, халцин гьабичIого, кIиабилеблъабабилеб къоялъ, инкар гьабураб кагъат бачIунеб бугин абун.

   — Дица битIараб гIарзаялъе лъабабилеб къоялдаго жаваб бачIана: «Нужер хъизамале харж яги кинаб букIаниги ишалдаса хайир бачIунеб гьечIо», — ян абун, хIатта хъизамалъул вакилзаби официалияб къагIидаялъ хIалтIулел ругониги. Нижер хъизамалда буго лъабго лъимер, бищун кIудияй яс студентка ккола.

   Рос хIалтIулев гьечIо. ГIемерал лъималазул хъизам хIисабалда, эбел-инсул цоял хIалтIулел гьечIониги кьезе кколаан пособие. Щаялиго инкар гьабуна. КIиабилеб нухалдаги хъвана гIарза ва кIиабилеб къоялъго инкар гьабураб кагъат бачIана. Лъабабилеб нухалдаги гьебго жо ккана. Халго гьабичIогодай гьез инкар гьабулеб бугеб? — абун хъвалеб буго МахIачхъалаялдаса Барият МуртазагIалиевалъ.

— 8-16 сон барал лъималазе пособие щвеялъе дица гIарза хъван букIана май моцIалдаго. КIиго анкьидасан инкар гьабун бачIана нужер хъизамалъул вакилзабазе харж яги хайир бачIунеб гьечIинги абун. Дун, официалияб къагIидаялъ, харж бачIунеб хIалтIуда йиго, нижер лъабго лъимерги буго. Лъимадул инсуе харж бачIунеб гьечIониги, гIемерал лъимал рукIин гIиллалъунги босун, къабул гьабизе кколаан гIарза. Гьелдаса хадуб цоги нухалъги кьуна гIарза ва гьеб ну- халдаги инкар гьабуна. Инкар гьабиялъе гIиллалъун бихьизабун буго нижер гIарза цебеккунго къабул гьабун букIанин абураб. Гьелъул магIнаги бичIчIичIого, дун ана Пенсиязул фондалъул Гъизилюрталда бугеб отделениялде. Гьезги абуна дир гIарза къабул гьабун бугин абун. Анкьидасан апрель ва май моцIазул гIарацги бачIана, — ян бицана Гъизилюрт шагьаралдаса ПатIимат МухIамадовалъ.

8-16 сон барал лъималазе пособиялъе Госуслуги порталалдасан инкар гьабун бачIараз, цIидасанги хъвалеб буго гIарза. Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъ СМИяздаса хитIаб гьабулеб буго инкар бачIанщинахъе гьоркьоса къотIичIого цIиял гIарзал ритIугеян.

  «ЦIидаса ритIулел гIарзаз кколелдаса цIикIкIун хIалтIи тIаде кколеб буго системаялде, гьелъ гъалатIалги ккезарулел руго ва хIалтIиги халат бахъинабулеб буго. Нагагь нужер гIарза мекъи нахъчIван батани, Пенсиязул фондалъул электронияб почалде хитIаб гьабизе бегьула. Фондалъ нужер хитIабалъул хал гьабула ва инкар щай гьабун бугебали гIилла цIехола. Цинги, къокъабго заманалда жаниб нужее жавабги кьола. 8-16 сон баразе щолел пособиязул рахъалъ суалал хехго тIуразе бокьараз хъвазе бегьула prdoog@mail.ru электронияб почалде.

   ХитIаб битIулелъул нужерго телефоналъул номерги цIарги битIун хъвазе ккола ва бихьизабе сундаса рази гьечIелали», — ян хъвалеб буго ДРялда бугеб Пенсиязул фондалъул отделениялъ.

ГIемерисеб мехалда пособиял кьезе инкар гьабула гIарза цIолаго риччарал гъалатIал сабаблъун.

Гьединлъидал пособиял кьеян гIарза хъвалелъул дандчIвалел ричIчIуларел цо-цо суалазе баян кьуна экономист Луиза Мурадбеговалъ.

— ГIемерал лъимал ругеб хъизамалъул цоязе (эбелалъе, инсуе, яги 18-23 сон базегIан вузазда цIалулел лъималазе) пособие кьезе инкар гьабулищ?

— Пособие щвеялъе кьурал гIарзазул хал гьабулелъул, киналго документал хIисабалде росула. Хъизамалда гIемерал лъимал (лъабго ва цIикIкIун) ругин абун гIарзаялда хъвараб гIоларо. Гьеб хъизамалъул букIине ккола гIемерал лъимал ругин абураб статус бихьизабураб документги. Пенсиязул фондалъ гьеб документ тIалаб гьабула соцзащитаялдаса. Нагагь документ цебеккунго гьабун букIун батичIони, пособие щвеялъе хъвараб гIарза нахъчIвазе бегьула.

Гьеб хъизамалда очно цIалулел 23 сон бачIел ва ригьин гьабичIел лъимал ратани, гьезулги официалияб доход яги кIвар бугеб гIилла букIине ккола. Гьезие стипендия бачIунеб бугони, гьебги рикIкIуна хъизамалъе щолеб хайирлъун. Стипендия щолеб батичIониги, пособие щвеялъе щибгIаги квалквал кколаро.

— ХIалтIудаса нахъе къотIарав чиясе цIияб хIалтIи щолеб гьечIони, гьесул 8-16 сон барал лъималазе пособие кьолищ?

— Хъизамалъул цоял, ай эбел яги эмен 2022 соналъул тIоцебесеб марталдаса нахъе хIалтIудаса рехун ратани ва гьебго заманалда хIалтIи гьечIевлъун ЦЗНялда хъвай-хъвагIайги гьабун батани, гьезул лъималазе пособие кьола. Гьезие цебеккун бачIунеб букIараб харж яги хайир рикIкIунаро. Амма гьезул лъималазе пособие анлъго моцIалъ гурони кьоларо. Анлъго моцIил болжалалда жаниб гурони гьев хIалтIудалъун хьезариялъул централъ къабул гьавуларелъул. ХIалтIудаса махIрумлъарав чи цIияб хIалтIи щвезегIан, пачалихъалъ анлъго моцIалъ хьихьула.

— Пособие щолеб лъимадул эбелалъеги инсуеги кIиязего цадахъ харж бачIунеб гьечIони, гьел кIиязго кIвар бугеб гIиллаялдаса пайда босизе бегьулищ?

— Масала, гьелъул эбел лъимаде йигони (12 анкьидаса цIикIкIун), 80 ва тIаде сонал рарай кIодое яги цогидал харабазе инсуца хъулухъ гьабулеб бугин абун хъвай-хъвагIай гьабун батани, пособие щола. КIиязулго гIиллаби кIвар бугеллъун рикIкIуна.

— КIвар бугел гIиллабиги гьечIони, лъагIалида жаниб чан моцIалъ официалияб хIалтIуда рукIине кколел пособие щвезе ккани?

— ГIарза хъвалесул доходазул хал гьабулелъул хIисабалде босула — гIарза хъвалелде ункъо моцIалъ цебеккун букIараб лъагIалил харж. ХIисаб гьабулеб соналда цохIо моцIалъгIаги официалияб къагIидаялъ хIалтIулевги вукIун, хадув хIалтIудаса рехарав чиясеги пособие кьезе инкар гьабуларо. Гьеб лъагIалида жаниб харж яги хайир щунгутIиялъе гIиллабиги къваригIунаро.

— Лъимаде йигей эбелалъул харж яги хайир гьечIолъи кIвар бугеб гIиллалъун кидаялдаса нахъе рикIкIунеб?

— Лъимаде йикIараб щибаб моцI рикIкIуна кIвар бугеб гIиллалъун. Амма хIисаб гьабулеб лъагIалида жаниб анцIабго моцIалда рукIине ккола пособие щвеялъе кIвар бугел гIиллаби. Масала, пайда босизе бегьула чанго батIияб кIвар бугеб гIиллаялдаса. КIвар бугеб гIиллалъун ккола хIалтIи гьечIеллъун ЦЗНалда хъвай-хъвагIай гьабун букIин, 80 ва цIикIкIун сон баразда хадуб хъулухъ гьаби, лъабго ва цIикIкIун моцIаз халат бахъараб унти ва гь. ц.

Лъимаде йигеб анлъго яги цIикIкIун моцI, хIисаб гьабулеб соналде данде кколеб бугониги, гьелъул 8-16 сон бараб лъимадуе пособие кьезе инкар гьабуларо.

— Хъизамалъе щолеб хайир гIицIго алиментал ва пособиял гурел гьечIони, 8-16 сон баразе пособие щвезе ккани, цоги кIвар бугел гIиллаби къваригIунищ?

— КъваригIуна. Алименталги пособиялги доходаллъун рикIкIунаро, амма хIисаб гьабулеб соналда бачIараб гьеб гIарац рикIкIуна.

— ГIарза хъвалелъул хIакъикъиял гурел баянал рихьизаруни, щиб букIунеб?

— Хал гьабулелъул гьересиял баянал ратани – инкар гьабула. Масала, хъизамалъего бачIунеб гIаммаб хайир гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул къадаралдаса дагьабго цIикIкIунебги букIун, цоязулгIаги доход бахчизеян лъугьани, гьеб- ги хал гьабулезда тIатуна. Мисалалъе, гIарзаялда росасул цIарги бихьизабичIого гьев гьечIев гIадин гьересиял баянал хъвалел ругони, ПФРалда гьеб лъазабизе кIола ЗАГСалдаса. 80 ва тIаде сон барав пенсионерасда хадуб хъулухъ гьабулеб букIанин абун гIарзаялда бихьизабуни, гьебги лъазабизе кIола СНИЛСалда рекъон.

Нагагь гьересиял баяналгун гIарза къабул гьабуни ва пособие щвани, гьеб хIилла гьабун букIин тIатиндал тIад буссинабизеги тIамула.

— Лъимадул эбел-эмен ратIалъун ругони ва эбелалъ битIараб гIарза къабул гьабичIони, цIидасан инсуца хъвазе бегьулищ пособие щвеялъе гIарза?

— Бегьула. Масала, эбелалъул официалияб доход щолеб бакI батичIони, гьелъие инкар гьабула. Гьебго заманалда инсуе харж щолеб букIун батани, гьесул цIаралда гIарзаги кьун бачIине рес буго пособие.

— Пособиялъе инкар гьабуни, гьелъие гIилла бихьизабун букIине кколищ?

— Инкар гьабун бачIараб кагътида гIилла бихьизабун батичIони, щай гьабичIебилан гIарзацин хъвазе ккола. ПалхIасил, гIилла бихьизабун букIине ккола.

 П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА