ЦIадаса ХIамзатица рухIиял куркьбал гъурав

ЦIумада районалъул Лъондодаса тохтур ГIабдурашид СагIидов миллатцоязда лъала Москваялъул цо клиникаялъул нухмалъулев ва жамгIияв хIаракатчи ва публицист хIисабалда.

 

Жакъа ГIабдурашидица ракIалде щвезавулев вуго жиндирго инсул вацгIал, «БагIараб Байрахъ» газеталъул бетIерав редакторлъун гIемерал соназ хIалтIарав МухIамад Шамхалов.

 

— Гьадинав чи вугилан инсуца бицун гурони, вихьун МухIамад дида лъалароан дун 7-8 классал­де вахъинегIан. Гьесул вацасул яс ригьнаде кьолеб мех букIана гьеб. МухIамад Лъондоде вачIана жин­дирго кIияйго ясгун цадахъ.

 

ТIоцебе МухIамадица диргун гьа­бураб хабар букIана цIаралда хурха­раб. Рагъда тIагIарав жиндир вацгIал ГIабдурашидил цIар бугила дуда лъун, гьелъие мустахIикъавлъун вукIине ккелин насихIаталги гьару­на гьес.

 

 

Киве унев вугониги, ай хIухьбахъизе рохьове яги цогидалъуве унелъул, дунги цадахъ вачунаан. Гьесул ясал – Зюмагун Татьяна дир гIел бащадал рукIиналъги батилаха. Гьедин гьудуллъи ккана МухIамадилгун дир. Санайилго март моцIалъ МахIачхъалаялде Олимпиадабазде щведал, гьесухъе ваккичIогоги дун чIолароан.

 

 

— Нужерго росдал хасаб мацIги бугеб бакIалда гIурав чиясда хадубккун хъвадарухъанлъун, миллияб газеталъул бетIерав ре­дакторлъун вахъунеб махщалида болмацI лъай буго гIажаибаб жо. Хасго доб мехалда.

 

— БолмацI кутакалда лъалаан гьесда. Росулъ лъондодисезул мацI бицаниги, шагьаралде щвараб ме­халда дида, щаялиго, болмацIалда кIалъалаан гьев. Байбихьуда дида кколаан гIемер заманалъ шагьа­ралдаги вукIун, гьесда багвала­зул мацI кIочон батилилан. Дица гьикъана гьесда дуда гIезегIан лъикI лъалеб бугин росдал мацI, амма гIагарлъигунги росуцоялгунги авар мацIалда кIалъаялъул магIна щиби­лан.

 

Гьес жаваб кьуна мацI бугила устарасухъ кодоб бугеб алат гIадаб жо. Щивав устарасул букIунила жиндирго квер ругьунлъараб алат. Гьединаб алатлъун жиндаги авар мацI бихьулила, гьелдалъун би­гьалъулила жиндие пикрабиги, гIумрудул хаслъиги загьир гьабизе.

 

 

БолмацIалде рокьиги пагьму­ги лъимерлъудасанго букIун буго МухIамадил. ГьитIинго ЦIадаса ХIамзатилгун ккараб дандчIваялъги кIудияб асар гьабун буго хадубккун гьесул гIумруялъе.

 

ХIамзатги машгьурав летчик-ис­пытатель Георгий Байдуковги цо со­налъ Агъвалире рачIун рукIун руго избирателалгун дандчIвазе. Байду­ков СССРалъул Верховный Сове­талде депутатлъун Дагъистаналда­са вищизе кколев вукIун вуго. Гьеб дандчIваялда вукIун вуго КIванада школалъул цIалдохъан МухIамад Шамхаловги. Доваса бахъарав Агъ­валиве щвезегIан хIатIида гIицIго вачIун вуго гьев.

 

Гьениб МухIамадица ЦIадаса ХIамзатида абун буго жинда дур киналго кучIдул рекIехъе лъалилан. Гьедин батани, «ГIадатазул жул» цIалеян абун буго ХIамзатица. Гьеб параялъго двар-двариялда цIалун буго МухIамадицаги гьеб. Гьелдаса хадуб – цогидабги.

 

 

Гьедин лъикIаб лъай-хъвай ккун буго ХIамзатилгун МухIамадил. Школа лъугIун цIализе индал, жеги щулалъунги буго гьеб. Валлагь, МахIачхъалаялде щвараб къоялдаса нахъе жиндие ХIамзатица эменлъи­ги, Хъандулалъ эбеллъиги гьабунин бицунаан гьес.

 

Цинги ХIамзатица «МагIарул большевик» («БагIараб байрахъ») газеталъул мухбирлъун тIамизавун вуго.

 

Москваялде, партиялъул тIадегIанаб школалде цIализе иналде цебе хъизан гьабизе ккеялъул хабар­ги ккезабун бугоан Хъандулалъ МухIамадие, бокьараб бакIалде квер битIейин, жидеца ячинин дуе лъадийиланги абун.

 

 

Амма Москваялдаса гьев тIад вуссана цадахъ цIалулей йикIарай Фаинагун (Кострома областалдаса комсомолалъул цеехъан).

 

Гьеб заманалда магIарул ва цоги­дал миллатазул мацIазда риччалел газетал «Дагестанская правдаялъ­ул» дубляжлъун кколаанин бицу­наан дос. Мухбирзабиги таржама­чилъи гьабулел хутIун рукIанила, творчествоялъе бакI яги милла­талъул масъалаби рихьизаризе рес букIинчIила газеталда.

 

Гьабизе жо тIагIарав МухIамадица гьеб суал цебе лъун буго ГIабдурахIман Данияловасда. Пикрудуй дагьабниги эркенлъи­ги кьечIого гьеб хIалалда тани, миллиял газетазул иш лъугIизе бугин абун буго гьес досда. Гьор­кьоб заман иналде тIубан буго ГIабдурахIманица гьеб суалги.

 

 

МухIамадие ЦIадаса ХIамзатидасан щвараб кумекалъул цойги ми­сал бачинин. 1930-абилел соназул ахир букIун буго. ХIалтIуде унаго, гьесда ятула цо къотIной цIарагIги тIахьалги ричулей гIадан. Росги хун, жинцаго лъимал хьихьулей гIадан йикIун йиго гьей. Гьелъухъа Троц­киясул тIехьги босун, МухIамад хIалтIуде щвейги КГБялъул чагIи жанире лъугьинги цадахъ ккун буго. Щиб ячейкаялда гъорлъин мун ву­гев, Троцкиясул тIехьалдалъун щиб гьабизе хIадурулевин вугевилан абун азарго суал кьун, рахIат хве­забулеб букIун буго гьесул. Хадуб ЦIадаса ХIамзат гьеб ишалда гьор­кьове лъугьинчIевани Аллагьасда лъалаан щиб ккезе букIарабали.

 

 

— Партиялъул школаги лъугIарав, ЦIадаса ХIамзатилгун ГIабдурахIман Данияловасулгун лъай-хъвайги бугев мисалияв редакторасул хадубккунисеб гIумру гIезегIан бигьаяб букIун батила.

 

— Валлагь, тIаде балагьун гье­динин кканиги, рукIун руго МухIамадил нухдаги чанги ганчIал. Масала, 1971 соналда Дагъистанал­да ракь багъариялъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь буго гьесул – «Мар­гьу гуро гьаб» абураб. Партиялъул обкомалъул данделъиялдаги лъун, пухъ-рахъ гьабун какун буго гьеб ГIумахановас (доб мехалда респу­бликаялъул бетIерлъуда вукIарав МухIамадсалам ГIумаханов – авт.). Партияги хIукуматги сурун бихьизабулеб тIехь бугин кIалъан вуго гьев.

 

Амма магIарул мацIалда къватIибе бачIиналдего, Москваялда «Со­временник» басмаханаялъ биччан буго гьеб. Доб мехалда кутакалда къанагIатаб жо кколаан миллияб мацIалда къватIибе бачIиналдего гIурус мацIалда тIехь бахъи.

 

 

«Антисоветчина» абун бадирчIваял гьарун, уголовнияб дело гьабизе дагьалъ хутIун буго «ВатIаналъул унти» абураб тIехь къватIибе бачIиндалги. ГIурус мацIалда къватIибе биччан букIарабани, хIакъикъаталдаги досие тамихI гьабизе рес букIана, щайгурелъул дора асли­яв героясул кIалдир лъун руго улка­ялда гIорхъаби къан рукIиналдаса, доб заманалъул политикаялдаса разилъи гьечIолъи бихьизабурал рагIаби. Гьединал рагIабазе гIоло Сахаровасе, Солженицыние тамихI гьабулеб заман букIана доб.

 

 

— Гьебго жо жиндиегоги гьабизе бегьулеблъи лъалеб букIинчIодай досда?

 

-ТIехьалда кьураб хIакъикъат къватIибе кьезе бокьун, живго жинцаго кваналев вукIанилан абу­лаан МухIамадица. ТIадежоялъе, тIехьалъул байбихьиги как ахIиялдасан байбихьулеб бугелъул. Гьелъ­ухъги гIемерал бадирчIваял щун руго.

 

«Гьудуллъи» альманахалда бахъ­ун букIун буго гьеб асар. Гьедин­лъидал, подписчиказухъе щварал­ниги, библиотекабаздасаниги гьел журналал нахъе ракIарун руго ми­лициялъ, КГБялъ, халкъалда гьор­кьоб гьеб пикру тIибитIиларедухъ.

 

 

Улкаялъул цебесеб гIуцIи хиса­раб мехалда кутакалда ракI къва­рилъун, пашманго вукIана гьев. Гьесде кьолеб кIварги букIинчIо хIукуматалъул, пенсияги букIана мукъсанаб. Дун доб заманалда рево­люциялъул чода рекIарав чи гIадин, коммунизмалда данде хIалтIулев вукIана. Гьединлъидал, дица чиясда ругъун лъолеб куцалда, вахIшиго хъвалеб бугин малъа-хъваял гьару­лаан МухIамадица дие. Гьес миса­лалъе бачана цо машгьурав револю­ционерасул хIакъалъулъ букIараб дир макъала. ГIезегIан чи доб ду­нялалде витIанин дос, ахиралда НКВДялъ хIама гIадин живгоги чIванилан хъвалеб бугила дуца. Гьедин хъвазе бегьуларила, чиги инжит гьавун.

 

Цинги ахиралда унтун вукIана дов – дица гьесие Москваялда­са дараби ритIулаан. Бородинский чедалде хьул лъун бугин абулаан, гьебги битIулаан Москваялдаса. Цо нухалда абуна чIахIахатIалъ хъва­раб Къуръан битIейила жиндие.

 

ЦIакъ гьунар бугев чи вукIана МухIамад. Жив гьитIинаб мехал­да хварав инсул суратцин бахъун букIана гьес къалмица. Гьебги – гьа­динав вукIун ватилилан ракIалдеги ккун. Жив хьихьарав инсул вац ГIабдулхIалим МахIачхъалаялде вачIиндал, гьав чи лъалищин гьикъ­ун буго МухIамадица гьесда. ВахI, гьев дур эмен гурищин абун буго досги.

 

 

Дун гIажаиблъулаан жиндирго къваригIелазе гIоло редакциялъул машинаялдаса гьес пайда босулеб букIинчIолъиялда.

 

Шамат къоялъ дун, мединсти­туталъул общежитиялдаса МухIамадил рокъовеги ун, босун газа- белгун, рахун № 18 автобусалде тIадегун, Учхозалда букIараб гье­сул дачаялде унаан. Къоялъ дораги хIалтIун, къаси гьадалго алаталгун добго автобусалда нахъги руссу­наан. Гьебгиха, цоцада тIа-тIала рекIарал гIадин, цого хIатIида рахъ­унги чIун.

 

Цо нухалда дица гьесда абу­на, бугIун цIураб гьаб автобу­салда рекIинчIого, къаси-къаси­ниги бегьулирищин дуца дурго шофер ахIизеян. Гьес жаваб кьу­на гIолохъанчиясул пикруялъул мекълъиго щибилан. Дуда щайи­ла бичIчIулареб жиндир шоферги гIадан вукIин, гьесулги гIодобкъо букIин; яги унтарай эбелалда аскIов ватизе бегьулила гьев, ялъуни хъи­зангун кино-концерталда ватилила, гьединлъидал, досул заман жинца щайдила чIвазе кколеб.

РухIияб аслу гьединаб букIана МухIамадил — жиндиего гIоло чиясе квалквал гьабулареб.