МацIазул тарихалда лъалкI тарай магIарулай

ПатIимат СагIидова (Ханикалова) гьаюна 1934 соналъул 11 апрелалда Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъ. 1951 соналда лъугIизабуна росдал школа, 1955 соналда – ДГУялъул филологияб факультет. 1955-1957 со­назда хIалтIана Гъуниб росдал гьор­кьохъеб школалда гIурус мацIалъул учительницалъун ва 1957-1961 со­назда – ДГУялъул филологияб фа­культеталъул гIурус мацIалъул ка­федраялда ассистентлъун. 1961-1964 соназда цIалана СССРалъул РА­Налъул Дагъистаналъул филиалал­да ИЯЛИялъул аспирантураялда. Гьелъул гIелмияб цIех-рехалъе нух­малъи гьабуна машгьурав гIалимчи- востоковед МухIамад-СагIид СагIидовас.

 

 

Гьеб букIана хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул цIех-рех гьабизе хIажатаб заман. Гьел мацIазул баяна­зул кьучIалда гьабулаан литератури­ял мацIазул цIех-рех. Гьединлъидал ПатIиматица байбихьана гъодобе­рисезул мацIалъул цIех-рех гьабизе. 1965 соналда Гуржиялъул ГIелмияб академиялъул Языкознаниялъул институталда гьелъ цIунана «Гъо- доберисезул мацIалъул граммати­кияб очерк» абураб диссертация ва яхъана филологиял гIелмабазул кан­дидатлъун. Гьелъул оппоненталлъун рукIана машгьурал гIалимзаби Т. Е. Гудаваги Ш. Г. Гаприндашвили­ги, ва гьез тIадегIанаб къимат кьу­на магIарулалъ гьабураб гIелмияб хIалтIуе.

 

 

1965 соналдаса 2019 соналъул мар­талде щвезегIан ПатIимат СагIидова хIалтIана ИЯЛИялда.

 

П. СагIидовалъ жигараб гIахьал- лъи гьабуна жамгIияб гIумруялдаги – йикIана МахIачхъала шагьаралъул райсоветалда захIматчагIазул депу­татлъунги (1972-1974), Кавказалъул мацIазулги СССРалъул халкъазул адабияталъулги рахъаз кандидат­лъиялде диссертациял цIунулел ха­сал советазул гIелмияй секретарь­лъунги. ГIемер кIвар кьолаан гьелъ гIолохъанал гIалимзаби хIадуриялде: гьей йикIана гIелмиял цIех-рехазул оппонентлъун ва хъвалаан канди­датлъиялъе диссертациязе рецензи­ял. ПатIимат йикIана ИЯЛИялъул гIелмияб советалъул членлъунги.

 

 

П. СагIидова гIахьаллъана гIемерал гIелмиял дандеруссиназда – тIолгосоюзалъул, халкъазда гьор­кьосел, тIолгороссиялъул, региона­лиял ва республикаялъул. Гьезда гьоркьор руго гьадинал: «Евразиялъ­ул миллиялгун маданиял бухьена­зулъ Дагъистан ва Северияб Кавказ» (МахIачкала, 2004 с.); «Миллиялгун гIурус мацIазул теориялъулалгун ме­тодикиял масъалаби» (МахIачхъала, 2009 с.); «Кавказалъул мацIал: гене­тикиял, ареалиял бухьенал ва тай­падулаб гIаммлъи» (профессор Ши­гьабудин МикагIиловасул 110 сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб); «Северияб Кавказалъул мацIазул лексикологиялъулги лексикографи­ялъулги масъалаби» (МахIачхъала, 2012 с.) ва гь.ц.

 

П. СагIидовалъул гIелмиял цIех- рехал гъорлъе бачана магIарул ли­тературияб мацIалъул лексикагун фразеологияги, гъодоберисезулгун гIандадерил мацIазул грамматикаги, хъвай-хъвагIай гьечIел мацIазул мил­лиялгун гIурус словарал хIадуриги, гIурус-миллиял словарал гIуцIиги, диалектазул цIех-рехал гьариги, магIарулгун гIандадерил мацIазул лексика дандекквеялъулгун тарихи­ял цIех-рехал гьариги, гIалимчиясул гьунаралъул сипат гIуцIиги ва гь.ц.

 

 

Гьелъ хъвана 120-ялдаса цIикIкIун гIелмияб хIалтIи. Ас­лияллъун рикIкIуна гьал хадусел цIех-рехал: Гъодоберисезул мацI (грамматикияб анализ, текстал, сло­варь). МахIачхъала, 1973; Гъодобе­рисезул мацI (грамматикияб очерк) РФялъул ва мадугьалихъ ругел па­чалихъазул мацIал. М.: Наука, 1997; Гъодоберисезул мацI (грамматики­яб очерк) Дагъистаналъул мацIал. Красноярск, 2000; ГIурус-авар сло­варь. МахIачхъала, 2003 (авт. колл.); ГIандадерил мацI (грамматикияб очерк) Кавказалъул автохтониял хал­къазул мацIал. США. 2005. № 100. Ингилис мацIалда; Гъодоберисезул­гун гIурус мацIазул словарь, жаваби­яв ред. М. Ш. Халилов. МахIачхъала, 2006; МагIарул мацIалъул Зака- талаялъул диалект. МахIачхъала, 2007; МагIарул мацIалъул диалек­тологияб словарь. М.: Наука, 2008; Балъхъадерилгун гIурус мацIазул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Ха­лилов. МахIачхъала, 2012; ЧIохъа Абакар-ХIажил гьунаралъул ирс. МахIачхъала, 2015; ГIандалазул диа­лекталъул словарь, жавабияв ред. М.Ш. Халилов. МахIачхъала, 2019 ва гь.ц. ГьабсагIаталда басмаялде бахъизе хIадурулеб буго «МагIарул мацIалъул лексика» абураб гьелъул монография.

 

ПатIимат СагIидовалъ кIудияб бутIа лъуна гIандадерилгун цеза­зул мацIазул лексикографиялъул ирс лъазабиялъулъги. Гьелъул жи­гараб гIахьаллъигун хIадурана ва басмаялде рахъана «Гъодоберисе­зулгун гIурус мацIазул словарь» (МахIачхъала, 2006) ва «Балъхъа­дерилгун гIурус мацIазул словарь» (МахIачхъала, 2012). Гьел мацIазда кIалъазе лъалеб гьечIониги, ПатIиматица хIадурана лексико­графиялъул гьанжезаманалъул те­ориялде рекъонкколел академияб тайпаялъул словарал. Гьезулъ бакI кьун буго халкъалъул некIсияб тари­халъеги, жакъасеб магIишаталъеги, гъодоберисезулги балъхъадерил­ги жакъасеб гIумруялъеги. Бечедаб лексикаялда цадахъго словаразда рехсон руго ругелщинал фразеоло­гиял калимабиги, кицабигун аби­ялги, гьара-рахьиялгун хьамиялги, гьава-бакъалдагун магIишаталда хIалтIизарулел хурухъанасул ка­лендаралъе хIажатал сипаталги. Словаралъул ахиралда рехсон руго Гъодобери ва Болъихъ росабазул бакIазулги гIадамазулги цIарал.

 

КIиябго словаралда кьун руго батIи-батIиял тIадежураял. Абизе ккола, гьезул щибаб рикIкIине бе­гьула хасаб цIех-рехлъун: бакIазул цIарал (топонимика ва микротопо­нимика), щибаб цIаралъеги – гео­графиялъулабгун лингвистияб баян. Словаразда руго щибаб рехсараб мацIалъул грамматикияб очеркги.

 

 

Дагъистаналъул языкознаниялда П. СагIидовалъ лъураб кIвар бугеб бутIалъун ккола «Авар мацIалъул диалектологияб словарь» (М., 2008) хIадуриги гьеб басмаялде бахъи­ги. Гьединаб цIех-рех жеги гьабун букIинчIо гIалимзаби-дагъистанияз. Рехсараб словаралъул кьучIалда гьа­ризе бегьула жеги гIемерал гIелмиял цIех-рехал. Словаралъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гIалимзабаз: «Дагъистаналъул язы­кознаниялда чIобого хутIун букIараб бакI ккуна «МагIарул мацIалъул ди­алектологияб словаралъ». Гьеб буго Дагъистаналъул мацIазул диалек­тазул словарь гIуцIиялъул рахъалъ тIоцебесеб хIалбихьи. ЦIакъ лъикI ва гIуцIадго кьун буго лексика, гьа­бун буго гьелъул классификация. Словаралда тIад хIалтIулаго, П. СагIидова анцI-анцI нухалда щва­на словаралда рехсарал мацIазда кIалъалел магIарул росабалъе. Гьеб букIана кIудияб ва гIицIго гIалимчи-лингвистасул жигаралъ цебетIезабулеб сахаватаб хIалтIи». «Словаразда кьун ругел баянал ккола мацIазул ва диалектазул лексикаялъ­ул баяназул банкалъе чарагьечIого хIажатаб кьучI ва гIолел гIелазе мацI цIуниялъе квербакъулеб иш, гуреба­ни, халкъалъулги мацIалъулги тари­халъе билулаан гьеб».

 

ГьабсагIаталда ИЯЛИялда ра- гIалде бахъунеб буго дарги ва лезги мацIазул диалектологиял словарал хIадуриялъул хIалтIи. Гьеб сериял­да буго ПатIиматица къачIараб ва 2019 соналда басмаялде бахъараб «ГIандалазул диалекталъул сло­варьги».

 

 

ПатIиматил хIаракаталдалъун ракIарана, цо къагIидаялде ккеза­руна ва гIажамалдасагун латиница­ялдаса кириллицаялде руссинаруна ва гIурус мацIалде таржама гьару­на гьелъул кIудияв эмен Абакар- ХIажил асаралги. Абакар-ХIажи вукIана шагIир ва халкъияб кIалзул гьунар бакIарулев хIаракатчи. Гьесул бечедаб гъансинир ратана маргьабиги, харбалги, биценалги, махса­родул харбалги, кицабигун абиял­ги, росуцоязул гIумруялда ккарал кепал лъугьа-бахъиналги. Абакар- ХIажи вукIана кутакалда динал­да тIадчIарав, магIарулазул гIадат- гIамалалъе ритIухъав, яхI-намус бацIцIадав инсан. 1903 соналда хIеж борхана гьес. П. СагIидовалъул «ЧIохъа Абакар-ХIажил гьунаралъул ирс» абураб хIалтIи басмаялде бахъ­ана 2015 соналда.

 

П. СагIидовалъул бетIергьанчи СагIид вукIана Сталинил стипендия щолев мединституталъул студент, лъугIизабуна Москваялда аспи­рантура ва гьенивго хIалтIулевги вукIана. Дагъистаналде тIадвуссун хадуб хIалтIана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул институтал­да — биохимиялъул кафедраялъул нухмалъулевлъунги, деканлъунги, проректорлъунги. Киназдаго гьев лъалаан ракIбацIцIадав, ритIухъав ва сахаватав инсан хIисабалда. Гьев вуго КIудияб ВатIанияб рагъул ве­теран, мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. ГьабсагIаталда вуго мустахIикъаб хIалхьиялда.

 

 

Вас Загьидица лъугIизабуна Фи­зикаялъулгун техникияб инсти­тут, хIалтIана Москваялда. Гьанже хIалтIулев вуго Великобританиялда. Гьесул васаз – Абакар-ХIажицаги Султанмурадицаги лъугIизабуна Гарвардалъул университет ва гIуцIана жидерго компания. 2018 со­налда Европаялъул улкабазда гьор­кьоб гьеб рикIкIана бищун пайдаяб­лъун.

 

ПатIимат СагIидова мустахIикъ- лъана «За трудовое отличие» (1975 с.) медалалъе, ДРялъул хIукуматалъул ХIурматалъул грамотаялъе (2005 с.), СССРалъул ГIелмияб академи­ялъул президиумалъулги, РАНалъ­ул президиумалъулгун РАНалъул гIалимзабазул профсоюзалъулги, РАНалъул ДНЦялъул президиу­малъулги ХIурматалъул грамотаба­зеги, «ЗахIматалъул ветеран» абураб медалалъеги.