Полковникасул погоназде хIур ккезе течIо

Щивасул буго ракьалда бихьизабураб жиндир заман. Хирияв чи аба­дияб дунялалде къокъун хадуб дунялалда хутIарал гьесул гIагарал чагIазухъе рещтIуна пашманлъигун къварилъи ва рекIел унти. Ракьал­да букIарабги абадиябги гIумруязул бухьенлъун лъугьуна инсанас тарал ишал, гьесда цадахъ араб заманалъул лъалкIалги гьез ракIалъе гьабу­леб асарги.

 

 

Дие бокьун буго дирго гьу­дул ХIажимухIамад ХIажимухIамадовасул хIакъалъулъ бицине. 20 соналъ цеве хъачагъазул вахIщилъиялъул хIасилалда накълулъана гьев. Гьес бан букIана гIицIго 50 сон. БахIарчияв, яхI-намус бугев, тIабигIаталъго кьураб гIакълугун куль­тура насибав, инсанасул адаб гьабизе лъалев, гьудуллъиялъе ритIухълъи цIунарав ва гьелъул къимат гьабизе бажарулев, жиндехун тIалабчилъи цIикIкIарав, жиндир пикру загьир гьабизе хIинкъуларев ва гьеб цIунизе таваккал гIолев, жинца тIасабищараб пишаялъе ритIухъав – гьев кунчIана гвангъараб цIвалъун ва абадиялъего лъалкIги тун, ватIалъана нилъедаса.

 

Ниж тIоцебесеб нухалда дандчIвана 1968 соналъул сентябралда — Дагъистаналъул пачалихъияб уни­верситеталъул химиялъул факуль­теталъул студенталлъун рахъараб мехалда. ХIажимухIамад вукIана логода ворхатав, хIалакъаб чер­халъул, хъахIилал беразул гьими­ялъ ракI тIаде цIалев, къамартIав гIолохъанчи. Хехго ккана нижер гьу­дуллъи: гIумруялде, гIадамазде ва гьудуллъиялде цокIалаб бербалагьи батана нижер.

 

 

Дун чанцIулго щвана гьесда ца­дахъ Агъваливеги ТIиндивеги – гье­сул эбел-инсухъе. КъурамухIамад- дациги Маржанат-адаги рукIана цIакъ лъикIал, хIеренал ва гьобол хириял гIадамал. Дунги гьез къабул гьавуна васлъун. Сундулъго батIа гьавулароан ХIажимухIамадидаса дун гьез. Дир эмен МухIамадицаги эбел Таибатицаги гьединго къа­бул гьавулаан ХIажимухIамадги. Гьезиеги хиралъана дир гьудул.

 

Университетги лъугIизабун, Буй­накскиялда рукIарал рагъулал сбо­ралги нахъа тун, нижее кьуна лей­тенантасул цIар. 1973-1975 соназда кIиялго цадахъ ккана Киевалъул рагъулаб округалде — гIарадачагIазул батареялъул командирасул хъу­лухъазда. Армиялда рукIагоги, нижеца рехун течIо спорт. Ивано- Франковскиялда рукIарал къецазда ХIажимухIамад вахъана самбоялъул рахъалъ призерлъун, чанцIулго чIел босана гьес эркенаб гугариялдаги.

 

 

Армиялдаса тIадвуссун хадуб ХIажимухIамад хIалтIизе лъугьа­на Дагъистаналъул МВДялде, — дун — Россиялъул ГIелмабазул академи­ялъул Геологиялъул институтал­де. 1978-1981 соназда ниж нахъеги рукIана цадахъ. ХIажимухIамад цIалулев вукIана СССРалъул Жа­нисел ишазул академиялда (гьес тIокIлъиялда лъугIизабуна гьеб), дун — СССРалъул ГIелмабазул ака­демиялъул Органикияб химиялъул институталда аспирантлъун.

 

МВДялда 25 соналъ хIалтIана ХI. ХIажимухIамадов — гьес раха­на гIолохъанав оперативияв хIалтIухъанасдаса республикаялъу­лаб даражаялъул нухмалъулесде щвезегIан хъулухъалъул болъо­дул хIокIал. ВукIана МВДялъул ГIахьвахъ районалъул отделалъ­ул, МахIачхъалаялъул Ленинский РОВДялъул, МахIачхъала шагьа­ралъул жанисел ишазул управлени­ялъул начальниклъун.

 

 

Гьеб букIана захIматаб заман: ри­жун рачIана миллиял хIаракатал, па­чалихъиял идарабаздаги парламен­талдаги рукIана такъсирчилъигун бухьен бугел хIакимзаби (гьез сан гьабулароан законазул) ва къадру хун букIана ракIбацIцIалъиялъулги ритIухълъиялъулги. Гьединаб хIалалдаги ХIажимухIамадихъа бажа­рана хIалтIухъабаздаги халкъал­даги гьоркьоб жиндирго къадру цIунизе. Гьесул адаб гьабулаан иш­цоязги, миллиял хIаракатчагIазги, хIата такъсирчагIазул вакилзабазги — ритIухълъиялъухъ, камилаб мах­щелчилъиялъухъ, гIаданлъиялъухъ ва жавабчилъиялъухъ.

 

ХIалтIулебгIан заманалъ ХIажимухIамад мустахIикълъана РФялъ­ул ва ДРялъул МВДялъулги ДРялъ­ул хIукуматалъулги гIемерал шапакъатазе. ДРялъул Пачалихъияб Советалъул хIукмуялда рекъон, гье­сие кьуна «ДРялъул мустахIикъав юрист» абураб цIарги. 1996 со­налъул сентябралда террориста­зухъа гъоркьлъалие ккурав 18 чи ворчIизавиялъухъ гьесие кьуна Рос­сиялъул Бихьинчилъиялъул орден­ги.

 

1998 соналъул маялда питначагIаз гьужум гьабуна республикаялъул ХIукуматалъул минаялде. ХIинкъи букIана гьенисан байбихьараб кьал тIолабго республикаялда тIибитIиялъул. Бидулал лъугьа-бахъиназда цере сангарлъун эхетаразда гьоркьов вукIана ХIажимухIамад ХIажимухIамадовги. Тунка-гIусиялде дандечIезе квербакъана гьесул къадруялъги ритIухълъиялъги.

 

 

Гьев вукIана районалъулгун ре­спубликаялъул патриотги интерна­ционалистги. Дагъистан «миллиял минабахъ» рещтIинабизе хIаракат гьабулел цо-цо жамгIиял церехъа­базул заманалда гьес жигар бахъ­ана батIи-батIиял миллатазул гьу­дуллъи-вацлъи цIуниялъе. Динияб байрахъалда гъоркь вагьабизмгун экстремизм тIибитIизабулеб зама­налдаги гьел хIаракатазде данде къеркьана гьев.

 

РФялъул МВДялъул полковни­касул погоназде хIур ккезе течIо ХIажимухIамадица. Районалъул жамагIаталъ гьев вищана ДРялъул Хал­къияб Собраниялъул депутатлъун. Гьес кидаго цIунулаан ракьцоязул интересал.

 

1999 соналъул апрелалда МахIачхъалаялда рагьана РФялъул МВДялъул Милициялъул хасаб гьоркьохъеб школа. Гьелъул началь­никлъун тIамуна ХIажимухIамад ХIажимухIамадов. 15 моцIалъ хIалтIана гьев цIияб хъулухъалда ва гьесухъа бажарана курсантазул цIалиялъеги, спорталъеги, гьедин­го гIумруялъеги санагIатал шартIал гIуцIун. ТIоцебесеб иргаялда, гьес нахъе бахъизабуна школа сверун ккун букIараб зазиххараб маххул чали. «Маххул куналъ сверун къа­раб школалда цIалулев гIолиласул мустахIикъав милиционер кин ку­цалев? Кин гьеб бичIчIизе кколеб гьесул эбел-инсудаги халкъалдаги?» — ян абуна гьес.

 

 

Гьесул рукIана гIемер планал. Масала, щуго соналда жаниб Ми­лициялъул школалъул МВДялъул Академия гьабизе. Гьес гьел планал гIумруялдеги рахъинарилаан — гье­динаб хасияталъул чи вукIана гьев. ВукIинчIо гьев жиндиего хIалхьи- рахIат балагьулев, хъулухъазда ха­дув лъугьарав чи. Гьес тIалаб гьа­булаан цадахъ хIалтIулел ишцоязул, хIалтIулаан, законалде мугъги чIван, ватIаналъул букIинеселде божилъ­игун, ракълилаб Дагъистаналъул цебетIеялъеги дагъистаниязул талихIаб гIумруялъеги гIоло. Амма вахIшиял гIащтIичагIазул квералъ цин­даго вахъана гьев нилъехъа…

 

Дир гьудул ХIажимухIамад ракIалде щвезавулаго, гьесул лъади Сабигатидаги яс Мадинадаги, гьелъ­ул ункъабго лъимералдаги абизе бокьун буго: Аллагьас рехун тогеги нуж, — ан абун.