Сундулъго цевехъанлъун вукIана

Ругъелде щведал, росдал школалъухъги балагьун, Советский райкомпартиялъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав МахIмуд ГьитIиновас абуна: «Гьаб школалда гьабураб хIалтIухъ МухIамад Ахкубеговасе кьезе ккола Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи абураб цIар», — илан. ХIакъикъаталдаги захIмат хирияв, сундулъго цевехъанлъи гьабизе гIедерав чи вукIана цин учительлъун, хадуб 25 соналъ школалъул директорлъун хIалтIарав М. Ахкубегов.

 

 

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб заманал­да школалъул цIалдохъанлъун вукIарав МухIамад колхозалъул председателас ахIула жинхъего ва КъахIиве пуланаб кагъат босун ине кколин абула. РетIине хьитал гьечIев МухIамадица инкар гьа­бидал, кулакасул василан бадибчIвай гьабула ва инсудаго хадув витIилин хIинкъиги кьола. Гьесул эмен, кулакги гьавун, туснахъалде витIун вукIана. Кин бугониги, гIагарав васасул хьиталги ретIун, 45 километрги нахъа тун ине ккана КъахIиве.

 

Гьениса вачIиндал, росдал бегавулги секре­тарьги рагъде ун ратула ва гьев тIамула секре­тарьлъун. КIиго соналъ гьенивги хIалтIун, вача­на гIиял фермаялде хIисабчилъун. 1948 соналда гьесие рес щвана Буйнакскиялда рагьараб школа- интернаталде цIализе ине. 1952 соналда цIализе лъугьана МахIачхъалаялъул учительзабазул ин­ституталде. Гьеб лъугIидал витIана Ругъелда росдал школалде, гIурус мацIалъул учительлъун хIалтIизе. 1964 соналда тIамуна директорлъунги. Январь моцIалда гьес къабул гьабураб школалда букIинчIо бухIизе цIул. ЦIорораб хасало, цадахъ коллективги бачун, ана рохьове цIулада хадув. ТIоцебесеб соналъго байбихьана биологиялъул ва математикаялъул классал разе. Хадур рана тIадеги кабинетал, лаборатория, учительская, бу­фет, мастерская, столовая, 200 чиясе санагIатаб общежитиялъул кIиго корпус. ГамачI хIадури, цIул къотIи — кинабго гьабулаан коллективги ба­чун, хIалае рукIунаан чIахIиял классазул лъи­малги. Колхозалда ракьги кьезабун, росана гIачи. Приусадебниял участкабазда бекьана картошка, хъапустIан. Районалдаса гIарацги тIалаб гьабун, гьабуна хIухьлаца хинлъулеб система. Директора­сул хIалтIи буго магIишаталда хурхарабилан абу­лаан гьес. Учитель лъималазе мисаллъун вукIине кколев ватани, директор мисаллъун вукIине кко­ла лъималазеги, учительзабазеги, росдаегиян тIадеги жубалаан.

 

 

МухIамад вукIана росдал советалъул хиси гьечIев депутатги, колхозалъул правлениялъул членги. ГIумруялъул 60 сониде вахиндал гьев директорлъиялдаса нахъе ана ва чанго соналъ хIалтIана учительлъун.

МухIамад вукIана росдал унго-унгояв патри­от. ЛъикIабщиналде тIоцебе гали лъолев чиги вукIана гьев. «ЦIалах» авалалда тIоцебе мина­ги гьес бана. Гьанже гьенибе гочун буго бащдаб жамагIат. ТIоцере ясал шагьаралде лъай босизеги гьес ритIана. Гьесул руго 5 ясги цо васги.

 

 

МухIамад вукIана лъикIаб-квешаб дандба­лев жамагIатчи. Ккаралъуб маслихIат гьабизеги ахIулаан гьев. Росулъ бертин тIобитIулебщинахъе, тIоцеве гьевги хъизан Муъминатги рахъунаан къелдерил кьурдул свери бахъизе.

Гьев вукIана гIолилазул насихIатчиги. Гьесие кьун букIана «ДРялъул мустахIикъав насихIатчи» абураб цIарги. Гьесие цIакъ рокьулароан гье­реси бицунел чагIи. Жинца киданиги гьереси бицинчIиланги абулаан гьес.

 

МухIамадил 80 сон тIубаялъул юбилей тIобитIулеб заманалда, гьесул цIар кьуна Ругъел­да росдал школалъе. Щибаб соналъ, ай гьев гьа­вураб 1 маялъул къоялъ тIоритIула Ахкубеговасул призалъе гIоло спортивиял къецалги.

 

Гьесул хIакъалъулъ бицен ккедал, мунагьал чу­раяв Суракъат Асиятиловас абун букIана гьадин:

«ГIакълуги, сабруги, аваданлъиги, гIелмуги жиндилъ бессарав, берцинаб гIамалалъул, гIакъилаб каламалъул чи вуго Ахкубегов», — илан.

 

«Унго-унгояв мугIалимас жиндирго лъаялда- лъун, хIалбихьиялдалъун, рекIел хинлъиялда- лъун инсанасул букIинесеб гIумруялъе битIараб нух тIаса бищизе квербакъи гьабула. Гьединав мугIалимасе жиндасаго цIикIкIун бокьула живго вижараб ракь, рокьи ккун малъула цIалдохъабазда гIумрудулги гIелмуялъулги балъголъаби. Гье­динав мугIалимлъунги дица рикIкIуна Ахкубе­гов», — ан бицана Авар театралъул художествияв нухмалъулев ХIайбула ГIабдулгъапуровас. Ша­мил районалъул бетIерлъун хIалтIарав МухIамад МухIамадзагьидовас абуна: «Дун вохаравги чIухIаравги вуго гьесда цадахъ хIалтIизе щвеял­даса. Гьес дида гIемераб жоги малъана школа- лъул директорлъун гьевги ОНОялъул заведую- щий-лъун дунги хIалтIулеб мехалда. Нижее гьев кидаго вукIана мисаллъун», — ан.

«Кьалбал гьечIеб гъветIги кьучI гьечIеб ми­наги букIунаро. Ругъелда росдал школалъул гъотIол кьалбаллъунги МухIамад вуго, кьучIги гьес щула гьабуна», — ян бицана росдал шко­лалъул директорлъун ахирал соназда вукIарав МухIамад ТIайгибовас. Ахиралдаги, бокьун буго кочIодалъунги цо чанго рагIи абизе.

 

ГIумру — рарал соназ гуро борцунеб,

Борцуна ракьалда тарал лъалкIаца.

Лъимерищ, херавищ хал гьабуларо,

Халкъалъе пайдаяв ватаралдаса.

 

Дица дур гIумрудул хIисаб гьабидал,

Гьал мугIрузул цояв вугин тола мун.

Таманал цIорояз, роол бухIияз

РухIго гьечIониги речIаларо гьел.

 

ГьитIинго гIелму-лъай гьуинлъарав мун,

ГIагараб росдае мисаллъун чIана.

ТIоцебе институт лъугIаравги мун,

Лъай-гIелму босизе росу ахIарав.

 

БикъичIо, хъамичIо, хъулбиги рачIо,

ХъахIаб кагъатгIанги вацIцIадго чIана.

ТIокIкIараб ицц гIадаб тIолго гIумруялъ,

ГIадан пашманлъулеб щибго гьабичIо.

 

ГьитIиназе эмен, кIудиязе вац,

КIвечIо мукIурлъизе дуда саназе.

РитIухъал къасдазул къамартIав инсан,

Мун гIадиназдаса чIухIула гIалам.

 

Дагьал церегIан къоязда, 95 сонил ригьалда, Аллагьасул къадаралде щвана гьев лъикIав инсан, ракьалда гъваридаб лъалкI тарав муъминчи. Ал­лагьас алжан насиб гьабун батаги гьесие.