ЧIахIил чурпаялде хъат ханждалги бан

«…Такъия къотIулеб
къвакIчар­мил хвалчен
КъотIарабищ бетIер
гирманиясул.
Кьалул майданалда
дуде хIал ккани,
ХIалае ячIине дун хIадур йиго.
Вай, чIегIераб сардилъ
щолеб шагьримоцI,
ЧIалгIун йигин абе
дун Гъобзаласда.
Дунги йигин абе
дир гьудуласда
КIазил рагIалалда
магIил хIорги чIун…»

Рагъ байбихьараб заманалда кIиго лъагIелцин букIинчIо гьал кочIол мухъазулъ рехсолев Ма­чIа­даса Гъобзаласул яс Па­тIи­матил. Ин­сул сипат ясалъул рекIелъ ху­тIи­чIо, гьев рагъда къанщана. Па­тIи­матил ракIалдещвеяз рагьулеб буго лъимерлъуда рекIелъ тарал лъал­кIал.

Хурибе хьазецин хьон букIинчIо

Дир гIелалъул лъимал, хехго кIудиял гIурал, захIмат хIехьолел рукIана. Бергьенлъиялъул хабар щун рохел рещтIаниги, гIемерисев чи вукIана кIудияб ресукълъиялда. Ролъул хинкI, чед кваназе щвани — гьеб букIана цIакъ кIудияб рохел. Нижер эбелалъ щиб-щибниги букъун, бича-хисун ракъи бихьизе течIо лъималазда.
ЦIоросаролъил хIокI, куракул пурчIун бекун, хъирщун хутIараб хъалгицин ххенолаан гьабихъ. Гьелда ханждал хъатги жубан, буцун къанида бежулеб чадида цо-цо нухалда цIа рекIунаан, тIадагьлъиялъ. Черх бацине бугебги ретIел рукъалаби гIемерлъиялъ, кинаб кьералъул ххамил, сундул гьабурабали лъалареб букIана.
Къаси нартил чирахъалъул канлъухъе хьвацIаги гъоркь ккурал буртинадул хьитал гьарулаан руччабаз. Нижер эбелалъулги букIана гьелъие махщел. Гьединалгицин хьи­тал щвечIого, жибго къехь хIа­тIида жемулелги рукIана гIемерал.
ТIагIамалъе цIам, чирахъалъе нарт босизе лъелго Шурагьире, ГIан­жиялде унаан. Рагъде ун ро­къо­в бихьинчи хутIичIел руччаби-лъималазе букIана кIудияб къвари­лъи.
Ракъун, свакан ругониги, хIал­тIуе квалквал ккезе толароан. Къаде кваназе, хIухьбахъизе рокъоре ра­чIинчIого, тIубараб риидалил къо­ялъ магъилъго рукIунаан руччаби. Ресалда рекъон рокъоса цадахъ бо­сараб къадеквен киназго дандба­лаан. Бищунго цIакъаб нигIмат гIа­дин тIагIамалда, тIаде лъимги гье­къон, кваналаан гIатIал, ролъул хинкI-чед нисугун цадахъ.

Рикъзи къанагIалъаниги,
ракIал гIатIидаб заман

Рагъдаса хадуб бохдузда бахъун чIолеб букIана улкаялъул халкъияб магIишат. Кваникълъигун ратI­ликълъи бугониги, гIадамал ру­кIана цоцалъ хIал рекъарал, ра­кIал гIатIидал, аваданал.
Рикъзи къанагIатаб заман бугониги, ригьин гьабулаан жамагIатго бакIарараб сухIматги гIуцIун. Щибаб хъизамалъ жидерго ресалда рекъон, чедгун нису кьунги, берталъе щванщинав чи кваназавичIого толароан. Рокъор лъимал ругел улбуз цадахъ босулаан жидецаго кванан хутIараб чадил кесек. КигIанго цIакъ рокъоб къварилъи бугониги, яхIалъ гьеб къватIиб лъазе толев чиги вукIунароан.
Цо чанго соналдаса щиб-щиб­ниги къайи-цIа бачIана тукабаз­де бичизе, баккана ххам-чит, п­а­латIний (штапель), росизе щолаан резиналъул калощал, хIебтил хьитал. ПалатIноялъул гурде щварав чи чIухIарав чи вукIана. Резнил калощал, цIвакарал жалги рукIун, берталъги-жоги ретIунаан, чIухIарал хьиталлъун рикIкIунаан гьел. Гьеб букIана магIишат-яшавалъе би­гьалъи бачIараб, жидецаго гIе­за­рурал нигIматазул гьуинлъи чIва­раб заман.