Запись

Дагъистаналдаса танкистасул къисматалъул гвангъарал лахIзатал

   БахIарзал гIемерал дир Дагъистаналъул каранда кунчIана цоги кьварарав магIаруласул цIва. Жиндирго къисагун. Жиндирго къисматгун. Гьелъ цоги нухалда нугIлъи гьабулеб буго бахIарчиял васазул бахIарчияб, хвел гьечIеб тарихалъе. Умумуз жидерго бидуца белъараб гьеб наслабазухъе кьолеб буго, бищунго багьа тIадегIанаб бечелъи гIадин. Марат Халикъовасги жиндирго бахIарчилъиялъул тарих жиндирго лъималазе ва хадусел наслабазе васигат гьабулеб буго. Гьедин абуна...

Запись

Эбелалъул магIу лъукъараб гулла

  Эбелалъул ракI. Эбелалъул пикраби. Эбелалъул гьими. Эбелалъул анищал. Гьеб кинабго цолъун лъугьараб эбелалъул магIу. БухIараб, цIорораб, хинаб, бохараб, пашманаб. Киса-кибего лъимералъул талихIалда цадахъ гьебгун сапаразда букIунеб магIу. Эбелан цIар бугей хIикматай хIурулгIиналъ магIуялде бикьула жиндирго ургъел, гьелъие бицуна эбелалъ жиндирго рекIел хIалалъул, пикрабиги гьелъие гьурщула, лъималазул рохелги гьелъие гIахьал гьабула, гьезул къварилъиялъулги бищун цебе...