Запись

Рагъулаб вацлъиялъ хвасарлъана

Гьаб лъугьа-бахъин ккана Украинаялда, хасаб рагъулаб операция (СВО) байбихьун, кIиго моцI араб мехалда. Контракталда рекъон, БежтIаса гIолохъабазул къокъаялъ цадахъ тIубалеб букIана рагъулаб хъулухъ. Январалъул ахиралде гьел рачана Украинаялъул гIорхъоде. СВО байбихьаралдаса нахъе рукIана рагъулал лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъулелги.   Киназдаго ракIалда батила, рагъулаб хъулухъалда рукIарал васазул хабарги бачIунарого, эбел-инсул рекIелъ пашманлъиялъ бусен лъураб заман. Щивниги кIалъанин яги тIадвуссанин рагIидал, тIоцебесеб суал букIана:...

Запись

Хъабчилъ гурел, кIазилъги ратула бахIарзал

  Дагъистаналъул бихьиназул бахIарчилъиги, сундасаго нахъеккей гьечIого, жидеде ккараб къо борхиги киназдаго лъала. Гьезул бергьараб чилъиялъулги чорхол яхIалъулги меседил хIарпаз хъван буго Кавказалъул, КIудияб ВатIанияб, Афгъаналъул ва цогидалги рагъулал тунка-гIусиязул тарихалда. ГIажаиблъизе ячIинчIо, жидерго росу-ракь цIунизе рахъарал гIешдерил лебалал ясалги, 16 сон гурого гIумрудул букIинчIониги бихьинчилъиялъ цIар арай ЧIиркъатIаса Гьумайги, ГIорутIаса СагIадулал машгьурай лъади Хъутайги...

Запись

Къалеб буго улбуз яхIалъул рачел

  Щиб лъица бицаниги, гьечIо парахалъи улбузул, лъудбузул, яцазул ракIазе. Бихьиназ ярагъ кодобе босидал, мугIрул чIужугIаданалъ ки­даго къана яхIалъул рачел. ЧIобогояб бакIалда рижарал гуро руччабаз къохIехьеялъул, гьезул бахIарчилъиялъул бицарал шигIраби.      ЦIадуца боркьараб жергъен гIодоб лъун,  Жавгьарул хвалченги борчараб дуца. Чиллайдул гъалалги чахтIинир рахчун, Чарамул къолденги ретIараб дуца.      БахIарчиял улбузул хIинкъараб наслу букIине ресго гьечIо. Рагъда хварав...

Запись

«Ккараб къо борхизе рахъана къватIир»

  Мобилизациялъул цо бутIа байбихьаралдаса гIемерал ракьцоял ана Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъизе. Гьединазул цояв ккола Гъуниб районалъул Къорода-КьотIа росдал школалъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав Мурад Багиловги. Гьев жиндиего бокьун вачIана Гъуниб райвоенкоматалде ва гьениса рагъулал хIадурлъаби тIоритIулеб централде, чачаназул Ханкалаялда бугеб рагъулал полигоналде ана.   Мурадида цадахъ гьенир руго районцоялги ракьцоялги. Гьал къоязда редакциялде...

Запись

Россиялъул солдат

    — Россиялъул солдат, щваравищ рокъой, ГIагарал мугIрузе орденги босун, ТIанусдерил зодихъ кунчIараб цIвалъун Дур бахIарчияб цIар хутIила даим.     Нижер парахалъи цIунун вагъарав ХIажимурад, жакъа рохун руго ниж. КIудияб Россиялъ хIурмат гьабураб Дур гьунар хутIила нижей мисаллъун.     Гьадин рикIкIана дол къояз тIанусдерил лъималаз школалде дандчIваялде ахIарав ХIажимурадиде. ХIажимурад Маккашарипов ккола...

Запись

Эбел,дун вуссина, лъади ячина…

           Чанго моцI ана дир ватIаналда тIад Украинаялъул рахIат хвараб зобалъул дандерижи гъугъадичIого… Ругьунлъунккеялъ лъаларо, рагIа—ракьанде щун хабар лъангутIиялъ лъаларо—цо гIажаибаб парахалъи рещтIун чIун букIана рекIелъ… 20 августалъ гIагараб районалъул ХъахIикIкIалахъе чIегIераб хабар рещтIинегIан. Гьаб нухалда ГIалибеговал ГIумарил ва Мадинатил рокъобе. Эбел—инсул маулхIаят, кIиго яцалда гьоркьов цого цо вукIарав гьезул вас Шамиль...

Запись

«ЧанцIулдай гIажал аскIосан ана»

  Гьаб анкьил байбихьуда редакциялда гьоболлъухъ вукIана Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъарав Хунзахъ районалъул ТIадколоса Руслан Мансуров. ВатIаналда цебе тIадаб борч тIубаралъухъ «Бихьинчилъиялъул Орден» кьуна гьесие улкаялъул нухмалъиялъ гьанжегIагар. Жиндирго гIагарал чагIи Набигулла Жаватхановгун ва Шарапудин СултIановгун вачIун вукIана Руслан редакциялде. Украинаялде щвезегIан, Руслан гIахьаллъун вуго Сириялдагун Гъарабагъалда ккарал рагъулал тунка-гIусиязулъги. Нижергун гара-чIвариялда гьес...

Запись

  Гьурмалъ гулла щваниги, бер къапичIеб къвекIаб цIум

  2 августалда Шамил районалъул МачIада росдал ракьалда бугеб лъималазул лагералда дандчIвай гьабуна цогидал дагъистаниязда цадахъго Украинаялда унго-унгояб бахIарчилъиги къохIехьейги бихьизабурав Ибрагьимхалил ХIажиевасда.     Байрамалде гIадин, чIухIун къачIараб гьелъул спортзалалде ракIарун рукIана киналго. ХIажиев жаниве лъугьаравго, киналго тIадеги рахъун, хъатчIваялдалъун, игитасе гIаммаб салам кьуна гьез. ДандчIваялъул хIурматалда биччана Россиялъул гимн, хадуб Украинаялъул рагъда чIварал...

Запись

Даимлъиялде ана цоги гьунар

  Украинаялда унеб хасаб операциялъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъарав ГIубайдула Ибрагьимов мустахIикълъана «Бихьинчилъиялъул орденалъе». Гьев ккола ЛъаратIа районалъул Хьобохъ росулъа. ГIумрудул завалалда нилъедаса ватIалъарав гьес ракьалда тана лъикIаб мисалги абадияб лъалкIги. Макъала хъвалаго ракIалде рачIана ЦI. ХIамзатил «Эменги васги — рухIги ВатIанги» абураб кочIолъа гьал мухъал:   — Вай, дир вас, гьадигIан къимат гьабизе,  Дуда ВатIаналда...

Запись

Эбелалъул рекIел кIиго тIегь

  ЧIужугIадан-эбел        ЧIужугIадан. Эбел. Гьеб кIиябго рагIиялъулъ бугебщинаб къуват. ЧIужугIадан-эбел. Гьей ккола, ракьалда гIумру тIегьан чIезе, гьелда гъоркь чIвараб хIубилъунги, инсанасулъ гIамал-хасият лъадарулеб къебелъухъ къебедлъунги, лъимер беэдулеб гъасда бакараб гучго гьелегьараб цIалъунги, гьелъул къисматалда кунчIараб жавгьарлъунги. Эбелалъул рекIел гъварилъуда гурищ бахчун букIунеб лъимералде бугеб рокьиги гьелдаса чIухIиялъул гIаламатги. Букъараб заргIанасеб эбелалъул рекIел...