Гьаб лъугьа-бахъин ккана Украинаялда, хасаб рагъулаб операция (СВО) байбихьун, кIиго моцI араб мехалда. Контракталда рекъон, БежтIаса гIолохъабазул къокъаялъ цадахъ тIубалеб букIана рагъулаб хъулухъ. Январалъул ахиралде гьел рачана Украинаялъул гIорхъоде. СВО байбихьаралдаса нахъе рукIана рагъулал лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъулелги. Киназдаго ракIалда батила, рагъулаб хъулухъалда рукIарал васазул хабарги бачIунарого, эбел-инсул рекIелъ пашманлъиялъ бусен лъураб заман. Щивниги кIалъанин яги тIадвуссанин рагIидал, тIоцебесеб суал букIана:...
