Дагъистан хIадурго буго чемпионаталде

Республикаялде вачIине вуго 1000-ялдасаги цIикIкIун спортсмен ва тренер

 

2017 соналъул 24 августалда Парижалда букIараб гугариялъул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул (UWW) данделъиялда лъазабуна иргадулаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат Дагъистаналъул Каспийскалда, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялда тIобитIизе бугин. Гьелде щвезегIан нилъер республикаялда гьединал чIахIиял турнирал тIоритIун рукIинчIо. Гьайгьай, Россиялдагицин кIиго нухалъ гурони тIобитIичIо гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат — 1976 соналда Ленинградалда ва 2006 соналда Москваялда.
Пачалихъалъего кIвар бугеб гьеб спортивияб тадбиралде бугеб хIадурлъиялъул, церечIарал масъалабазул, дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъ нижее бицана ДРялъул Спорталъул министерствоялъул спорталъулгун физикияб культураялъул ва резерв хIадур гьабиялъул управлениялъул нухмалъулев Халидбег МахIачевас.
Нилъер гьаниб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат тIобитIизе ихтияр тIалаб гьабулаго, гIезегIан захIмат бихьана республикаялъул Спорталъул министерствоялъул вакилзабазда. Гьеб спортивияб тайпаялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб федерациялъе тIоцебе къваригIун букIана къецал Румыниялъул Бухаресталда тIоритIизе. Амма Парижалда букIараб данделъиялда бихьизабураб Дагъистаналъул презентациялъ гьезул пикру тIубанго хисизабуна.
— Лъабго моцIгIан заман хутIун буго чемпионат тIобитIизе. Гьелде кинабго хIадурго бугищ?
— Аслияб къагIидаялда турнир тIобитIизе кинабго хIадурго буго. ТIоцебесеб иргаялда, UWWялъул тIалабазда рекъон, дагьаб гIатIид гьабуна ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб кIалгIа. Гьединго гьенир жанирги гьарулел руго хиса-басиял. АзаргогIан спортсмен ва гьездаго цадахъ тренерал рещтIине къачIалеб буго «Каспий» санаторий. Жегиги 40 гостиница хIадурго буго гьалбал къабул гьаризе. Мисалалъе, халкъазда гьоркьосел судиязул къокъа, UWWялъул вакиллъи, ай I00 чи къабул гьавизе вуго «Метрополь» гостиницаялъ, гьалбал рещтIине руго «Адмирал», «Жами», «Гранд-Отель» ва цогидалги бакIазда. Транспорталъул бицани, чемпионаталъул заманалда МахIачхъалаялдаса Каспийскалде рагьизе руго цIиял маршрутал, спорт­сменазе чIезаризе руго автобусал. Чемпионаталъул заманалда нилъер гьанире гIемерал гIадамал рачIине рукIин ва спортивияб кIалгIаялда киназего бакIал гIечIого рукIине бегьулеблъиги хIисабалде босун, нижеда ракIалде ккана Анжи-Аренаялда аскIоб гьоркьоса къотIичIого залалда лъугьа-бахъунеб бихьизабизелъун кIудияб экран лъезе. Гьениб букIине буго 2000-ялдасаги цIикIкIун чиясе гIодов чIезе бакI.
— Чемпионаталда низам ва хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъ хIалтIи кин гIуцIизе бугеб?
— ГIемерал гIадамал рачIине рукIинги хIисабалде босун, гьеб рахъалде хасаб кIвар буссинабизе буго. ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул жавабияллъун рукIине руго Росгвардиягун полиция. Гьезие кумек гьабизе буго волонтераз. Гьелин абуни хIадур гьарулел руго ДРялъул Спорталъул министерствоялъ ва цо-цо цIалул идарабаз. Студентазда, вузал лъугIаразда гьоркьоса тIасарищулел руго ингилис, паранг, немец мацIал лъалел гIолилал. Гьезиеги чIезаризе руго тIаде рачIарал гьалбадериего гIадинал шартIал. Европаялъул чемпионаталъул гIуцIиялъул комитеталъе председательлъи гьабулеб буго республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Владимир Васильевас. Гьелъги бицуна турнир тIадегIанаб даражаялда тIобитIиялда хадуб республикаялъул ва пачалихъалъул нухмалъиялъул хасаб бербалагьи букIиналъул.
— Дур хIисабалда, чан дагъистаниясул цIар ккезе бегьулеб рокъосеб Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизе ругел спортсменазул сияхIалде.
— Гьеб Аллагьасда гурого лъаларо. Гьале гьал къоязда Красноярскалда букIине буго «Иван Ярыгин-2018» Гран-при ва гьелда тIоцересел бакIал ккурал спортсменазул буго гьенире ккезе цIикIкIун ресалги. Щаклъи бугел гугарухъабазе кьезе буго цоги рес, ай апрель моцI щвелалде тIобитIизе буго Каспиялъул пачалихъазда гьоркьосеб чемпионат. Гьелда гIахьаллъизе руго Ираналдаса, Азербайжаналдаса, Казахстаналдаса ва Туркменистаналдаса гугарухъаби.
— Дуца ракIалдещвезабуна Ярыгинил турнир. Гьенир щал гIахьаллъизе ругел? Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул мухъилъ камиял ругищ?
— Гьенир гIахьаллъизе ругел спорт­сменазул цебеккунисеб сияхIалда гъорлъе ана 25 гугарухъан. Аслияб сияхIалдайин абуни вуго 12-яв: Заур Угуев (57 кг), ХIажимурад Рашидов, ИсмагIил Мусукаев (61 кг), Иляс Бекбулатов, АхIмад Чакаев (65 кг), МухIамад КъурбангIалиев (70 кг), МухIамадхIабиб КъадимухIамадов (74 кг), АхIмад ХIажимухIамадов (79 кг), Даурен Куруглиев (86 кг), ГIабдурашид Садулаев (92 кг), Расул МухIамадов, Шамил Мусаев (97 кг). ТIасабищараб командаялъе кIудияб камилъун ккола сборазул ахирисел къоязда сакъатлъи ккун, мемориалалда Билал Махов гIахьаллъизе гьечIолъи.

 

Къеркьезе вуго бищунго къуваталгун

Гьал къоязда Америкаялъул Бостоналда тIобитIараб жубараб ре­чIчIухъанлъиялъул рахъалъ UFCялъул иргадулаб турниралда Дагъистаналдаса спортсмен Ислам МахIачев дандчIвана бразилиялъулав Глейсон Тибаугун. Къеркьей халатбахъана 57 секундалъ. Къокъабго заманалда жаниб нокауталде ккезавуна нилъерас дандияв. Къеркьей лъугIун хадуб букIараб пресс-конференциялда, журналистазул суалазе жавабал кьолаго, гьадин абуна Ислам МахIачевас: «Глейсон вуго къуватав речIчIухъан ва ракIалдецин ккун букIинчIо гьев гьедигIан хехго нокауталде ккезавизе кIвелин. Бергьенлъиялдаса рази вукIинарищха, амма дица кьабураб заралъ дандиясул сахлъиялъе зарал гьабун батиялда хIинкъун вуго», — ян.
— UFCялъул нухмалъиялда ра­кIалда гьечIищ дивизионалъул бищунго къуватал 5-язул цояв дуда данде виччазе? Къеркьеялдаса хадуб гьелъул бицинчIищ?
— Гьелда тIасан UFCялъул нухмалъулезулгун дир кIалъай ккечIо. Амма, ракIалде ккола, Глейсонилгун букIараб къеркьеялдаса хадуб гьез дида данде бищунго къуватал риччалин. Бокьилаан Кевин Лигун къеркьезе. Дагъистаналдаса спортсменазул рахъалъ, гьел хIакъир гьарун гIемер гаргадулев рагIана Кевин. РагIини кьарияб буго гьесул, амма кьалде ккараб заманалда кинав вугевали хIалбихьизе бокьилаан.
ХIадур гьабуна
Темирхан ХIасановас.