Кавказалъул рагъул кIвар цIикIкIарал нугIзал

 

Араб анкьалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тIобитIана «Имам Шамилил 500 кагъат» абураб кIиго тIехьалъул цебебоси.

 

Гьенир гIахьаллъизе рачIун рукIана гIалимзабиги, студенталги, миллаталъул тарих хириял магIарулалги, тIахьал гIуцIарал, жакъа нилъер бахIарчияб тарих хадусел гIелазухъе кьолел, миллаталъул жавгьараллъун жакъа нилъее ругел тIехь данде гьабурал гIолохъабиги.

Кагътал данде гьарун руго МухIамад ХIамзаевас, МухIа­мад ШайихмухIамадовас, ШагIбан ХIапизовас, Жамалудин МаламухIамадовас, ГIабдурахIман МухIамадовас, МухIамадгIарип Каримовас, Завурбег Жамалулаевас.

Гьел киналго ккола «ХIакъикъат» газеталъул гьудулзабиги. ГIемер щола гьел газеталде гьоболлъухъ, гара-чIварула магIарул халкъалъул тарихалъулги маданият-адабияталъулги хIакъалъулъ.

ТIоцебесеб тIехьалъе цеберагIи хъван буго МухIамад ХIамзаевас.

— …Бищунго къиматал тарихиял документаллъун ва гIелмияб рахъалъ Кавказалъул рагъул хIа­къикъат рагьулел нугIзаллъун ккола Шамил имамасул кагътал. Гьел ккола доб бахIарчияб заманалда гIумру гьабулел рукIарал, ватIаналъе, диналъе, эркенлъиялъе гIоло гъазаваталде рахъарал Кавказалъул халкъазул, жамагIатазул, хасал гIадамазул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунел кIвар цIикIкIарал нугIзаллъун.

Гьеле гьединаб букIана дандеруссиналда кIалъазе рахъаразул пикруги. ХирамухIамад ХирамухIамадовас тIехьалдаса цIалана имамасул кагъталги.

Жалго тIахьал гIуцIараз ва кагътал гIараб мацIалдаса ма­гIарул мацIалде руссинарураз бицана, кагътал данде гьарулаго, дандчIварал захIмалъабазулги, гьел кагътал данде гьаризе квербакъарал гIадамазул цIаралги рехсана.

Тадбир гIуцIадго нухда бачана тIахьазе редакторлъи гьабурав ИЯЛИялъул гIелмияв хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас.

КIалъазе рахъараз МухIамад ШайихмухIамадовас, Рамазан Рамазановас, Тимур Айтберовас, Багьавдин ГIалиевас, МухIамад БисавгIалиевас, Зульфия ХIажиевалъ, МухIамад Ибрагьимовичас, МухIамадрасул МухIамадовас, МухIамад ГIабдулкъадировичас, ГIамирхан МухIамаддадаевас, Шамхалдибир ГIисаевас тIаде­гIанаб къимат кьуна тIахьазе ва гьел данде гьаруразе. Гьез абулеб букIана гьел тIахьал Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб премиялъе рихьизаризеги мустахIикъал ругин абунги.

Автораз абуна кагътал данде гьариялъул хIалтIи жеги лъугIизе гьечIилан ва тIахьазул хадусеб бутIаги букIине бугилан.