ГIумар НурмухIамадов къеркьезе вуго марталда

 

 

   ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал ГIумар НурмухIамадов цеве вахъине вуго 19 марталда Лас-Вегасалда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турниралда. Дагъистанияв къеркьезе вуго Уэльсалдаса речIчIухъан Жек Шоргун. UFCялда ГIумар НурмухIамадовасул кIиабилеб къеркьей букIине буго гьеб. ТIоцебеселда гьес ракIчIараб бергьенлъи босун букIана Казахстаналдаса Сергей Морозовасда тIад. ГIумар октагоналде вахъана 13 нухалъ ва киналго речIчIиязда бергьенлъиги босана. Жек Шорги къечIо цониги нухалда. Гьев октагоналде вахъана 16 нухалъ.