Халкъазда гьоркьосеб авиасалоналда тIобитIараб выставкаялда лъикIаб къимат кьуна «МАИ-411» самолеталъе «МАИ-411» абураб ункъо чи рекIунеб самолет гьабуна Гъизляралъул заводалда. Гьеб тIоцебесеб нухалда боржана 12 апрелалда – Космонавтикаялъул къоялъул хIурматалда. Гьеб хIалбихьиялъулаб рорженги халалъана 11 минутгун 20 секундалъ. Штурвалалда нахъа вукIана Москваялъул авиациялъул институталъул конструкторазул бюроялъул летчик-испытатель Александр Митрофанов.Самолеталъул хIалбихьиял гьаризе руго 2018 соналъул июналде щвезегIан....
