Чачаналъулгун Дагъистаналъул гIорхъода ккараб дагIбаялъе гIилла щиб? Гъизляралда гIагарлъухъ ккараб дагIба-рагIи киназдаго рагIун батила. Шукру Аллагьасе, би тIечIого рорчIана. Питнаялде иш ккана «Чачан Республика, Шелковский район» абураб хъвай-хъвагIайги тIад гьабун, хасаб игIлан шагьранухлул рагIалда чIваялъ. 11 июналъул сардилъ гьеб нахъе бахъана дагъистанияз. Гьелъул хIакъалъулъ рагIидал, ЧРялъул парламенталъул председатель МухIамад Даудовасул («Лорд») бетIерлъиялда гъоркь Дагъистаналде...
