ГIунгутIаби тIагIинаризе заман щвана Школал ран рахъинаризе кколин лъазабуна Артем Здуновас Гьениб бицана гIаммаб лъайкьеялъул идарабазе ралел минабазул хIакъалъулъ. «Гьел минаби школазухъе кьезе кколаан 2017 соналъул декабралъул ахиралде. Дида бицун букIана гьенир ругин гIунгутIаби. Жакъа гьел гIунгутIабазе ахир лъунин абизе бегьула. Бегьулеб жо гуро, федералияб централъ кьураб гIарац, батIи-батIиял гIиллабиги ратун, хIажатаб бакIалда хIалтIизабичIого...
