Законалъ мухIкан гьабун гьечIо Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло лъабабилеб сессиялда гьоркьоб лъуна 23 суал Халкъияб Собраниялъул председателас, гьоркьоб лъезе босун букIинчIониги, рахьдал мацIазул суалалда тIасан кIалъазе рагIи кьуна Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевасе. Хизри ШихсагIидовас абухъе, гьелъие гIиллаги букIана рахьдал мацIазда сверухъ гIемераб хабар тIибитIизабулеб букIин.Депутатас баян кьуна «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ РФялъул законалда хиса-басиял...
