Запись

ЛъикIаб къимат кьуна

Дагъистаналда сахлъицIуниялъе гIуцIун ругел шартIаздаса рази хутIана О. Аполихин   6-7 марталда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул сахлъицIуниялъул министерствоялъул репродуктивияб сахлъиялъул рахъалъ штаталда гьечIев бетIерав специалист Олег Аполихин. ТIоцебесеб иргаялда, гьев щвана республикаялъул урологияб централде. Гара-чIвари гьабуна унтаразулгун. Централъул тохтурзабазулгун букIараб дандчIваялда гьес бицана «Цогояб профилактикияб ахIва-хIал» абураб программаялъул хIакъалъулъ. Гьелда рекъон, унтаразе медицинаялъулаб кумек щвезе...

Запись

СахлъицIуни

Кумек щвела   70 флюорографияб аппараталъул цонигияб жеги щун гьечIо ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовасул гIахьал­лъигун тIобитIараб данделъи­ялда бицана Россиялъул сах­лъицIуниялъул министр Ве­роника Скворцовалъ 6 марталда республикаялде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьей Дагъистаналде ячIун йикIана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ахIун. Гьелдаго цадахъ республикаялде рачIун рукIана Медбиоэкстремалъул, Рос­здрав­надзоралъул, ФОМСалъул вакилзабиги. Гьел, тIоцебесеб иргаялда,...

Запись

СМИязул кIвар

ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов щвана ДРялъул печаталъул ва информациялъул министерствоялде   Артем Здуновасги печаталъул ва информациялъул министрасул ишал тIуралев Рашид Акавовасги бицана республикаялъул СМИязул кумекалдалъун пачалихъияб политика гIумруялде бахъинабиялъулги церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ.Рашид Акавовас бицана республикаялъул газетаздасан кьолел макъалабазул аслиял темабазул хIакъалъулъ. Гьесул пикруялда рекъон, миллиял мацIазда рахъулел газетаз квербакъула халкъазул гIадаталги, маданиятги, тарихги цIунизе ва...

Запись

«Хваразул рухIазеги» кьолеб батана

Дагъистаналъул ХIисабалъул палатаялда хIасилал гьаруна   2017 соналда ДРялъул ХIисаба­лъул палатаялъ гIуцIана халгьабиялъул 69 тадбир ва халгьабуна 621 идараялъулги гIуцIиялъулги хIаракаталъул. 2017 соналда гьабураб хIалтIул бицунаго, аслияб кIварбуссинабуна бюджеталъул сурсатал пайдаялъе хIалтIизариялдеги, республикаялде финансазул рахъалъ хIал щунгутIиялъе гIуцIизе кколел тадбираздеги, тематикиял халгьабиязул хIасилаздеги, гьоркьоб тун букIараб пачалихъияб мулк тIатинабиялдегун гьеб реестралда гъорлъе ккезабиялдеги.2017 соналда ДРялъул...

Запись

Анкьил хIасилал

ТIамуна таваккалаб гали   Дагъистаналде ячIун йикIана РФялъул сахлъицIуниялъул министр Вероника Скворцова Гьей щвана «ПатIимат-эбел» абураб цIар кьураб республикаялъулаб перинаталияб централде. Гьелда цадахъ рукIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовги, рехсараб централъул нухмалъулев Низам ГIусмановги.МахIачхъалаялда перинаталияб центр рагьана 2017 соналда. ЛъагIалида жаниб гьениб микь­азаргоялдаса цIикIкIун гIаданалъ гьабула лъимер....

Запись

ХIалтIизе ккола хIасил ккезелъун

Игорь Баринов — Дагъистаналда   Миллатазул ишазул рахъалъ федералияб агентствоялъул нухмалъулев Игорь Баринов гIахьаллъана «180318: Нижеца бищула къуватаб улка!» абураб ТIолгороссиялъул миллатазда гьоркьосеб зарядкаялда. Гьеб гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, Елена Исинбаевалъул цIаралда бу­геб стадионалда. Гьелда гIахьал­лъана машгьурал спортсменалги, жамгIиял хIаракатчагIиги. Тадбиралъул аслияб мурад букIана 18 марталда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязулъ гIахьаллъеян гIадамазда лъазаби. Зарядкаялдаса хадуб...

Запись

Анкьил хIасилал

РФялъул хIукуматалъул комиссиялъул данделъи   Данделъи тIобитIана 26 февралалда Грозныялда. Гьеб нухда бачана улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.Комиссиялъул гIахьалчагIаз бицана вузал лъугIизарурал гIолохъанал махщелчагIи хIалтIи гьечIого хутIулел рукIиналъул хIакъалъулъ. «Улкаялъул выпускниказул хIисаб гьабураб мехалда, гьезул лъабил бутIа хутIулеб буго хIалтIи щвечIого. Гьеб ккола пачалихъияб масъала», — ян абуна...

Запись

Щвараб ресалдаса пайда босичIони…

Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул масъала тIубазабизе буго   МахIачхъалаялъул аэропорталда Владимир Васильевасги РФялъул Пачалихъияб корпорациялъул наблюдателазул советалъул председатель – ЖКХ цIигьабиялъе квербакъулеб фондалъул нухмалъулев Сергей Степашиницаги хIасилал гьаруна Дагъистаналде гьабураб сапаралъул.Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул программа Дагъистаналда тIубазабунилан рикIкIунеб бугониги, жеги 1300 чиясе цIиял минабахъ рукъзал кьечIин бицана Сергей Степашиница. «ГIадамал гочинаризе хIажатал минаби ран руго,...

Запись

ДРялъул хIукуматалда

ЦIалдохъабазул эбел-инсуца кьуна ЕГЭ   МахIачхъалаялъул № 39 школалда тIобитIана «Эбел-инсуца ЕГЭ кьеялъул цогояб къо» абураб акция Гьеб къоялъ гIурус мацIалъул ЕГЭ кьуна РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул заместитель – Рособрнадзоралъул нухмалъулев Сергей Кравцовасги, «Просвещение» басмаханаялъул президент Владимир Узуницаги, ДРялъул вице-премьер – лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъги, жамгIиял хIаракатчагIазги, журналистазги.Школалда гIуцIун букIана экзаменал кьолеб...

Запись

7,2 миллиард гъуршил багьаяб

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъги «Дагъдизель» АОялъги къотIи гьабуна   Дагъистаналде рачIун рукIана РФялъул рагъулаб къуваталъул бетIераб управлениялъул начальник Анатолий Гуляевги, Оборонаялъул министерствоялъул оборонаялъул пачалихъияб заказазул департаменталъул нухмалъулев Андрей Вернигораги. Гьелгун цадахъ 28 февралалда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов щвана «Дагъдизель» заводалде. Заводалъул генералияв директор Раул Илясовас гьалбал рачана цехалде, ва хIалтIухъабаз гьезие бицана хIадур гьабулеб къайиялъул...