Щвараб ресалдаса пайда босичIони…

Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул масъала тIубазабизе буго

 

МахIачхъалаялъул аэропорталда Владимир Васильевасги РФялъул Пачалихъияб корпорациялъул наблюдателазул советалъул председатель – ЖКХ цIигьабиялъе квербакъулеб фондалъул нухмалъулев Сергей Степашиницаги хIасилал гьаруна Дагъистаналде гьабураб сапаралъул.
Жагъалал минабазухъа гIадамал гочинариялъул программа Дагъистаналда тIубазабунилан рикIкIунеб бугониги, жеги 1300 чиясе цIиял минабахъ рукъзал кьечIин бицана Сергей Степашиница. «ГIадамал гочинаризе хIажатал минаби ран руго, амма жеги 1300 чи гьениве вахъинавун гьечIо. Гьелъие руго гIемер гIиллаби, хасго МахIачхъалаялда. Минаби ран руго шагьаралъул централдаса рикIкIад, гьениб бан бахъун гьечIо лъималазул ах, школа, хьвадулеб гьечIо транспорт. Гьединлъидал гIадамазе бокьулеб гьечIо цIиял бакIазде рахъине. Гьел рараб район киназего гуро рекIее гIолеб бугеб. Гьелда бан, нижехъе щвана 200 чиясул хитIаб. Дербенталда ран ругел минабаздаса рази гьечIелги гIемер руго», — ян абуна Степашиница.
Гьес абуна щуабилеб марталдаса нахъе республикаялда хIалтIизе ругин ЖКХ цIигьабиялъе квербакъулеб фондалъул хIалтIухъаби. Гьезда цебечIараб масъалаги ккола цевеккун рехсарав 1300 чи цIиял рукъзабахъе рахъинари.
Владимир Васильевас абуна жагъалал минабазухъа гIадамал гочинари лъикIаб иш кколин. «МахIачхъалаялда ракьал дагь руго. ГIадамазда бичIчIизабизе ккола щвараб ресалдаса пайда босичIони, хадубккун рукъзал гьечIого хутIизе ругеблъи. Басриял, жагъаллъарал минаби риххизе ккола. Цересел хIакимзабазухъа бажаруларо жидерго ишазул жаваб кьун, гьезул цо-цоязул цIех-рех гьабулеб буго хасал идарабаз», — ан абуна гьес. В. Васильевас баркала кьуна Сергей Степашиниеги гьесда цадахъ рукIарал фонда­лъу­л махщелчагIазеги.
* * *
Россиялъул ТIахьазул союзалъ гьабулеб хIалтIулги бицана дандчIваялда.
«Россиялъул ТIахьазул союз» абураб коммерциялъулаб гуреб партнерствоялъул президентги ккола Сергей Степашин.
«Дагъистан буго гьайбатаб республика. Советияб Союзалъул заманалда гьелъие кинабгIаги кумек гьабизе кколароан федералияб централъ. Гьаниб букIана цебетIураб туризмги, росдал магIишатги, оборонаялъулгун промышленносталъул ком­плекс­ги», — ан абуна гьес.
Гьединго Сергей Степашиниц­а ра­кIалдещвеза­буна исана Расул ХIам­затов гьавуралдаса 95 сон тIу­ба­леб­лъи ва, гьелда бан, Москваялда, Кремлялъул кIалгIаялда гьеб байрам кIодо гьабизе кколин пикруги загьир гьабуна.

ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
администрациялъул пресс-хъулухъ