Запись

Министерствабазде сапар

ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов дандчIвана МЧСалъул хIалтIухъабигун   РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб бетIераб управлениялъул нухмалъулев Нариман КазиахIмадовасги Артем Здуновасги ракIалдещвезаруна тIадаб борч тIубалаго хварал МЧСалъул хIалтIухъаби ва гьезие бараб памятникалда цере лъуна тIугьдул. Гьелдаса хадуб гьел щвана цIа свинабулезул №7 часталдеги гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал ккараб мехалда хIалтIуе нухмалъулеб централдеги. Гьелдаса хадуб Артём Здунов дандчIвана...

Запись

Ихтиярал цIуни

90-абилел сонал такрарлъиларо   Росгвардиялъул хIалтIухъабаз цIунизе буго ДРялъул Мулкалъул министерство Пуланаб данделъиялда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас абун букIана, республикаялъул Мулкалъул министерствоялъул хIалтIухъабазе хIинкъаби кьолел рукIиналда бан, гьеб цIунизе гьенире ритIулел ругин Росгвардиялъул хIалтIухъаби. Гьелда бан, 21 марталда тIобитIараб пресс-конференциялда гьадинаб баян кьуна Росгвардиялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев генерал-майор МухIамад БагIачиловас: «ХIинкъаби кьеялда...

Запись

Аналитика

Бергьуневлъи лъалаан. Хадуб щибдай букIина?   18 марталда улкаялда тIоритIана президент вищиялъул рищиял РФялда иргадулаб нухалдаги вищана улкаялъул президентлъун Владимир Путин. Рищиязда гIахьаллъана избирателазул 67 процент, ва гьезда гьоркьоса 76 проценталдаса цIикIкIун чияс гьаракь кьуна Путиние. КIиабилеб бакIалде ккарав Павел Грудининие щвана 12 процент. Дагъистаналда рищиязда гIахьаллъана избирателазул 87 процент. Гьезул 90,7 проценталъ гьаракь кьуна...

Запись

Улкаялъул президент Дагъистаналда

13 марталда республикаялде вачIун вукIана Владимир Путин   Гьев дандчIвана Болъихъ ва ЦIу­мада районазул жамагIатазул вакилзабигун. ДандчIваялда бицана регионалда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.МагIарулазулгун гара-чIвари гьабулаго, гьадинаб кIалъай гьабуна Владимир Путиница: «Дагъистаналде вачIиналъул мурад буго, кин гьеб цебетIолеб бугебали, кинал масъалаби дандчIвалел ва гьезда гьоркьоса, тIоцебесеб иргаялда, кинал тIуразаризе кколелали мухIкан гьаби.Гьанир гIодорчIаразул гIемерисел дида лъала. Лъала...

Запись

ЛъикIаб къимат кьуна

Дагъистаналда сахлъицIуниялъе гIуцIун ругел шартIаздаса рази хутIана О. Аполихин   6-7 марталда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул сахлъицIуниялъул министерствоялъул репродуктивияб сахлъиялъул рахъалъ штаталда гьечIев бетIерав специалист Олег Аполихин. ТIоцебесеб иргаялда, гьев щвана республикаялъул урологияб централде. Гара-чIвари гьабуна унтаразулгун. Централъул тохтурзабазулгун букIараб дандчIваялда гьес бицана «Цогояб профилактикияб ахIва-хIал» абураб программаялъул хIакъалъулъ. Гьелда рекъон, унтаразе медицинаялъулаб кумек щвезе...

Запись

СахлъицIуни

Кумек щвела   70 флюорографияб аппараталъул цонигияб жеги щун гьечIо ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовасул гIахьал­лъигун тIобитIараб данделъи­ялда бицана Россиялъул сах­лъицIуниялъул министр Ве­роника Скворцовалъ 6 марталда республикаялде гьабураб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьей Дагъистаналде ячIун йикIана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ахIун. Гьелдаго цадахъ республикаялде рачIун рукIана Медбиоэкстремалъул, Рос­здрав­надзоралъул, ФОМСалъул вакилзабиги. Гьел, тIоцебесеб иргаялда,...

Запись

СМИязул кIвар

ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов щвана ДРялъул печаталъул ва информациялъул министерствоялде   Артем Здуновасги печаталъул ва информациялъул министрасул ишал тIуралев Рашид Акавовасги бицана республикаялъул СМИязул кумекалдалъун пачалихъияб политика гIумруялде бахъинабиялъулги церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ.Рашид Акавовас бицана республикаялъул газетаздасан кьолел макъалабазул аслиял темабазул хIакъалъулъ. Гьесул пикруялда рекъон, миллиял мацIазда рахъулел газетаз квербакъула халкъазул гIадаталги, маданиятги, тарихги цIунизе ва...

Запись

«Хваразул рухIазеги» кьолеб батана

Дагъистаналъул ХIисабалъул палатаялда хIасилал гьаруна   2017 соналда ДРялъул ХIисаба­лъул палатаялъ гIуцIана халгьабиялъул 69 тадбир ва халгьабуна 621 идараялъулги гIуцIиялъулги хIаракаталъул. 2017 соналда гьабураб хIалтIул бицунаго, аслияб кIварбуссинабуна бюджеталъул сурсатал пайдаялъе хIалтIизариялдеги, республикаялде финансазул рахъалъ хIал щунгутIиялъе гIуцIизе кколел тадбираздеги, тематикиял халгьабиязул хIасилаздеги, гьоркьоб тун букIараб пачалихъияб мулк тIатинабиялдегун гьеб реестралда гъорлъе ккезабиялдеги.2017 соналда ДРялъул...

Запись

Анкьил хIасилал

ТIамуна таваккалаб гали   Дагъистаналде ячIун йикIана РФялъул сахлъицIуниялъул министр Вероника Скворцова Гьей щвана «ПатIимат-эбел» абураб цIар кьураб республикаялъулаб перинаталияб централде. Гьелда цадахъ рукIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовги, рехсараб централъул нухмалъулев Низам ГIусмановги.МахIачхъалаялда перинаталияб центр рагьана 2017 соналда. ЛъагIалида жаниб гьениб микь­азаргоялдаса цIикIкIун гIаданалъ гьабула лъимер....

Запись

ХIалтIизе ккола хIасил ккезелъун

Игорь Баринов — Дагъистаналда   Миллатазул ишазул рахъалъ федералияб агентствоялъул нухмалъулев Игорь Баринов гIахьаллъана «180318: Нижеца бищула къуватаб улка!» абураб ТIолгороссиялъул миллатазда гьоркьосеб зарядкаялда. Гьеб гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, Елена Исинбаевалъул цIаралда бу­геб стадионалда. Гьелда гIахьал­лъана машгьурал спортсменалги, жамгIиял хIаракатчагIиги. Тадбиралъул аслияб мурад букIана 18 марталда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязулъ гIахьаллъеян гIадамазда лъазаби. Зарядкаялдаса хадуб...