Запись

Халкъалъ кьела къимат

21 маялда Москваялда тIобитIана «Цогояб Россия» партиялъул «Направление 2026» абураб темаялда конференция Дагъистаналдаса конференциялда гIахьаллъана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарь, партиялъул генералияб советалъул член Хизри ШихсагIидов, партиялъул регионалияб отделениялъул секретарасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов.Гьенир гьоркьор лъун рукIана Россиялъул президент Владимир Путинил «маялъул» указал гIумруялде рахъинариялъул ва...

Запись

ЦIияб хIукумат ва Владимир Путинил маялъул указ

Щиб цIияб жо бугеб нилъер жанисеб политикаялъулъ ва щиб букIине бегьулеб анлъго соналда жаниб?   ЦIияб хIукумат гIуцIулаго, Владимир Путиница гIезегIан хиса-басиял гьарилин хьул букIана. Киналго балагьун чIун рукIана, тIокIаб жо гьечIониги, цIияв премьер телин, амма нилъеда цIидасан тахида вихьана кIиабилев чи — Дмитрий Медведев. Коммунистазда, социалистазда ва национал-патриотазда (лево-патриотикияб къуват) ккун букIана Путиница Павел...

Запись

Бадиб магIу хулараб рохалил байрам

Киданиги кIоченаро нилъее гIоло гIумру кьуралги жакъа чIаго ругелги рагъул гIахьалчагIи   ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев гьеб къоялъ щвана щивав рагъул гIахьалчиясда аскIове, кверги бачун, баркана Бергьенлъиялъул байрам. Хадуб байбихьана рохалилаб митингги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес, Халкъияб Собраниялъул депутатаз ва республикаялъул хIукуматалъул, МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулез, рагъул гIахьалчагIаз, студентаз, школлъималаз, гIолилазул...

Запись

Улкаялъул президент нахъеги тахида

Россия: жакъа ва метер   Анкьабилеб маялда Владимир Путиница ункъабилеб нухалдаги президентасул хъулухъалде лъугьиналда бан, улкаялъул аслияб законалда тIад кверги лъун, гьа бана ва халкъалъул хIажалъаби тIураялъе бажарарабщинаб гьабизе бугин абуна. Гьелдаса хадуб РФялъул Конституциялъулаб судалъул председатель Валерий Зорькиница лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Владимир Путин РФялъул президент кколин ва баркана гьесда тIадегIанаб хъулухъ. Данделъаразда цеве кIалъалаго...

Запись

НАТОялъул базаби. Геополитикиял хIаял

Казахстаналъ изну кьуна СШАялъе Курык ва Актау портаздаса рагъулал мурадазда пайда босизе   Араб анкьида Казахстаналъул парламенталъул Сенаталъ къабул гьабураб протоколалда рекъон, ихтияр кьолеб буго Каспиялда ругел Курык ва Актау абурал портаздаса Америкаялъул рагъулаб къайи Афгъанистаналде рехизе. Гьелде тIадеги, рехсарал улкабазул вакилзабаз 2017 соналда гъолбасараб «Рагъулал бухьеназул хIакъалъулъ» къотIиялда рекъон, Актауялда базе буго НАТОялъул рагъулаб...

Запись

Ракьцоял – республика бахун къватIир

Москваялда — дагъистаниязул бизнес-годекIан   19 апрелалда Москваялда ДРялъул вакиллъиялда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна 70-ялдасаги цIикIкIун дагъистанияс Аслияб къагIидаялда гьел ккола бизнесменалгун студентал. Тадбир нухда бачана МахIачхъалаялъул бизнес-жамгIияталъул (БИСОМ) председатель ГIабдулхIаким Пахрудиновас, ва гьеб данделъиялъул аслияб мурадги букIана Москваялда БИСОМалъул филиал рагьи. Данделъиялъул байбихьуда бихьизабуна БИСОМалъул хIалтIул хIакъалъулъ бицунеб документалияб фильм. Цинги ГIабдулхIаким Пахрудиновас бицана...

Запись

Бице пайдаяб хIалбихьиялъул хIакъалъулъ

Стратегиял пикрабазул агентствоялъ Северияб Кавказалда гIумруялде рахъинарулел руго инвестициязул проектал   Артем Здуновасул хIаракаталдалъун тIобитIана РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министерствоялда цебе гIуцIараб хIалтIул къокъаялъул данделъи. Бицана регионалда инвестициязул проектазе санагIатал шартIал гIуцIиялъул хIакъалъулъ.Данделъиялда гIахьаллъана РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул министрасул заместитель Ольга Рухуллаеваги, «Стратегиял пикрабазул цIиял проектал церетIезариялъул агентство» АНОялъул генералияв директорасул гIакълучи Анвар ХIажиевги,...

Запись

Сессия

Депутатазда божилъи гьабуна 16-яс гурони данде гьаракь кьечIо. ХутIарал разилъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул къоло цоабилеб сессия, гIадатлъун билълъухъе, байбихьана фракциязул вакилзабазул кIалъаяздаса. «Коммунистазул», «РитIухъаб Россиялъул» ва «Цогояб Россиялъул» депутатазул рахъалдасан кIалъарал депутатаз кIварбуссинабуна батIи-батIиял партиязул гIуцIабазул хIалтIулъ, лъимал гIемерал хъизаназе ракьул паял кьеялъулъ ва цогидалги суалазулъ ругел гIунгутIабазде.ТIоцебе халгьабуна МахIачхъала, Каспийск шагьаразда ва...

Запись

ХIажат буго школа

ЦIунтIа районалъул Хъебалъ росулъа МухIамадрамазан ГIабдулкаримовас ахIи бахъинабуна Пятигорскалдаги   2017 соналъул щуабилеб декабралда МухIамадрамазаница тIобитIана пикет. Республикаялъул ХIукуматалъул минаялда цеве эхетана гьев. Гьес кодоб ккун букIана росдал школалъул суратал тIад рахъараб игIлан.ГIабдулкаримовасул пикеталъулги гьесул тIалабазулги хIакъалъулъ нижеца хъван букIана гъоркьиса къватIибе бачIараб №48 газеталда. Пятигорскалде иналде цеве МухIамадрамазан щвана нижехъе редакциялдеги. Гьес бицана ХIукуматалъул...

Запись

КЭМЗалъул «маххул хIинчI»

Халкъазда гьоркьосеб авиасалоналда тIобитIараб выставкаялда лъикIаб къимат кьуна «МАИ-411» самолеталъе «МАИ-411» абураб ункъо чи рекIунеб самолет гьабуна Гъизляралъул заводалда. Гьеб тIоцебесеб нухалда боржана 12 апрелалда – Космонавтикаялъул къоялъул хIурматалда. Гьеб хIалбихьиялъулаб рорженги халалъана 11 минутгун 20 секундалъ. Штурвалалда нахъа вукIана Москваялъул авиациялъу­л институталъул конструкторазул бюроялъул летчик-испытатель Александр Митрофанов.Самолеталъул хIалбихьиял гьаризе руго 2018 соналъул июналде щвезегIан....