ЛъагIалил ахиралде – кIиго хIавуз

«Дир Дагъистан – шагьаралъул санагIалъи бугеб сверухълъи» проекталда рекъон гьабулеб хIалтIи

 

22 октябралда, ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов щвана Гъизляр шагьаралде, «Дир Дагъистан – шагьаралъул санагIалъи бугеб сверухълъи» абураб проекталда рекъон гьарулел ругел хIалтIабазухъ халгьабизе. Шагьаралда къачIалел ругел жамгIиял бакIазул, лъим бачиналъул ва цогидалги хIалтIабазул халгьабиязулъ гьевгун цадахъ гIахьаллъана Дагъистаналда вугев федералияв бетIерав инспектор Александр Степанов ва Гъизилюрт шагьаралъул бетIер Александр Шувалов.
2019 соналда «Шагьаралда санагIатаб сверухълъи гIуцIи» проекталда рекъон, шагьаралда микьго минаялда сверухъ бакI къачIазе федералияб ва регионалияб бюджеталдаса 43 миллион гъурущ биччан буго.
2020 соналда къачIазе буго хIухьбахъиялъул ах, аслияб майдан ва гьезда аскIоб бугеб мемориалияб комплекс.
Гъизляралда ралел руго гьекъолеб лъим жанибе бакIарулел монолиталъул гьарурал хIавузал. Специалистазул баяназда рекъон, гьениб бугеб лъим киналниги санитариял тIалабазда рекъараб, бацIцIадаб буго. ЛъагIалил ахиралда хIалтIизе биччазе буго кIиго хIавуз, щибалъубе 1500 кубометр унеб. ДРялъул бетIерасул «Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталда рекъон, жеги цIиял лъел хIавузалги разе руго. 2019 соналда шагьар бацIцIадаб лъедалъун хьезабиялъе биччан буго 13 миллион гъурущ, гьелда гьоркьоб «БацIцIадаб лъим» программаялда рекъон — 93 миллион гъурущ. Исана лъел 10 магистралияб мухъги хисун къачIалеб буго.
Гъизляралда ХХ гIасруялъул 60-90 соназдаго хIадур гьарун рукIарал 600-650 метр гъварилъиялъул хIавузазухъан хIалтIизабулеб буго лъим. Гьоркьоса къотIичIого шагьар лъедалъун хьезабизе сордо-къоялда жаниб 27000 кубометр лъел хIажалъула.
Владимир Ивановас халгьабуна лъел хIавуз балеб бакIалъухъ ва тIабигIияб нахърателалдаса рекъараб хIалалда пайда босизе ккелин лъазабуна гьес.

Гьумер хIадур гьабуна ПатIимат СултIанмухIамадовалъ.