Росу цIилъулеб буго

Шамил районалъул Хучада росулъе щведал, бегавул Жамалудинов Къурбан-ХIусен ватана культураялъул рукъ балеб бакIалда хIалтIулев. Мурад бициндал, росулъ цо свери бахъун лъикIинги абун, гьес цадахъ вачана дун.

 

 

Чанго соналъ цевеги щун вукIана Хучаде, амма гьаб нухалда гьеб хисун, цIилъун батана. Гьев бега­вуллъун хIалтIизе лъугьараб 2015 соналдаса нахъе гIурал хIалтIаби гьарун ругоан росулъ.

— ТIоцебе байбихьана росулъ са­нитарияб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялдаса, — ян бицана Жамалудиновас. — Хасаб къо чIезабуна рищни-къул къватIибе баччиялъе. ГIатIид гьабуна кверкьовул рукъ. Бана жамгIияб хIажатхана. Сверун къана росдал хабзалал. КъачIана ро­сулъе рачIунелги, росулъ жанир ру­гелги нухал. Бана муршид Меселасул МухIамадил зиярат. ГьабсагIаталда балеб буго культураялъул рукъ. Лъабго соналъ рагIалде бахъина­бизе кIоларого букIараб гьеб, исана тендерги бергьун, Культураялъул министерствоялдасан гIарацги щун, бан лъугIизабизе ракIалда буго. Би­щунго цIакъ хIалтIул гIемераб заман бахъана росдал ракьалъул гIурхъи чIезабулаго.

 

Росу кIудияб гьечIониги, кIудияб росдадаса нахъе ккарал рукIунаро Хучадаги гьаризе кколел хIалтIаби. Амма гIарац биччала гIадамазул къадаралде балагьун. Гьебин абу­ни ракIалда ругелщинал хIалтIаби гьаризе гIоларо. Руго кумек гьа­булел гIадамалги. Масала, кумек гьабула росдал медпункталъул нухмалъулев МухIамадов Билбу­латица, жамагIатчи ХIажиясулов ГьитIинамухIамадица.

Хучадисезул буго цогидал роса­базул гьечIеб, 15 сон барал гIолилал чIахIиязул кьерде рачин кIодо гьабулеб байрам. Гьелда абула «ТIохде рахинин» абун. Гьеб къоги тIобитIула щибаб санайил, ихдал. ТIоритIула спорталъул къецалги. Исана коронавирусалъул пандеми­ялда бан, гьеб тадбир тIобитIизе рес ккечIо.

 

Хучадисел руго гьобол-гьудул хириял, къо ккедал цоцазе ратулел гIадамал. Росулъ гьарулел хIалтIабазулъги гьел нахъе къан чIоларо.

Гьаризе ругел хIалтIабазул гьикъидал, бегавулас абуна хIажат бугин росулъ цIияб хIавузги бан лъим бачиналъул хIалтIабиги, бай­бихьараб культураялъул рукъги рагIалде бахъинабизе ва ракьазул суал роцIинабизе.