Унтизе ихтияр букIинчIо бегавуласул

Гъуниб районалъул БацIада ро­сулъеги коронавирус абураб балагьаб унти бачIана республикаялда жеги самоизоляция лъазабилалдего. Росу­цоязда гьоркьоб унти тIибитIиялъе гIиллаги ккана тагIзияталде ракIари.

 

Районалда унти баккилалдего рай­больницаялъул отделениял эркен гьа­рулел рукIана къойилго гIадин чанго нухалъ «Хехаб кумекалъ» БацIадаса хъамун рачIунел захIматго унтара­зе. Районалъул росабазда гьоркьоб кIудиябин абизе бегьулеб росулъ, 25 соналъ хIалтIарай тохтур ПатIимат МухIамадбеговна гьениса аралдаса, лъабго медицинаялъул сестра гурони тIадегIанаб лъай бугев тохтур росдае хIажатаб къоялъ ватичIолъиялдаги гIажаиблъи гьабизе бачIана. Гьеб заманалда БацIадаги байбихьана рихха-хочи, хIинкъи, жакъаги щал­дай хъахIаб ретIел ретIарал гIадамаз Гъунире рачун унел ругелин цоцахъе телефоналъ ахIдей…

 

Амма гIаммаб къварилъиялъ жеги цолъизабураб жамагIаталъул тIалабги гьабун, росдаде рещтIараб захIматаб заманалда гьелъул це­вехъанлъун лъугьана, «ХIакъикъат» газеталдасан баркала кьезе бокьун бугин росуцоял дихъе хъвадариялъе гIиллалъун ккарав, росдал бегавул Руслан Замалов.

Щивасе гьев лъугьана вацлъунги, васлъунги, киназго ахIи балев, жив гьечIого росу цебе чIезабизе кIоларев чилъунги. Русланица бихьизабуна росуцояз жиндего гьабураб божилъи гIададисеб батичIолъи. Цояз – къва­рилъахъдилаго кьолеб буго гьесие баркала, цогидаз — гьев бахIарчи вугинги абун, кIиго рагIиялдалъун кьолеб буго гьесие къимат.

 

БакIалъулаб радиоялдасанги теле­фоназдасан тIиритIизарунги Русла­нил лъазабиял щолаан кидаго росу­цоязулгун бухьеналда йигей дихъеги. БачIинахъего унти къотIизабизе ро­сулъ карантин лъазабизе гьесул бакIалда цогидавги кантIилароан. ТIоцебесеб иргаялда, хIажат рукIана дараби. ТIоцебесеб лъазабиги букIана росдал хIажалъабазе цебе- цебе бакIараралда тIаде росуцояз, щивасул ресалда рекъон, гIарацги бакIарун гьел росизе ккеялъул. Теле­фоназдасан бачIараб лъазабиялъухъ гьесие баркалацин кьуна росу тун къватIир ругелги бецIдерица. Гьезги байбихьана, Русланилгун бухьенги ккун, гIагараб росдае хIажатаб къо­ялъ ратизе. БецIдерица ракI-ракIалъ баркала кьолеб буго жакъа жидеде рещтIараб къварилъи гIахьал гьабу­рал мадугьалзаби — ГIунтIиб росдал жамагIаталъеги. Гьезги, жидерго росуцоязул къукъаялдасан лъазаби­ги кьун, бакIарун гIарацгун, БацIаде щвезабуна лъикIаб къадар дарабазул.

Росулъе нух къана. Районалъул бетIер МудунхIажи Къадировасул тIалабалдалъун райбольницаялдаса, бецIдерица баркала загьир гьабулев кIиго тохтур витIана БацIадаго сах гьаризе бажарулел гIадамал сах гьа­ризе гьенирго рукIине (больницаял­да унтарал регизаризе бакIги хутIун букIинчIелъул). Росдал бегавул Рус­ланица, хIалхьи гьабизени киса гу­рин, живгоги унтилин хIинкъизецин жиндиего изну кьолеб букIинчIо. Гьев вихьулев, рагIулев вукIана кив­го, сордо-къо батIа гьабичIого: ме­хелалда жаниб жаназа кида росулъе щолеб бугониги, Русланги гьесда сверухъ гъункарал гIолохъабиги хабзалалъ рукIунаан. Гьелго гIолохъаби, ирга гьабун, посталда дежурствоялдаги рукIуна жакъа­ги. Гьезиеги, Русланиего гIадин, унтизеги унтун хадур сахлъичIого рукIинеги ихтияр букIинчIелъул, хварал рукъизеги росдал бегавула­се мугъчIвайлъун рукIинеги гьел гьечIого гIоларелъул…

 

ВорчIичIо Русланги вирусалдаса, живгоги унтана, рокъосездеги баха­на. Аллагьасул кумекалдалъун рокъ­орго сах гьаризе кIвана. Унтана «Хе­хаб кумекалъул» машина бачунев АхIмадги. Щибаб къоялъ унтаразда цадахъ вукIунев гьевги вирусалдаса ворчIичIо.

Гьеб мехалда Руслан живго лъугьа­на «Хехаб кумеклъунги». «Калина» маркаялъул мех бараб гьесул маши­наялда, захIматго унтаразе тIагIам бахъи гуребги, живго Русланиеги хIинкъи цIикIкIана гьездаса унти бахиналъе. Гьеле гьебги, гьеб гуреб­ги, росуцоязда лъаларебги жидер­го бегавуласул бугеб ракIунтиялъ, тIалабалъ рохун, гьесие дугIаялда руго жакъа росулъги къватIирги ру­гел бацIадисел.

 

Жалго росуцоязда гIадин, дидаги лъала гьаб каламги Руслан Замалова­се бокьизе гьечIеблъи, тIадежоялъе, гьеб гьесул рекIее бакIлъизецин букIин. Гьес абизе буго гьеб жинда тIадаб иш букIанин ва жакъаги бу­гин. Кин бугониги, абила — баркала, Руслан!

Нилъер Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис буго: «ВатIан бокьи иманал­дасан буго», — ян абураб. ВатIан буго баракат. ТIоцебесеб ватIан — вижараб росу кколелъул, гьелдаса байбихьула кIудияб ВатIан бокьиги. ВатIан бо­кьиги, хасго гьаб заманалда, кинавго нухмалъулесулъ батулебги, гьесие щолебги шапакъат гуро. Дуе, Руслан, гьеб щун букIин бихьизабуна жакъа росуцояз кьолеб къиматалъ.

 

Аллагь разилъаги дудасаги дур хьибил ккун чIарал нилъер гIолохъабаздасаги, чIагоял сах­лъизеги, хварал абадияб рокъоре тIоритIизеги рахъун чIаралъухъ. Бухъизе ккогеги нужеца анцIила ичIго, жеги зани чIвачIел, жеги цIарал гьечIел хобазда тIаде тIокIабги хобги, квешаб макьу гIадин аги, лъугIаги коронавирусин абулеб унтиялъ бачIараб магIуги, ракIал кIорокIараб асарги… Ал­лагь гурхIаги киналго хвараздаги тIолалго чIагояздаги!