ИчIабилеб июналда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар бухьана магIарулазул нахъбакIалъул гIатIиракьалде. Щвана некIсияб ЧIикIаб росдал рагIалде, Сулахъ гIурухъе, рахана цIи рагьараб «Нохъо» абураб туркомплексалде, рилълъана кварил кьодасан, риччана маххул кварида тIасан. Кванана Сулахъалъул форель, кIутIана магIарул кьагIрида. Кьурдана, кечI ахIана, релъана. Унилан ун жеги ихги ун бахъинчIеб, бачIунилан абун жеги рииги рагьдухъ рещтIинчIеб,...
