Запись

Къире горду, къире горду…

     ИчIабилеб июналда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар бухьана магIарулазул нахъбакIалъул гIатIиракьалде. Щвана некIсияб ЧIикIаб росдал рагIалде, Сулахъ гIурухъе, рахана цIи рагьараб «Нохъо» абураб туркомплексалде, рилълъана кварил кьодасан, риччана маххул кварида тIасан. Кванана Сулахъалъул форель, кIутIана магIарул кьагIрида. Кьурдана, кечI ахIана, релъана.    Унилан ун жеги ихги ун бахъинчIеб, бачIунилан абун жеги рииги рагьдухъ рещтIинчIеб,...

Запись

Хаслихълъиялъул пашманал бакънал

    «Хасалихълъи рещтIун буго рекIелъе», — абун хъвана БакьагьечIиса шагIир-классик Тажудин ЧIанкIаца. Щибаб соналъ хаслихълъиялъ мугIрузда гьоболлъи балаго гьел мухъал рачIуна ракIалде. Рииялъ къо лъикIги гьабулеб, гьанжего гьанже хасалихълъи рещтIунеб гIуж бокьу­ла бищунго. Буго гьелда жаниб цо балъголъиги, бахчараб цо берцинаб асарги, пашманлъигун рохелги — кинабго гьелда жаниб бессун буго. ГIажаибго берцинго букIуна гьеб...

Запись

«Гьаб гьитIинаб росулъ кIудияб дунял Расул ХIамзатовас данде гьабуна»

      Гьаб векалъул тарих хадуб магIарухъ — Хунзахъги ЦIадабги цIалулеб мехалъ; Дир цIар киб букIинеб: чIваралъ, хваралъищ, Я хабар лъачIого тIагIаразулъищ? ЧIваразулъги гуро, хваралъги гуро, Я хабар лъачIого тIагIаралъ гуро. Ханжарги тIагъурги магIидаги бан, Мун бихьула дида даим чIагояб; Доб Петербургалда пача тIуркIараб, Гьундул бусада гъоркь шагьал сорораб. МагIарулас жакъа жиндирго тIохда ТIагърикьаги...

Запись

«ЦIор добехун буго, дун гьанив вуго, Гьоркьоб кIияздаго хъаравул гьечIо»

      «Кида магIарухъе нахъ руссинел нилъ?» — ан абураб кечI буго Бакълъухъа МухIамад ХIамзаевасул. Щаяли лъаларо, гьел кочIол мухъал ботIролъе рачIинчIеб къо букIунаро. Аралъул хIисабги букIинеселъул пикруги гьабизе, гIадамазда нилъги нилъеда гьелги рихьизе жакъа цIакъго хIажат буго гьоркьо-гьоркьоргIаги магIарухъе щвезе. Гьебги хIисабалде босун, 17 июналда «ХIакъикъаталъул» коллективалъ сапар бухьана БежтIе.       Дагъистаналъе автономия...

Запись

Гьаниб щибаб жоялъ бахIарчилъиялъул хIухьел цIалеб буго

        Щамат къоялъ Болъихъ районалъул Шодрода росулъ тIобитIана, 1995 соналъул июнь-август моцIазда, улкаялъул гIорхъаби цIунулаго хварал пограничниказул хIурматалда бараб обелиск рагьиялъул тадбир.        Обелискалда цIарал хъваразда гьоркьой йигоан росулъе хъачагъал рачIунел ругилан пограничниказда лъазабурай ва гьелъие гIоло гIум­ руялдаса ятIалъарай Зибирхьалиса бахIарчияй магIарулай Жавгьарат СагIадуеваги…      Ниж Шодроде щвана тадбир байбихьилелде сагIаталъ цере.     ...

Запись

Абуге цебего рагъ лъугIанилан…

         Гитлерил фашизмалда тIад советияб пачалихъалъ Бергьенлъи босаралдаса 76 сон тIубаялда хурхун гIемерал тадбирал тIоритIана тIолабго улкаялдаго гIадин нилъер республикаялдаги. 9 Маялда «Бергьенлъиялъул Парад» тIобитIана Каспийск шагьаралда.     Жакъа республикаялда рагъул ветераназул чIаго хутIун вуго гIицIго 48 чи. Нахъе ругел рагъул бахIарзазул гIемерисел гIумру гьабун руго шагьаразда ва гIатIиракьазда ругел росабалъ. Гьезул киназухъего...