ГIагараблъун ккараб рикIкIадисеб

 

 

 

   МухIамад Нурудинов ккола Шамил районалъул ЦIекIоб росулъа. ЦIалана МахIачхъалаялъул школа-интернаталда, Ростовалъул инженериябгун ралел бакIазул институталда. Гьеб лъугIидал (1982 сон) витIана Краснодар краялъул Павловская станицалде, хIалтIана птицефабрикаялда, ралел бакIазда, хадув вукIана комсомолалъул ва партиялъул хIалтIабазда, тIубана райисполкомалъул председателасул заместителасул хъулухъ. Советияб улка биххаралдаса нахъе 26 соналъ хIалтIана ралел бакIазе хIажалъулел материалал къватIире риччалеб заводалъул директорлъун, гьелда цадахъго вукIана районалъул собраниялъул депутатлъун, гьелъул председательлъун. Рамазан ГIабдулатIипов республикаялъул бетIерлъуда вугеб заманалда тIамуна краялда бугеб ДРялъул вакиллъиялъул нухмалъулевлъун. Щуго соналдаса вакиллъи къана ва 5-6 моцI ана гьеб хIалтIуларого. Исана 29 апрелалда, ДРялъул премьер ГI. ГIабдулмуслимовасул тIадкъаялдалъун, нахъеги байбихьана хIалтIи ва МухIамад тIамуна ДРялъул хIукуматалъул вакиллъун. Гьал къоязда Краснодаралде щварал ниж дандчIвана гьевгун ва ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

— МухIамад, 40-гIанасеб соналъ мун вуго Дагъистан тун къватIив, Краснодар краялда. Гьеб заманалда жаниб хисиго кканищ гIамалхасияталъулъ?

 

    — КигIан яхI бахъаниги, щиб гьабуниги дуца гIумру гьабулеб бакIалъул «гьава-бакъ» дагьабниги хъинтIичIого хутIуларо. Амма кив ва кигIан заманалда мун вугониги, эбел-инсуца кьураб тарбия, нилъер рукIа-рахъин, гIадат-гIамал, миллияб хаслъи кидаго букIуна цадахъ. Кив ва щиб гьабулев вугониги дун гIемер щола Дагъистаналде, гьоркьор къотIичIо бухьенал ва гьоркьорлъаби. Дагъистаналда гьечIониги дун вухьун вукIуна гIагараб тIалъигун, дида лъикI лъала росдал киналго масъалаби. Доба цо щибниги къварилъи ккани, дун ва гьанир ругел дагъистаниял кутакалда пашманлъула, цо кинаб бугониги лъикIаб хабар рагIани, роххула.

— Жакъа чан дагъистанияв краялда вугев ва щиб магIишаталъул, хIалтIи-ишалъул чагIи гьел кколел?

 

   — Дун гьаб хIалтIуде ккараб заманалда, киналго шагьаразулгун районазул администрациязде дица ритIана гьанир гIумру гьабун ругел дагъистаниязул баянал кьеян гьарун официалиял кагътал. Цоцоязул жавабал рукIана нилъ киналго ругин Россиялъул гражданал, щибаб миллаталъул гIадамазул хасал хъвай-хъвагIаял жидер гьечIин абун. ГIемерисез рачIарал баянал данде росун загьирлъана гьадинаб сипат: гIага-шагарго краялда вуго 80 азаргогIанасев дагъистанияв, гьезде тIаде — 10 азаргогIанасев чи гьаниве вачIуна сезоналъул заманалда хIалтIизеги. Аслияб куцалда нилъерал руго бизнесалда, руго тохтурзаби, фермерал, учительзаби, студентал. ГIезегIан гIадамал руго росдал магIишаталъул хIалтIуда, курорталгун санаториязул сфераялда.

— ГIаммаб куцалда босани, кинаб лъалкI дагъистанияз гьаниб толеб бугеб, гьезул рахъалъ кинаб пикру бакIалъулал гIадамазул бугеб?

 

— Берцинаб хIалалда хIалтIулев, цIалулев, гIадлу-низам цIунулев, бакIалъулаб гIадат-гIамал хвезабуларев чиясул, киса вачIарав ва щиб миллаталъул гьев ватаниги, гьаниб гьабула къадру-къимат, гьев вукIуна хIурматалда. Бугеб хIалалда абуни, аслияб куцалда гьединал руго нилъер гIемерисел. Амма гьоркьо-гьоркьор, бокьараб бакIалдаго гIадин, гьанирги камуларо гIадлу-низам хвезабулелги. Гьединаз хвезабула нижеца гьабулеб хIалтIул къадру, гьединал хIужабазде кьола нижеца кIварги, киданиги толаро бербалагьи гьечIогоги.

 

— Нилъер кIиябго регионалда гьоркьор ругел экономикиял, социалиял ва цогидалги бухьенал кинаб даражаялда ругел?

 

   — ГьабсагIаталдаги хIалтIулеб буго 90-абилеб соназдаго кIиябго регионалда гьоркьоб хъван букIараб «О дружбе и сотрудничестве между двумя регионами» абураб къотIи. Экономикаялъул, даран-базаралъул бухьенал руго гIезегIан лъикIал. Дагъистаналдаса гьанибе босула цIер ва гьелъул продукция, гамачI, гьабги росдал магIишаталъул рахъалъ цебетIураб регион бугониги, нилъер ахбазан-куракалъул, помидор-охцералъул, хъапустIаналъул буго цIикIкIараб тIалаб. Гьаниса добе уна ханжу, чакар, нах. Ругел баяназда рекъон, лъагIалил даран-базаралъул багьа бащалъула 7-8 млрд гъурщида. Гьанир ругел гIадамазда нилъер гIадат-гIамалги, тарихги, культураги лъалеб гьечIони, бухьеназулъ гьуинлъи букIунарелъул, гьеб рахъалъги нижеца гьабула гIемераб хIалтIи. Мисалалъе, тIоритIула Р. ХIамзатовасул, Ф. ГIалиевалъул ва цогидалги машгьурал хъвадарухъабазул къоял, ахIула «Лезгинка» ва «Дагъистаналъул гIолохъанлъи» ансамблял. Гьаниб буго «Центр культуры народов Дагестана «Единство» абураб жамгIияб гIуцIи, гьелъги гьабула гIемераб хIалтIи. Гьедин, кIиябго регионалда гьоркьор ругел экономикиял, социалиял ва культураялъул бухьенал жеги цIикIкIиналъе гьабулеб хIалтIи чIун гьечIо.

 

— Шагьаралъул ва краялъул нухмалъиялъулгун кинал бухьенал нужер ругел?

 

  — Губернаторасул гIемераб хIалтIи букIунелъул, гьесулгун кидагосел бухьенал гьарун бажаруларо. Амма дида мухIканго лъала, дица борхараб кIвар бугеб цо суал тIадал идарабаз тIубалеб гьечIони, гьесухъе нух бахъизе кIвезе букIин ва гьес дун къабул гьавизе вукIин. Гьаниб бугеб мажгиталда сверухъ букIараб суалалъулги гьедин ккана. Администрациялъул гIемерал идарабазулгун буго гIезегIан лъикIаб гьоркьоблъи, бокьараб масъалагун ине бегьула аскIоре, гьез кIвараб кумек гьабула.

 

— Украинаялда ккарал лъугьабахъиназ хисизабунищ нужер хIалтIул низам?

 

  — ХисичIо. Амма руго асар гьабулел хIужаби. ТIоцебе Россиялъул БахIарчи абураб тIадегIанаб цIар щварав нилъер ракьцояв НурмухIамад ХIажимухIамадов ракIалде щвеялъе нижеца гьаниб тIобитIана чанго тадбир. Шагьаралъул Думаялъул хIукмуялдалъун, цо къватIалъе кьуна гьесул цIар. Гьелъухъ балагьунги бихьулеб буго Дагъистаналдехун ва дагъистанияздехун бугеб бербалагьи лъикIаб рахъалде хисулеб букIин.

 

— 64 сонги бан бугелъул, Дагъистаналде вуссине хиялго бугищ?

 

— Дир буго 2 лъимер: вас ва яс. Гьел руго жидерго хъизам-къайигун, жидецаго тIаса бищараб хIалтIуда. Дунгун цадахъ ва жалго гьел гIезегIан щола гIагараб росулъе, Дагъистаналде, гьезда лъала доба бугеб ахIвал-хIал. Амма дида ккола, ругьунаб бакIги тун, лъимал Дагъистаналде инарин абун. Дирго рахъалъ абуни, тIуванго херлъараб мехалъ букIаниги, ракьулъе ине ватаниги дир ахир росулъ, Дагъистаналда букIина, батIайиса букIине рес гьечIо. Амма гьабсагIаталда тIад вуссине дидаги ракIалда гьечIо — гьаниб буго хъизам-рукъ ва гьанив вукIаго дир рес буго Дагъистаналъе пайдаяб хIалтIи гьабизе.

 

 ГIабаш ГIАБАШИЛОВ