РукIинесел улбузе бугеб хIинкъи

РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, коронавирусалъул инфекциялъ лъимал гьариялъул ригьалда ругел руччабазегун бихьиназул сахлъиялъе зарал гьабулеб буго. Коронавирусалъ унтарал, лъимаде ругел руччабазул сахлъиялъул цIех-рехалъул хIасилалда, гьарурал лъималазул 2,3 проценталда эбелалдаса унти ба- хун батана. Коронавирусалъ унтарал улбулин абуни захIматаб хIалалда рукIана. Унтун хадуб захIмалъаби раккулел руго 35 сонил ригьалдаса арал руччабазул сахлъиялъулъ, гьединазе лъимер щвеялъул рахъалъ захIмалъаби рукIине бегьула. Коронавирусалъ унтичIезда дандеккун, вирус бахаразул лъимал гьариялъул рахъалъ захIмалъаби раккиялъул хIинкъи щуго нухалъ цIикIкIараб буго.

Коронавирусалдаса сах гьарулаго унтарасе гьарурал батIи-батIиял дарабаздаса хадуб интоксикация кколеб бугин абураб пикруги буго тох- турзабазул.

Къойилго гIадин рагIулел руго коронавирусалъ унтаразул ва хвара- зул хIакъалъулъ. Кин букIаниги, нилъедаго бухIи хъвазегIан гьеб балагьалъул магIнаги бичIчIуларо. Лъимер гьабизе мех щварал руччабазгицин жамгIиял бакIазда маскаби ххолел гьечIо. ТIоцебесеб иргаялда жинцаго жийго, хадуб гIагарлъиялъ ва жамагIаталъ цIунизе кколарищ йикIинесей эбел коронавирусалдаса? Лъимаде ругел, загIипал руччабазул сахлъи гьеб унтуца кIвекIулеб куцалъул ва тохлъукьего бачIараб унтуца гIажалалде цIаялъул хIакъалъулъ унтараз ва гьезул гIагарлъиялъ бицараб хIакъикъат рагьулеб буго гьаб макъалаялда.

Квешал харбал вирусаздасаги захIмалъула

ГьитIинай яцгун дандчIвазе кIудияб гIищкъугун ругел Аминатил хъизамалда нахъа букIун буго кIудияб балагь. Аминатица лъимер гьабизе жеги моцI хутIун букIана. Сахлъиялъул рахъалъ цо-цо гIисинал захIмалъаби сабаблъун гьей больницаялда егизаюн йикIана. Кколеб даруги гьабун, кватIичIого рокъое йиччазеян йикIарай Аминатил тохлъукьего цIа-кан бахана. Больницаялда баханин гьелде коронавирусин абулеб буго гIагарлъиялъ. Коронавирусалдаса сах гьайизеян цогидаб больницаялде ячана. Коронавирусалъ унтун йигин лъаралдаса нахъе Аминатил рекIелъе хIинкъи лъугьана. МоцIалъ цебе коронавирусалъ унтун хварай, гьейгун гIелбащадай гьалмагъ цее тIамуна. Гьелдаги Аминат букIана цIар. Гьейги лъимер гьабизе мех щун йикIана. ЛъимергIаги хвасар гьабеян гьарулеб букIана гьалмагъалъул гIагарлъиялъ. Амма тохтурзабаз гьеб жавабчилъи тIаде босичIо. Чехь ссун лъимер хвасар гьабуниги, операциялъул столалдаго холин нужер ясин тохтурзабаз абурал рагIабиги рекIелъ къан, лъимадул гIумруялъе гIоло рагIицин абичIо Аминатил эбелалъ. ГIагарлъиялъулги яс сахлъизе бегьулин абураб хьул букIаралъул. Гьалмагъго гIадин, жийги хвелин хIинкъиялъул асаралда гъоркь йикIарай Аминат, 22 сонил ригьалда йигей ва лъимер гьабизе мех щварай гIолилайги квешго унтидал, тIадеги хIал хисун лъугьана. Палатаялдаса нахъе ячун уней гIолилай лъавуда йикIинчIо. Аминатида гьейги хванин ракIалде ккана ва тIокIалъ гьелъул хIинкъи гIодобцинабизе кIвечIо. Палатаялъуса ячун арай реанимациялда чанго къоги бан лъавуде ячIана ва жиндирго лъимадуе гIумруги кьун абадиялъго къанщана. Аминатин абуни гьеб заманалда реанимациялда йикIана. Больницаялда къойилго гIадин хвалил хIакъалъулъ рагIулел харбазги гьелъул рекIее рахIат течIо. Гьелъул ракI гIодобе биччазабизе, аскIое эбелгIаги йиччалей йикIарайани, ургъел бигьалъилаан букIараб. Цо къоялъ эбел аскIое щвараб мехалдаги гьей гIезегIан гIодое йиччан йикIана.

Эбелалъ гIемер гьарана Аминатие ракI батулеб рагIи абизегIаги, гьелъул квералда квер бахъизегIаги гьелда аскIое йиччаян абун. Тохтурзабаз изну кьечIо. Лъимадуе бегьунгутIиялъухъ балагьичIого, Аминат коронавирусалдаса хвасар гьайиялъе, кколеб къагIидаялда киналниги дараби гьарулел рукIана. Лъабго къоги реанимациялда бан, ургьиб лъимергун рухI босана Аминатил. Рокъоб хутIараб кIиябго лъимерги махIрумлъана эбелалъул хинлъиялдаса. Лъимаде йигеб мехалда би жеги цIикIкIун бакъвалъулин абула. Коронавирусалъин абуни гьеб жеги бакъвазабулеб буго. Тромб тIун бугин гьелъулин абуна тохтурзабаз. Реанимациялда егизаюн йикIинчIейани гьей чIаго хутIизеги бегьулаанин ракIунтун бицунеб букIана Аминатил гIагарлъиялъ. Кислородалъул маска ххун хадуб гьелъул къуват хIехьезе кIвечIого хванин ясин рикIкIунеб буго гьез. Аппараталъ кьолеб бацIцIадаб гьава цIазе гьуърузул хIал гIун батиларин абурал пикрабиги рукIана гьезул. Аминат хун хадуб, гьелъул эбелги унтана коронавирусалъ. Больницаялде ккечIеб хIалалъ захIматгоги йикIинчIо. Рокъобго гьабуна дару. Тесталдалъун унти бугищали хал гьабидал, гьебги батичIо. ГIемерисел унтаразул тестаздалъун гьарурал анализазда рекъон, коронавирус гьечIин абуниги, гьелъул гIаламатал ратулел руго.

Божилъиялъеги заман къваригIуна Лъимер ургьиб бугезеги вакцина гьабизе кколин абула. Вакцина гьабун букIарабани, Аминат ва гьейго гIадал лъимаде ругел руччаби хвалдаса ва унтудаса цIунизе рес букIанадай абураб пикру бачIуна ботIролъе. Аминатил гIагарай гIадан СагIидатица бицана гьелъул жидецаги пикру гьабулаанин.

— Нижер яс унтиги хвейги Аллагьасул къадар буго. Вакцинаялдаса хадубги гьеб унти бахинчIого букIинин яги вакцинаялъ кинаб хIасил кьелебалиги лъаларелъул. Вакцинаялъ хадубккунги кинабгIаги захIмалъи кьелин хIинкъулел руго. Ургьиб бугеб лъимадуе зарал ккелинги хIинкъулел руго. Гьелъул хIакъалъулъ чIванкъотIараб рагIи абизе кIоларо. Байбихьуда абулаан вакцина лъимаде ругезе, ракI унтаразе ва цогидалги унтаби ругезе бегьуларин. Гьанже гьезиеги бегьулин бицуна. Вакцина гьабизе хIинкъулел руго цо-цо дарабазде аллергия букIиналъ. Байбихьуда аллергия бугев чиясеги гьукъун букIана прививка гьабизе, гьанжейин абуни гьелъулги халцин гьабулеб гьечIо. Ункъабилеб да- ражаялъул онкология бугев чиясе хутIизегIан киназего гьабизе бегьулин прививкаян абулеб буго тохтурзабаз. Прививка гьабизеян араб бакIалда дица цIехана пуланал дарабазде ва кванде дир аллергия бугин, нагагь коронавирусалде данде прививка гьабулаго гьелда гъорлъ бугеб щибгIаги жо данде ккечIони, щиб гьабилебин абун. Жидеда лъазабун бугин ункъабилеб даражаялъул онкологияб унти бугезе хутIизегIан, киназего вакцина гьабеян абун, дур аллергия батаниги жидее батIалъи гьечIин абуна прививкаби гьарулеб пункталда. Гьел рагIабаздаса хадуй дунги кьурун нахъ юссана гьезул кабинеталъуса. Аллергия бугей ункъгIалалъеги гьабуна вакцина, тIоцебесеб компоненталдаса хадуб гьелъие квеш лъугьана. Дуе гьеб дандеккечIин абун кIиабилеб компонент гьабичIого тана тохтурзабаз. Хадуб, заманалдасан гьелъ Спутник-лайт вакцина гьабуна. Гьелде данде аллергияги баккичIо. Аллергия гьелъ дагьго кьолинги абула.

Коронавирус бахинчIев чи хутIун ватиларо

Коронавирус тIибитIаралдаса нахъе гьеб унти киназдего бахун батила. Дунги коронавирусалъ захIматго унтана. Больницаялда егун хадуб, кIиго къоялдасан нижер рокъоселги унтизе лъугьана. БетIергьанчиясул дагьабго мехалъ цIа-кан бахана ва бигьаго сахлъана. Лъималги больницаялда регизе ккечIого сахлъана. ХIалтIуда цоцадаса вирус бахун ниж чангоял унтун рукIана. Цадахъ хIалтIулей коронавирусалъ унтун больницаялде ккана. Анкьидасан дирги цIа-кан бахун гIодобе ккезабизе кIвечIого больницаялда егизаюна. Хадуб лъабго къоялдасан цогидалги унтана. Больницаялдаса рокъое йиччан хадубги рухI бачIунарого, черх рукIалиде кколарого гIемераб заман бана. Больницаялдаса рокъое йиччараб къоялъ, тохтурас рокъоб гьекъезе лъикIабин абураб даруялда хадуй аптекаялде унаго, бохдул рахъизе кIоларого йикIана. Дихъ гIенеккулелго гьечIин бохдулин кколаан. Больницаялда ругеб мехалда гьедигIан захIматго букIунароан. БацIцIадаб гьава бугеб бакIалде щведал, галаби росизецин захIмалъана. Гьеб унтудаса сахлъун хадубги ракIалда щибго жо чIезабизе захIмалъула. ЦIеда лъураб хьаггицин кIочон тун батулаан. Байбихьуда хIалтIудаги цIакъ захIмат букIунаан. Хехго свакалаан. Цо хIалтIуде пикру буссинабун бажарулароан. Гриппалъ унтун хадуб гьединал захIмалъаби кидагIаги дандчIван рукIинчIо. Гьале лъагIел свераниги жеги чорхол хIал рукIалиде бачIун гьечIо. Рищалаби унтула мех-мехалда. Дир гьадингоги бакъваяб би букIана. Коронавирусалъин абуни гьеб жеги бакъвалъизе гьабуна. ХIухьел цIазе захIмат букIана. Нижер хъизамалъулго буго ракIалъулгун сосудазул унтаби, би бакъвалъи. Мех-мехалдаса кверал ва хIатIал цIулгIала. Бащдаб лъагIалицагIаги рас хIулулеб чIечIо. Коронавирус бахиналде цебеги мех-мехалъ рищалаби унтулаан дир. Больницаялдаса нахъе йиччалелъулги тохтуралъ абун букIана рищалаби сах гьаризе, лъедезе кколин абун. Гьелдаса хадуб гIезегIанго мадарги лъугьана.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА