Гьадин хъвана ХIамзатил Расулица руччабазул хIакъалъулъ. Щибха гьезул релълъараб бугеб – талихIги талихIкъосинги, магIуги релъиги, рохелги къварилъги. ГIумруялъул сариналги релълъарал руго гьезул. ТIолабго дунялалъего захIматал гьел моцIаз, ПатIиматил угьдулеб саринги цолъана киналго руччабазул сарингун, лъалъалеб букIана гьеб гIаммаб магIуялъ. Амма хIал лъазе тезе рес букIинчIо ПатIиматил. Гьелъ хвасар гьабизе кколаан анцI-анцI лъимадул гIумру. Къваридаб сариналъ къуват кьуна гьелъие. Гьелъул кумекалдалъун чанги эбелалъухъе тIад руссана гьимиги гIумруялде бугеб рокьиги. Гьаб заманалда бахIарчилъилъун рикIкIине бегьулеб ПатIиматил гьеб иш бихьана больницаялъулги республикаялъулги нухмалъиялда. Гьелъиещвана «Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур» абураб цIар. Газета-лъул коллективалъги баркула ПатIимат ГIалиевалда тIадегIанаб цIар.
МугIрул чIужугIаданалъул къвакIиялъулги кьвариялъулги бицун, хъван дун свакаларо. Дие кидаго мисаллъун рукIана, намусалда хIур хъвазегIан, хвел тIаса бищарал АхIулгохIалъул руччаби. Гьединал хIикматал руччабазул ирсилаллъун ругел жакъасел магIарул руччабаздасаги чIухIула дун. Ралагьея сверухъе – гьел руго киса-кирего. Хъизамалъул гъасда бакараб цIа свине толарей гьелъул хIакъалъулъ хъван свакачIо шагIирзабиги. Жидецаго жидеего бараб намусалъул сиялда жидерго къисматги бекIкIулаго, гьез гIумруялда рахъулел руго гIажаибго берцинал суратал. Гьединазул цояйги ккола МахIачхъала шагьаралъул №1 лъималазул больницаялъул отделениялъул нухмалъулей ПатIимат ГIалиева.
ГIодана ПатIиматилги сарин
— Щибаб къойил гIедегIун щолаан хIалтIуде. Дида лъалаан гьенир дихъ ралагьун чIун рукIин диде кIудияб хьулгун гьитIичазул улбул (ПатIиматица нухмалъи гьабулеб буго цIакъго гIисинал лъимал сах гьарулеб отделениялъе (грудное отделение). Диргоги цIикIкIунаан гIумруялде бугеб рокьи, гьелегьун бачIунаан гьеб дихъе, сахлъарал гьитIичазул гьими бихьараб мехалъ. Бабал карандаги хурхун, бакъул гьумер цIураб лъимер бихьидал, киналго захIмалъаби кIочон тола дида. Гьедин букIана гьеб къоялъги. Гьеб къоялъ лъималазулги улбузулги гьурмазда белъанхъулеб букIараб талихIалъул хьолбохъ рещтIана жеги лъиданиги жиндир гIамал-хасият лъалареб, гьитIинал-кIудиязда, херал- бахIаразда жинца рахIму гьабизе гьечIеб вахIшияб унти. Гьеб аскIобе гIагарлъизегIан, ракI-ракIалъ божулелги рукIинчIо. Амма хасалица тIабигIаталъулгун къо-мех лъикIги гьабун, ихтияр ихалъухъе кьолеб, гIадамазул ракIазда ихдалил махI рекIараб лахIзаталда, кIетIана гьеб гIумруялъул нуцIида, — янги бицунаго, къварилъахъдана ПатIимат…
Гьел къояз гIодана ПатIиматил саринги. ТалихIалъул гъасда хъаравуллъун букIараб гьелъул угьдиялъухъ угьдана тIолабго тIабигIатги.
Москваялдасан рачIунел ругьелазги тIадкъаязги бичIчIизабулеб букIана унтиялда нахъе къазе ракIалда гьечIеблъи. Байбихьуда лъалеб букIинчIо унтарал лъималазул больницаялде рачIине рукIинги. Абулеб букIана унтарал лъималазе гIемеррахъазулаб больница хIадурулеб бугилан. Ва цо къоялъ больницаялъул нухмалъиялда лъазабула унтарал лъимал къабул гьаризе хIадуризе кколилан.
1 апрель — 8 июнь. Гьелда гьоркьоб заман цIакъго захIматаб ва хIалуцараб букIана. Цогидал больницабаздаго гIадин, гIолел рукIинчIо тохтурзабазе хасаб партал, дараби, рагIа-ракьанде щун лъалеб букIинчIо къобахъанагIан «ццидахунеб» бугеб унтуда кинаб дандчIвай гьабизе кколебали. Щайгурелъул гьелъ жиндирго гIамалал къойил хисулел рукIиндал.
ПатIиматица рихьизарурал суратазул кумекалдалъун дида цебе чIолеб букIана доб вахIшияб сипат. Ралагье цо параялъ нужги, хIурматиял цIалдолел, гьаб сураталъухъ. Гьалда берчIварабго, цебе паркъезе лъугьуна ТIадегIанасул кумекалдалъун тохтурзабазул хъатикь жиндир хадусеб къисмат бугеб, тIуркIараб, гIунун хутIараб гIумру.
Амма тохтурзабазда ракIалдецин ккечIо нахъе къазе. Хъизан-лъималазде регIичIого, гьел тIаделъана унтарал лъималазул гIумруялда цIияб рухI лъезе. Гьалеха унтарал лъимал. Гьездаго цадахъ унтана гьезул улбузул кечIги. Хехаб къагIидаялда хвасар гьабизе кколаан согIаб унтуца согIал ругънал лъураб эбелалъул кечI. КIиго лъимадул эбел, гьезулги лъималазул йокьулей дахIабаба ПатIиматида лъалаан гьеб кечI цIидасанги бохизе ккани, унтуда «зарал» рихьизе кколеблъи.
— Огь, букIараб бакIлъиха каранлъги, рекIеде тIаде бегун бугеб бакIаб гамачIлъун букIана нижее, больницаялъул хIалтIухъабазе, хвелалъ жиндихъа лъимер бахъун арай эбелалъул ахIи. Аслияб къагIидаялда унтулел, холел рукIана чакрил унти (сахарный диабет) бугел лъимал. Хъизамалда ругелщинал унтарал хIужабиги рукIана. Масала, гьитIинаб лъимерги унтун гьелда цадахъ ячIарай эбел жийгоги унтана, лъимералъухъ хал гьабизе вачIине ккана эмен. Цинги гьевги унтана гьенивго.
Гьанибго рехсечIого гIоларо больницаялъул бетIерав тохтур Супиян Абакаровасул цIарги. Гьесул жигарчилъиялъул ва кIудияб жавабчилъиялъул хIасиллъун ккола унти къезабиги, — ян бицана ПатIиматица.
ЦIидасан гьимана ПатIиматил кечI
ПатIиматихъе иналде, цин дун телефоналъ кIалъана гьелъухъе. Гьелъул гьаракь рагIидал, дихъе цо гIажаибаб рохелги бачIана. РоцIараб, бацIцIадаб, берцинаб гьаракьалъ гьелъ данде жаваб гьабидал, дир ракI рагьун ана. Йихьилалдего, цIакъ рекIее гIурай ПатIиматил сипатги цебе чIезабулеб букIана дица. Гьаракьалда рекъон, гьей ятизе кколаан берцинай чIужугIадан. Дун мекъи ккечIо — цее чIезаюлей йикIаралдасаги гьайбатай йигоан гьей хIурулгIин. Берцинаб гьурмада гьелчелеб бугеб гьайбатаб гьимигун гьелъ дандчIвай гьабидал, бигьалъана дие гьелъулгун гара- чIвари гьабизе.
Унтул букIараб ахIвал-хIалги цIехон хадуб, гьелъ дие бицана жиндирго тохтурлъиялъул нухазул ва гьениб тараб щибаб хIокIалъул хIакъалъулъ.
ПатIимат ГIалиева гьаюна ва гIуна Советск районалъул ХIебда росулъ. Гьей ккола Гьандихъ росулъа. 1981 соналда ХIебда росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 1988 соналда ПатIиматица тIокIлъигун лъугIизабуна институталъул педиатриялъулаб факультет. Гьенибго лъугIизабуна интернатураги.
ХIалтIана республикаялъул лъималазул клиникияб больницаялда (многопрофильная больница).
1990 соналъул февралалда хIалтIизе лъугьана республикаялъул медобъединениялъул кIиабилеб отделениялде тохтурлъун. Гьебго соналъул сентябралда хIалтIизе лъугьана гьабсагIаталда хIалтIулей йигеб больницаялде гьебго отделениялде. 2011 соналъул апрелалдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго 60 унтарасе бакI бугеб отделениялъе.
ЛъугIана ПатIиматилгун букIараб гара-чIвари. Биччанте гьелъул гьурмада кидаго къираллъун гьими букIине. Гьелъул талихIалъул сариназухъе кьурдулел гьитIичазул улбузул бакъулаб кечIгун цадахъ нахъа толел ругел гIумруялъул шагьрабазда ва сухъмахъазда къалъаги даимаб нур.
«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъги баркула ПатIимат ГIалиевалда, коронавирусалде данде къеркьолаго, рихьизарурал хIасилазухъ ва лъималазухъе тIадбуссинабураб гIумруялъул бакъалъухъ гьелъие щвараб шапакъат. Гьей яхъана Дагъистаналъул мустахIикъай тохтурлъун. Жегиги чIахIиял бергьенлъаби дуе, магIарулай!