ХIалтIизе ниятгун, гIадамазда божигун

Ахирал соназда гIемер бицунеб коронавирусалъ кинго рахIат толеб гьечIо гIадамазе. ЦIикIкIунеб буго унтаразул къадарги. Гьелде данде гьабулеб рагъулъ бищун кIвар бугеблъун ва пайдаяблъун тохтурзабазгун гIалимзабаз рикIкIунеб буго вакцина гьаби. Гьенирги руго дандчIвалел масъалаби, хIалтIи цебехун унеб буго захIматго. Дагъистаналда жеги хIажатаб къадаралде бахун гьечIо вакцина гьабуразул процент. Амма руго районал гьеб хIалтIи тIадегIанаб даражаялда гьабуралги. Гьеди- наблъун ккола, масала, Гумбет район. Гьебги хIисабалде босун, нижеца сапар бухьана районалде ва районалъул бетIер Гъалип Гъалиповасул- гун букIараб дандчIваялда рорхана гьеб ва цогидал суалал.

— Гъалип, гьаб хъулухъалда мун вуго лъабго моцIгIанасеб заманал- да. ГIунищ дуе гьеб заман райо- налда бугеб ахIвал-хIалалъулгун лъай-хъвай гьабизе, хIалтIуда гъорлъе лъугьине?

— Гьаб районалда гьавуравги гIуравги вугелъул, дун, район тун къватIив хIалтIулев вукIаниги, районалъул гIумруялдаса киданиги рикIкIалъичIо. ХIакъаб жо, кинабго мухIканго лъазе цебехун дир рес букIинчIо. Руго росаби дун щварал, жамагIаталгун дандчIварал, руго жеги щвечIелги. Гьаб къокъабго заманалда жаниб кинабго лъанин абуни, мекъи букIина. Амма, абизе бегьула, бугеб ахIвал-хIалалъул 50- 60 процент кIванин лъазабизе. Дун гьаниве вачIун вуго федералиял ва республикаялъулал батIи-батIиял программабаздаса пайдаги босун, бажари-рес бугел районцоязул жигаралда мугъчIвайги гьабун, кIвараб куцалда, бажарухъе хIалтIи гьабизе ниятгун.

— МагIишатияб хIалтIулъ дур буго цIикIкIараб хIалбихьи, мун гIемерал соназ хIалтIана республикаялъул энергосистемаялда ва цогидал бакIазда. Амма района­ лъул бетIерасул хIалтIулъ руго цо- гидал рахъалги – политикиял, со- циалиял ва гь. ц. Гьезде хIадурго вугищ?

— ГIатIиракьалда гIадин кIудияб политика гьечIониги, гьелъул гIаламатал гьанирги камуларо. БацIцIадаб политикаялда дандечIей дир гьечIо, амма хъубаб политика дие данде кколаро, гьеб дица къабулги гьабуларо. Дун политик гуро, дун вуго магIишатияв чи ва дие аслияллъун руго нухал, школал, больницаби, лъел суалал ва цогидабги. Гьеб рахъалъ хIалтIи дагьаб биччабихъан тунги буго районалда. ГIолел гьечIо специалистал, бажари-лъай бугел гIолохъабазе бокьулеб гьечIо мукъсанаб харжалъухъ магIарухъ хIалтIизе. Гьайгьай, хIалтIи гIемер буго, церечIарал масъалаби гIунги тIокI руго, амма дун гьел тIуразаризе хIадурго вуго. Аллагьасда ва гIадамазда цеве рацIцIалъиги цIунун, хIалтIи гьаби рикIкIуна дица тIадаб налъилъун.

— Ахираб кIиго соналъ тIад лъураб гьир гIадин буго гьаб балагьаб унти — коронавирус. Специалистаз чIезабухъе, гьелдаса цIуниялъе гьабсагIаталда буго цо дару — вак- цина гьаби. Гьеб рахъалъ Гум- бет районалъ рихьизарулел руго лъикIал хIасилал, республикая­ лъул районазда гьоркьор нуж руго цебесеб кьерда…

— Дунги дир тIолабго хъизан- ги гъоркьиса унтана. Гьединлъи- дал дида лъала гьелъул бухIи. Гьаб хIалтIуде лъугьиндал, дица ахIана райбольницаялъул бетIерав тохтур ва цIехана коронавирусалъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьес абуна гIадамазул 40 процен- талъ гьабун бугин вакцинайилан абун. Гьенирго дандрана киналго суалал, ургъана план ва гьелдаса на- хъе тIадчIун байбихьана хIалтIизе. ГIезегIан рукIана божуларел, гьаби- ларин вакцина абун чIарал, хIажат гьечIел харбал рицунел гIадамал. Ниж гьезухъ балагьун чIечIо. Дица администрациялде ракIарана ро- сабалъа имамзаби ва жамгIиял хIаракатчагIи, киналго ахIана жига- раб куцалда бичIчIикьеялъул, малъахъваял гьариялъул хIалтIи гьабизе. Хасаб данделъи тIобитIана росабазул бегавулзабазулгунги. Дидаса байби- хьун, администрациялъул киналго хIалтIухъабаз гьабуна вакцина. Дица тIаде босана дир гIага-божарал гьел- де ахIизе, гьебго тIад къана адми- нистрациялъул хIалтIухъабаздаги. Гьебго суалалда хурхун рукIана дандчIваял сахлъи цIуниялъул, лъай кьеялъул учреждениязул нухмалъулезулгун. Росана вакцина цIунизе рес кьолел холодильникал, гIадамазе бигьалъиялъе вакцина гьабизе байбихьана, цохIо райцентралда гуреб- ги, участковияб больница бугел росабалъги. ГIемераб хIалтIи гьабуна медицинаялъул хIалтIухъабаз. Гьеб киналъулго хIасилалда жакъа къоялде вакцина гьабун буго районалъул гIадамазул 90 проценталъ.

— «ХIакъикъат» газеталъе подписка гьабиялъул рахъалъги магIарул районазда гьоркьоб Гумбет буго тIоцебесеб бакIалда (400- ялде гIагарун экземпляр). Щиб дуца абилеб гьеб хIужаялда бан?

— Дун гьаб хъулухъалде ккедал, гьебги баркун дихъе кIалъан рачIун рукIана газеталъул бетIерав редак- тор ГIумахан ГIумаханов ва гьесулзаместитель Зикрула Ильясов. Ккана подпискаялъул хIакъалъулъ хабарги. Хадур дица ракIарана администра- циялъул хIалтIухъаби, росабазул бегавулзаби ва тIад къана подписка- ялъул суал дагьаб хIалуцинабизе. Росабалъ ругел гIадамазе бокьула газета ва гъираялда цIалула. Ниже- даги бичIчIула гьеб чара гьечIеб ва кIвар бугеб хIалтIи букIин. Подпи- скаялъул рахъалъ район тIоцебесеб бакIалда букIин гIемер лъикIаб иш буго ва хадубккунги гьеб хIалтIи гьоркьоб къотIизе тезе гьечIо. Ад- министрациялде бачIунеб газета цIалулеб бугониги, битIараб бица- ни, дица исана жеги хъван букIинчIо «ХIакъикъат». Гьале жакъа гьабизе буго гьелъие подписка.

Коронавирусалъе — зар, хIалтIуе – хIасил

Районалъул нухмалъулесулгун гара-чIвариги гьабун, ниж щвана райполиклиникаялде ва дандчIвана врач-рентгенолог Гулисат Худатбеговвагун. 

— Гулисат, цогидал районазда дандеккун, вакцина гьабиялъул иш нужехъ цIакъго лъикI букIин бихьулеб буго. Кин кIвараб, сунца квербакъараб?

— ТIоцебесеб иргаялда, гьеб буго райбольницаялъул бетIерав тохтура- сул хIалтIул хIасил. ЛъикI хIалтIана инфекциязулгун эпидемиологияб хъулухъ. Гьаниб гIуцIун букIана прививкаби гьариялъул хасаб комиссияги. Районалъул нухмалъиялъги кьуна гьеб суалалде кутакаб кIвар. Гьеб киналъулго хIасилалда нижеда кIвана прививкаби гьабуразул къадар 90 проценталде бахинабизе. Амма гьелда гIей гьабун ниж чIунги гьечIелха.

— Жеги вакцина гьабичIезда щиб дуца абилеб?

— Байбихьуда дунгоги йикIана гьелда божуларого. Хадуб дида би- хьана кинабго, бичIчIана прививка гьабичIого тIубалареблъи. Дицагоги гьабуна, гьабиялдасаги разилъана. Дир киналго лъималазги гьеб гьабуна. Дица киназдаго абула ва абизеги буго – хIинкъизе, беркъазе ккараб жо гьениб щибго гьечIин, вакцина гьабизе кколин.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ