ВахIшичи кIиго соналдасан ккуна

Каспийскиялдаса микьго сон барай ясалда зулму гьабурав чи ватана Лаваша районалдаса

 

18 октябралда цIех-рехалъул идарабаз ккуна 2018 соналда Каспийскиялдаса Калимат ГIумарова чIварав чи. Гьев ватана Лаваша районалдаса, 1984 соналда гьавурав МирзагIалибахIандов МухIамад. Жинцаго гьабураб такъсиралъе гьев мукIурлъанин бицана республикаялъул цIех-рехалъул идарабаз.

Сурав босулелъул, МирзагIа­ли­бахIан­довас кьурал баяназда рекъон, микьго сон барай Калимат ГIумарова гьес йикъун йиго эбел-инсухъа гIарац бахъизе къасдалда. Гьеб мурад тIубачIеб мехалда, хIалги гьабун, чIван буго гьес квергIанасеб лъимер. Лага-лага батIа гьабураб Калиматил жаназа батана 2018 соналъул сентябралда цо рахънибе жанибе рехун. Гьей тIагIаралдаса бан букIана кIиго моцI.
Чед босизе тукаде эбелалъ йитIарай Калимат нахъ юссине кватIидал, телефоналдасан ясалъ жаваб кьоларо. РахIат хварай эбел йортула къватIие, ясалъул хIакъикъат цIехезе. Амма гьелъул хIасил ккечIо. Яс тIагIана. Гъаримай эбелалъул рахIатги макьуги сверана гIазаб-гIакъубаялде («Кие арай дир, Калимат? Дир чохьол лъимер, дир гьитIинай яс!»).
Пикрабаз, ургъелаз ракI ссуссун балей, тату хун эбелги гIагарлъиги бугеб мехалъ, яс йикIуна аскIобго бугеб минаялъул подвалалъуй, ягъзинав хIалихьатица жаний тIамун. Сундуе? Эбел-инсуца яс чIаго нахъе кьуралъухъ гIарац кьезе гIоло. Цебеги чанго нухалъ нилъеда рагIараб, амма ракьалдаса тIагIинабизе кIвечIеб инжитаб, вахIшияб къасд. ГIарац щолареблъи бичIчIарав гьес, йикъун ункъо къоялдасан чIвала микьго сон барай Калимат ГIумарова.
Гьединаб буго нижехъеги информалатаздасан щвараб баян. Социалиял сетазда лъун бугеб, жинцаго гьабураб вахIшияб такъсиралъе гьев мукIурлъулеб видеоялъухъ балагьун хадур, цо-цоял гьелда божана, цогидал божичIо. ЦIакъго бигьаго мукIурлъулев вугин жиндирго такъсиралъе, хIал гьабун тIаде босизабун букIин бихьулеб бугилан, щакдараби рижана цо-цо чагIазул гьеб хIужаялда хурхун. Лъаларо, букIарабищ гьедин хIакъикъаталдаяли, амма гьабсагIат гьев жанив лъун вуго. Унеб буго цIех-рех, бакIарулеб буго материал, лъазарулел руго хIужаби, нугIзал.
Калимат ГIумаровалъул эбел-инсуца гIумру гьабулеб минаялда цебе 20 октябралда Каспийскиялда букIана гьитIинабго данделъи. 50-гIанасев чи вачIун вукIана къварилъиялда ругел ясалъул гIага-бажаразе ракI-макI гьабизе, зигара базе яги сихIкъотIун аскIор эхетизе. Калиматил кIудияв эмен МухIамадзагьир ГIумаровас гьениб абуна ахир гьединаб ккеялъе гIайиб низам цIунулел хIалтIухъабаздаги бугилан.
«Калимат тIагIараб тIоцебесеб къоялъго тIаса-масаго гьабунин абизе бегьула гьез жидедаго тIадаб иш. Дица гьезда абулеб букIана щибаб рукъалъул подъезд, квартира, подвалазухъ киса-кибго чIухь байилан. Амма гьез дир гьари гIадахъ босичIо», — ян бицана чIварай ясалъул кIудияв инсуца.
Калиматил гIагарлъигун данд­чIвазе рачIун рукIарал жамгIиял хIаракатчагIазги загьир гьабуна гьебго пикру. Низам цIунулел хIалтIухъабазул тIаса-масагояб хIалтIи гуребани, яс чIаго кодое щвезеги рес букIанин абуна гьезги.
Гьединго ясалъул гIагарлъи тIад рекъечIо Калимат чIварав хIакъикъаталдаги гьанже низам цIунулез ккурав чи вугодайилан щаклъигун гаргазе лъугьарал чагIазда. Такъсирчи гьев вукIиналда жидер кинабгIаги щаклъи гьечIилан гIаммаб пикру загьир гьабуна гьез. ЖамгIиял церехъабаз, гьединго абуна Калиматил гIагарлъиялъе, узухъда, бокьун бугин гьев иман къосарав чIвадарухъанасе тамихI жидецаго гьабизе. Гьезухъе кодове кьунани, жамгIияб судги гьабун, тIубалаанин гьез гьесул къваригIел.
Гьебго тIалаб гьабулеб буго гIадатияб халкъалъги. Киназго ракIалде щвезабуна 1997 соналда Буйнакскиялда ккараб лъугьа-бахъин. КъватIисел пачалихъазде хирияб багьаялде лугбал ричизе гIисинлъимал рикъулел рукIарал бихьинчиги чIужугIаданги, шагьаралъул аслияб майданалдеги рачун, тIаде нартги тIун рухIана 1997 соналъул 4 марталда.
Калимат ГIумарова чIварав МирзагIалибахIандовасеги гьединабго тамихI гьабизе кколин тIалаб гьабуна соцсетаздасан халкъалъ. Гьеб пикруялда тIад рекъана хутIарал магIарулалги. Амма гьесие пачалихъалъул къануналъ гьабила тамихI. Жеги Аллагьасул диванги цебе бугелъул…