Маскагун квердаххелал хIажалъила

ДРялъул премьерминистр Артем Здуновас тIобитIана видеоконферен­циялда бицана 20202021 цIалул соналде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ.

 

 

Аслияб кIалъай гьабуна ДРялъ­ул лъай кьеялъул министр Уммупа­зил ГIумаровалъ. «Дагъистаналда цIалул соналде хIадурлъулеб буго лъай кьеялъул 2440 идара. Щибалъ хIадурулеб буго цIалул соналде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ акт. Гьелда бан федералияб базаялда хъвалел руго киналго баянал. 17 августалде киналго школазул хал­гьабун бахъинабизе буго. Цо-цо му­ниципалитетазда руго Роспотреб­надзоралъул тIалабал тIуразаризе бажарунгутIиялъул рахъалъ масъа­лаби», — ян бицана гьелъ. Масъалаби тIурачIел муниципалитетазда гьор­кьор министралъ рехсана Болъихъ, Хунзахъ, Гъарабудагъкент, Гумбет ва ЛъаратIа районал.

 

Бицана цIиял объектал рагьи­ялъул хIакъалъулъги. Каспийскал­да рагьулеб буго 280 лъимадуе бакI бугеб лъималазул ах, рагьулеб буго 2294 цIалдохъанасе бакI бугеб ичIго школаги. Гьелде тIадеги, исана жеги рагьизе буго 9074 бакI бугеб 33 шко­лаги 58 лъималазул ахги.

 

 

У. ГIумаровалъ хасаб кIвар бусси­набуна коронавирусалъул заманал­да школазулгун лъималазул ахазул хIалтIул хаслъиялдеги. 20 августал­да букIине буго республикаялъ­ул учительзабазул Августалъулаб данделъи ва гьениб жеги мухIканго бицине буго лъай кьеялъул масъа­лабазул хIакъалъулъин абуна мини­стралъ.

 

1-4 классазул цIалдохъаби квана­заризе руго школалдаго. Гьелде бич­чан буго 629 миллионгун 600 азарго гъурущ. Амма гIемер масъалаби руго богорукъал гIуцIиялъул рахъалъин бицана У. ГIумаровалъ.

 

Байбихьул школалъул цIалдохъаби кваназариялъулги эпидемиялде дан­де къеркьеялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хIакъалъулъ бицана Роспотребнадзоралъул ДРялда бу­геб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас. Гьесул баяназда рекъон, киналниги школазда гьор­кьоса санитариял нормаби цIунун руго 604 школалда ва 121 школал­да гьечIо богорукъ; 483 школалъ­ул богорукъ буго, амма гьел рекъ­онкколаро чIезарурал тIалабазде. «624 школалъул богорокъор 1-4 классазул цIалдохъаби кваназаризе хIажалъула 70 азарго гIодор чIолеб бакI, нилъерин абуни, буго 58 азар­го. ЦIалдохъабазул гIаммаб къадар бахуна 198 азаргоялде. ХIисабалде босизе ккола цоги хIужа: лъимал кваназаризе ккола тIоцебесеб лъабго переменаялъул заманалда. Руго цо­гидал масъалабиги», — ян бицана Н. Павловас.

 

 

Тахшагьаралъул школазда бу­геб ахIвал-хIалалъул бицана МахIачхъалаялъул мэр Салман Да­даевас: «Цо-цо школазда жеги хутIун руго гIунгутIаби. Гьезул цоги нухал­да халгьабизе ахIизе руго Роспотреб­надзоралъул хIалтIухъаби. №№10, 49 ва 41 школазул администрациязе гьарун руго кьварарал бадирчIваял – гьабсагIаталда гIунгутIаби тIагIинариялъе хIаракат гьабулеб буго гьенибги», — ян.

Данделъиялъул ахиралда Артем Здуновас лъазабуна санитариял нормабазда рекъон цIали гIуцIизе хIажатал алатал – маскаби, квердах­хелал, кверазде речIчIизабулел спре­ял ва гь.ц. – чIезариялъе ресал рати­ялда тIад ургъизе кколин абун.